Подписка — 2019

Зулму гуро, хIал гуро,  «ХIакъикъат» хъвазе буго

 

Ахираб заманалда гIемерисезул кIалдиб ругьунаб рагIи буго заман квешлъун, гIалагъважа цIикIкIун, чороклъи гьарзалъун бугин абураб. Амма къанагIатавги чияс хIисаб гьабуларо ва жинцаго жиндиего суалги кьоларо, гьаб чороклъиялдаса рацIцIалъиялъе дицаго щибха гьабулеб бугебилан. Бищун бигьаяб жо буго заманалде гIайиб рехи ва чияр бадибе унеб сумал гIучI бихьизаби. Заман гурин квешлъун бугеб, дунги мунги жагьиллъиялъ кверде росун ругин, нилъерго бадиб къан бугеб чIалу бихьизе бокьулеб гьечIин абуни, мекъи-мекъи ралагьула, гьедин бугин тIолабго улкаялдагойиланги абун, тIалъиялде гIайиб рехизеги лъугьуна. ГIайиб гьечIев гьудулги, багьана гьечIей лъадиги йикIунарин абула магIарулаз. Гьелъухъего, цогидасул гIайибал ралагьи лъугьин буго нилъерго жагьиллъи. Жагьиллъиялдаса кIудияб мискинлъиги кинабха букIинеб? Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суал буго гIасрабаз инсанияталда цебечIараб, ва амма жаваб щвезе бокьарасда жаваб балагьизеги кIолеб. Умумуз абула жагьиласул тIагIаталдаса гIалимасул макьу хириябилан. ГIалимлъун щивав чи вахъинчIониги, жагьиллъи лъухьизегIаги нилъеда кIола. Гьелде ахIулел руго «ХIакъикъат» газеталъги. Жагьиллъиялде данде рагъ балеб алатлъун газеталгун журналал рукIиналъулги гIемер бицуна гIакълуги бугел, гIелмуялъул ахикьа пихъил тIагIамги цIцIулел, дунялги бихьарал, лъикIабги квешабги батIабахъизе лъалел гIадамаз. Нилъер кIудияв шагIир Расул ХIамзатовас абулаан газеталгун журналал ругин лъай кьеялъул къебелъийилан. Гьеб къебелъухъе вачIарав чIового тIадги вуссунарилан.
ХIурматияв магIарулав, тIасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тIаде щолеб бугелъу­л, гьелъухъ кьолел гъуршазда барах­щичIого, хъвай ва цIале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ра­кIалдещвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. Нилъеца нилъер­го мацIалъулги, тарихалъул­ги, адабиятгун маданияталъулги, гIа­дат-гIамалазулги къимат гьа­бичIони, гьеб гьабизе къватIиса чи вачIунаро ва вачIарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола.
Редакция