ЖКХялъул тарифал

МоцIида жаниб ЖКХялъухъ кигIан гIарац кьолеб къватIисел улкабазда?

Гьеб суалалъе жавабал ралагьана «АиФалъул» журналистаз

Канада: газ – гьеб буго квегIенлъи

«АиФ в Архангельске» абураб газеталъул редакторлъун хIалтIулей йикIарай Евгения Давыдовалъул хъизамалъ гIумру гьабулеб буго Канадаялъул Торонтоялда. Гьезул буго таунхаус – 180 квадратияб метр бугеб лъабтIалаяб минаги машина лъолеб кIиго бакIги. Чан гъурушха кьолеб гьелъухъ Давыдовалъ?
«Канадаялда гьечIо мина хинлъизабулеб яги бухIараб лъедалъун хьезарулеб гIаммаб къагIида. Щибаб минаялда гьеб буго батIа-батIаго. Минабахъ гIумру гьабулел гIадамаз ЖКХялъухъ гIарац кьола, счетчиказул баяналги кьочIое росун. Нижер гъоркьарокъоб бугеб лъим хинлъизабулеб къалиги печьги хIалтIула газалда. Ахирал соназда токалъухъ багьаби зодоре рахинаруна ва токалъ рукъзал хинлъизарулел гIадамазухъа гьелъухъ уна гIураб гIарац, масала, хасало кьезе ккола щибаб моцIалъ 300-400 Канадаялъул доллар (14,4-19,2 азарго гъуруш). Исана роол моцIазда нижеца кьезе ккана гIицIго газалъухъ 160 доллар (7,7 азарго гъуруш), цогидал моцIазда гьеб къанагIат гурони бахунаро 100 долларалдаса тIаде (4,8 азарго гъуруш), ва риидал – 40 долларалде (1,9 азарго гъуруш).
Риидал цIикIкIун гIарац уна токалъухъ. Октябралдаса маялде щвезегIан нижеца бухIана 3,4 азарго гъуршиде ток, амма риидал, ай кондиционер хIалтIулеб заманалда, моцIрое кьезе ккола 7,2 азарго гъуруш.
Счетчикалда рекъон, щибаб моцIалъ лъехъ кьола 1,4 азарго гъуруш, нижер къолониса кьишни баччаралъухъ кьола 599 гъуруш (гьеб батIа-батIаго бакIарани, мухьго босуларо). Хасало гIазу нахъе хъваштIаралъухъги риидал минаялда гIагарлъухъа хер бецаралъухъги ва сверухълъиялда рацIцIалъи гьабуралъухъги щибаб хъизамалъ кьола щуазаргониги гъуруш.
Киналъулго хIисаб гьабуни, гIаммаб къагIидаялъ ЖКХялъухъ нижеца щибаб моцIалъ кьола 320-340 Канадаялъул доллар (15,5-16,3 азарго гъуруш). Бищун дагьаб моцIрол харж щолев чиясе – Онтариоялда цо сагIаталъ хIалтIун щола 14 доллар (670 гъуруш) – гьеб гIарац гьабула лъабго къоялъги хIалтIун».

Германия: щай цIарагI чурулареб?

