Редакциялде кагъат

АхIи базе ккараб хIал

Буйнакск – Лаваша шагьранухал къачIазе заман щун буго

Буйнакск ва Лаваша районазул гIадамазул рахъалдасан, рагьараб кагъатилан тIадги хъван, ДРялъул бетIер Владимир Васильевасухъе хъвараб кагътида хъвалеб буго: «Буйнакск районалъул Карамахьи, Гъадар, Чанкурбе, Дурангъи, Арахкент, ХIабщи, Гъоркьияб Жунгут, ТIасияб Жунгут ва Лаваша районалъул ХъахIаб­росу (Ахкент), УхIли, КъулецIма, Урма росабазул гIадамаз гьарулеб буго Буйнакскалдаса Лавашибе бачIунеб шагьранух къачIаялъе кумек гьабейилан. ГьабсагIаталда гьеб буго машинаби хьвадун бажарулареб хIалалда. БакI-бакIазда лъугьун ругел гвендазулги буго кIудияб квалквал. Гьелъул хIасилалда кколел руго авариял, холел руго гIадамал. КIиябго районалъул гIадамазе цIакъго хIажатаблъун ккола гьеб — нижеца гIезабула хъапустIан, картошка ва цогидалги нигIматал. Гьединлъидал даран-базаралъе хьвадизе ккола Россиялъул батIи-батIиял шагьаразде, ракIбацIцIадго кьола нухлул налогги. Цебеги нижеца, кумек гьарун, кагъат хъван букIана Дагъавтодоралъул нухмалъиялъухъе. РагIи кьуна нухлул 4 километралде исана хъил тIезе. Амма гьелдалъун нух къачIай лъугIуларо. Гьединлъидал нижеда ракIалде ккана духъеги кагъат хъвазе, ва хьулги буго дуца нижер мурад тIубаялъе квербакъилин».
Кагътида цадахъ лъураб щуго тIанчида руго гьел районазул росабалъа гIадамазул гъолбасалги. Ва ахиралдаги гьарулеб буго гьаб кагътие жаваб Закаря Мутуевасул цIаралда, Буйнакск районалъул КъулецIма росулъе битIейин. Гьединго гьарулеб буго жавабалъул копия гьаб электронияб адресалдеги битIеян: zakarya.mutuev@bk.ru.