Календарь

Дагъистаналъул тарихалда декабрь моцI

 

1569 соналъул декабралда хвана магIарул хан ГIандуникI-кIиабилев.
1839 соналъул 29 декабралда Сугъралъ росулъ гьавуна 1877 соналда къокъаб шаригIаталъе нухмалъи гьабурав Дагъистаналъул ункъабилев имам МухIамад–хIажи Сугъури.
1868 соналъул декабралда Да­гъистаналда хутIун вукIана 1542 лагъ. Гьезул 78 процент эркен гьа­рура­лъухъ кьуна нусиялда кIикъоялда щу-щу гъуруш гIарцул. ХутIарал тархъан гьаруна гIарац босичIого.
1883 соналъул 8 декабралда Унсоколо росулъ гьавуна революционер, тIоцебесеб магIарул «Заман» газеталъул редактор МахIач Дахадаев.
1896 соналъул 7 декабралда Хасавюрт шагьаралда гьавуна инженериял аскаразул маршал Михаил Воробьев.
1899 соналъул 5 декабралда Темир-Хан-Шура округалъул Гъоркьа Хъарани росулъ гьавуна филологиял гIелмабазул доктор, профессор Шигьабудин МикагIилов.
1905 соналъул 2 декабралда пачаясул армиялъул полковник МухIамад ЖахIпаровасе кьуна «Япониялъулгун рагъда гьарурал ишазулъ бихьизабураб тIокIлъиялъе гIоло» абураб Георгийил 4-абилеб даражаялъул хъанч.
1905 соналъул декабралда Тип­лисалъул губернаторасул ишал тIуралев чилъун тIамуна Макъсуд ГIалиханов.
1912 соналъул 21 декабралда ГьоцIалъ росулъ гьаюна РСФСРа­лъул халкъияй артистка Зайнаб Набиева.
1916 соналъул 25 декабралда Лъондода росулъ гьавуна хъвадарухъан, 1953-1978 соназда «БагIараб байрахъ» газеталъул бетIерав редакторлъун хIалтIарав МухIамад Шамхалов.
1917 соналъул 23 декабралда Темир-Хан-Шурай гьаюна Дагъистаналъул тIоцеесей гIалимчIужу-магIарулай, машгьурай педагог, Дагъистаналъул гIелмабазул мустахIикъай хIаракатчIужу, филологиял гIелмабазул кандидат Гулжагьан Мадиева.
1917 соналъул декабралда Польшаялъул армиялъул полковник, «АхIулгохI» асаралъул автор Багьавудин Хуршилов тIамуна Дагъистаналъул хасаб рагъулаб гIуцIиялъул командирлъун.
1918 соналъул 27 декабралда гьавуна Муслимов ГIабдулвахIид ХанмухIамадович. СССРалъул хIур­ма­тияв энергетик, РСФСРалъу­л мус­тахIикъав энергетик, Дагъиста­налъул гидроэнергетикаялъе кьучI лъуразул цояв, «Дагъэнерго» гIу­цIиялъул управляющий.
1920 соналъул 15 декабралда Хунзахъ росулъ гьаюна Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчIужу ХIажа Локъалова.
1921 соналъул декабралда тIобитIана ТIолгодагъистаналъулго советазул съезд. Гьениб къабул гьабуна Дагъистаналъул аслияб закон — Конституция.
1923 соналъул декабралда Да­гъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шураса бахъана МахIачхъалаялде.
1923 соналъул 21 декабралда гьаюна ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Роза Элдарова.
1923 соналъул 21 декабралда гьавуна Буйнакск шагьаралда ву­къун вугев Совет Союзалъул БахIарчи Сергей Елистратов.
1927 соналъул 29 декабралда КIаратIа росулъ гьаюна Дагъистаналъул шагIир Машидат Гъайирбегова.
1931 соналъул декабралда ЦИКалъул президиумалъ хIукму гьабуна МахIачхъалаялда В. И. Лениние, Смольныялда аскIоб лъурабго гIадаб, памятник лъезе. Гьеб букIана пролетаразул вождасе советияб улкаялда, Москваялдаса хадуб, лъолеб кIиабилеб памятник, ва гьеб рагьана 1932 соналъул 1 маялда.
1930 соналъул 27 декабралда тIоцебе гIуцIана магIарул профессионалияб театр, амма цо чанго моцIидасан гьеб биххана. Хадуб, ВКП(б) ялъул хIукмуялда рекъон, гьеб 1935 соналда цIидасан гIуцIана ГIабдурахIман Магаевасул нухмалъиялда гъоркь.
1932 соналъул 5 декабралда Гиничукь росулъ гьаюна Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиева.
1932 соналъул 25 декабралда ЛъагIилухъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МухIамад.
1938 соналъул 29 декабралда ГIобода росулъ гьавуна машгьурав гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор, профессор Сиражудин ХIайбуллаев.
1939 соналъул 16 декабралда ТIелекь росулъ гьавуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав генерал-лейтенант МухIамад ГIабдуразакъов.