Германиялъул Франкфурталда гIумру гьабулеб буго «АиФалъул» йикIарай хIалтIухъан Вероника Шмидтица. Гьелъул хъизамалда вуго лъабго чи, ва гьез гIумру гьабула 93 квадратияб метр бугеб лъабго рукъа­лъул квартираялъуб. Мина буго ункътIалаяб, гьениб буго 16 квартираги лифтги.
«Германиялда жалго бетIергьанал рукъзал ругезулги ижараялъе рукъ ккуразулги къадар гIага-шагарго бащалъула. Нижеца гIумру гьабула ижараялъе босараб рокъоб. Гье­лъухъ моцIрое кьола 72 азарго гъуруш. Гьелде тIадеги кьола 21 азарго гъуруш коммуналиял хъулухъазухъ: рукъалъул налогги, страховкаги, кьишни баччаралъухъги, подъездалдаги азбаралдаги рацIцIалъи гьабуралъухъги, рукъ хинлъизабуралъухъги, лъехъги, лифталъухъги, подъездалда бакараб чирахъалъухъги, ахихъанасеги. Германиялда бищун дагьаб моцIрол харж буго 108 азарго гъуруш. ЛъагIалил ахиралда бачIуна «талихIалъул кагъат», гьелда бихьизабун букIуна ЖКХя­лъухъ хIакъикъаталда нижеца кьезе кколебги кьун бахъарабги гIарац. КъанагIат гурони букIунаро нижеца цIикIкIун гIарац кьеялъул хIужа (гьедин бугони, тIокIлъараб гIарац тIадбуссинабула), гIемерисеб мехалда 21-22 азарго гъуруш налъи батула.
Гьеб бараб букIуна цIатариялъул багьаялдаги, гьава-бакъалъул хинлъи-цIороялдаги, хъизамалъухъа экономия гьабун бажариялдаги. Цо-цо минабазде хинлъи кьола котельнаялдаса, цогидал минабазул щибаб квартираялда руго газалъул алатал. Щибаб батарейкаялда лъун буго термостатгун цадахъ вентиль – цIакъго хинлъани яги пуланаб рокъоб хинлъизабизе хIажалъичIони, вентиль къазе бегьула.
Нижеца тIасабищараб тарифалда рекъон, къаси сагIат анкьгоялдаса радал анкьго тIубазегIан ва гьатIанкъоязда тIубараб сордо-къоялъ ток букIуна учузго. Лъимги, токги, газги, хутIараб кинабгоги хIалтIизабула хъизамалъе зарал ккеларедухъ. Масала, немцазул рокъоб дида бихьана кинабго цIарагI кверал чурулеб бакIалдеги бан, тIаде цIарагI чурулеб сапунги тIун, хIеккине толеб. Хадубккун гьеб лъелъа къватIибеги бахъун хIалтIизабула. Хулизецинха хулуларо. Гьеб жо гIадлъун бихьана дида», — ян бицана Вероникаца. Жидее щолеб моцIрол харжалъул 40 процент рукъалъул ижараялъухъги ЖКХялъул хъулу­хъазухъги унин абуна гьелъ.

Бельгия: цIорорал
батареязул пайда букIуна

«АиФалъул» цоги хIалтIухъан Мария ван Валенгхейм ригьнаде ана Бельгиялде. Гьез гIумру гьабула Брюгге шагьаралда ижараялъе босараб лъабтIалаяб минаялъуб. 150 квадратияб метр бугеб рукъалъул ижараялъухъ гьез кьола моцIрое 700 евро яги 50 азарго гъуруш. Гьелде тIадеги коммуналиял хъулухъазухъ уна 18 азарго гъуруш. Бельгиялда гьоркьохъеб моцIрол харж бахуна 145 азарго гъуршиде.
Коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гIарцул хIакъалъулъ гьадин бицана Марияца: «Бельгиялъулаз цIодорго хIалтIизабула лъимги, хинлъиги, токги. Кранги рагьун, гъадаро чурулеб бихьани, гьезул цIакъ рахIатхола. Киналго рукъзал цадахъго киданиги хинлъизаруларо. Къаси къотIизабула батарейкабазде бачIунеб хинлъи: «гIакъилаб рукъ» абураб къагIидаялъ жинцаго гьел ракула рогьалилъ. Кьижулеб рукъ букIуна цIорораб, амма бельгия­лъулаз гьеб сахлъиялъе пайдаяблъун рикIкIуна», — ян.

Испания: лъим къотIизабула
бокьараб заманалда

Испаниялда бищун дагьаб харж буго 62 азарго гъуруш. Елена Аласил хъизамалъ босана Испаниялъул Кальп абураб шагьаралда микьтIалаялъул минаялъуб 100 квадратияб метралъул рукъ. АскIобго буго лъималазул ахги, лъималазул майданги, гьитIинабго бассейнги, теннисалъул кортги.
«Гьеб киналъухъго нижеца моцIрое кьола 225 евро яги 16,2 азарго гъуруш. Гьелда гьоркьобе уна рукъалъул налогги, гаражги, страховкаги; бассейналда, подъездалда ва азбаралда рацIцIалъи гьабиги, ахихъанасул мухьги, коммуналиял хъулухъалги, Интернетги. Батарейкаби нижер гьечIо, амма хIалтIула кондиционер. Лъим хинлъизабула газалъ. Коммуналиял хъулухъазухъ мухьги жидецаго бахъула банка­лъул картаялдаса. Гьелда батичIони гIураб къадаралда гIарац, хъвала налъи ва электронияб почалде кагъат битIула. Цадахъго свинабула ток, газ яги лъим», — ан бицана Еленаца.
«АиФалдаса» босараб