1944 соналъул 19 декабралда Гуни росдал сельсоветалъул председатель М. ГIабасовасул, «ЦIияб гIумру» колхозалъул председатель Ш. ХIасановасул ва байбихьул партгIуцIиялъул секретарь А. Ханбутаевалъул цIаралда бачIараб хIукуматалъул телеграммаялда Иосиф Сталиница росдал захIматчагIазде битIана салам ва БагIараб Армиялъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна фронталда ругезул хъизамазе 25 000 азарго гъуруш гIарац, картошка, ролъ, боцIи ва къайи-цIа бакIараралъухъ.
1945 соналъул 29 декабралда КIаратIа росулъ гьавуна машгьурав гугарухъан, Олимпиял хIаязул ва дунялалъул чемпион Загъалав ГIабдулбегов.
1948 соналъул 19 декабралда ЧIохъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Россия­лъул мустахIикъав артист Къурачев МухIамадтIагьир.
1949 соналъул 29 декабралда ГIанди росулъ гьавуна археолог, гIалимчи, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул член-корреспондент Хизри ГIамирханов.
1964 соналъул декабралда тIобитIана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул IV съезд. Гьенив кIалъана Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Расул ХIамзатов.
1987 соналъул декабралда космосалде воржана тIоцевесев дагъистанияв — космонавт Муса Манаров ва 1988 соналъул 21 декабралда гьесие кьуна Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар.
1991 соналъул 27 декабралда гIуцIана ва хIалтIизе байбихьана Дагъистан Республикаялъул Конституциялъулаб суд. Гьелъул нухмалъулевлъун вищана Салман ХIажимухIамадов.
1993 соналъул 21 декабралда, Дагъистаналъул Министрзабазул Советалъул № 565 хIукмуялда рекъон, республикаялда гIуцIана, гIурусал Дагъистаналдаса гIаммаб къагIидаялда гочунел рукIиналда бан, гьеб иш цойиде ккезабизе хIукуматалъул хасаб комиссия.
1993 соналъул 25 декабралда къуваталде лъугьана республикаялъул цIар «Республика Дагъистан» абун жинда жаниб хъвараб Россиялъул Конституция.
1993 соналъул 31 декабралда гIумруялдаса ватIалъана гьунар бугев тохтур, мединституталъул ректорлъун вукIарав МухIамад Макъсудов.
1994 соналъул 12 декабралда Россиялъул хIукуматалъ Дагъистаналда, Чачан Республикаги гьоркьоб тун унеб, цIияб маххул нух базе хIукму гьабуна. Хадуб гьелъие щвана «гIумрудул нух» абураб цIарги.
2000 соналъул 29 декабралда Россиялъул президент В. В. Путиница къабул гьабуна Дагъистаналъул вакилзабазул 44 чиясдаса гIуцIараб къокъа.
2001 соналъул декабралда Россиялъул ТIабигIиял сурсатазул ва КъватIисел ишазул министерстваязда халгьабуна, Азербайжаналъ хIадур гьабураб, Россиялда ва Азербайжаналда гьоркьоб Самур гIурул лъим бикьиялъул хIакъалъулъ къотIи-къаялъул. Гьелда бан, Дагъис­таналъул нухмалъулез Россиялъул президентасухъе жал рази гьечIолъи загьир гьабун кагъат хъвана ва бихьизабуна, Самуралъул лъим бикьулаго, Дагъистаналъул халкъазул тIалабал хIисабалде росизе ккелилан.
2003 соналъул 16 декабралда радал ЦIунтIа районалде Чачаназул рахъалдасан бачIана яргъид гIуцIарал хъачагъазул къокъа. Гьез гъоркьлъалие росана Шаури ва Мокъокъ росаби.
2007 соналъул 9 декабралда гIумруялдаса ватIалъана Россия­лъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист, ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб премиялъул лауреат МахIмуд ГIабдулхаликъов.
2010 соналъул 15 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIараб Да­гъистаналъул халкъазул III съездалъ хIукму гьабуна республикаялда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул байрамалъул къо чIезабизе. Хадуб, республикаялъул бетIер МухIамадсалам МухIамадовасул указалда рекъон, гьединаб къолъун бихьизабуна 15 сентябрь.
2011 соналъул 15 декабралда МахIач­хъа­лаялда чIвана «Черновик» га­зеталъул ре­дактор ХIа­жи­мурад Камалов.
2017 сона­лъул декаб­рал­да гьарурал экономикиял хIа­силаз бихьизабуна Дагъистаналда гьоркьохъеб харжалъул къадар Россиялда бищунго гIодобегIанасеб букIин. МоцIрол гьоркьохъеб харжалъул къадар букIана 13, 6 азарго гъуруш.
2017 соналда, гьаб соналъул декабралда гьабураб хIисабалда рекъон, республикаялде рачIарал туристазул къадар цIикIкIана 18 проценталъ. Гъоркьиса Дагъистаналде вачIана 608 азаргогIанасев чи. Гьезул цIикIкIарасел рукIана ралъдахъе хIухьбахъизе рачIарал

Зикрула Илясов,
Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъулаб гIуцIиялъул председатель