Улкаялъул бечелъи

Мина базе бакIгIаги кьолебани…

Гьонодаса Нурудиновазул хъизамалда буго 10 лъимер

ГъветI кьалбаз ккола. Амма гьеб берцинлъизеги, кIудияб гIезеги, гьелда тIад пихъ базеги ккани, хIажалъула гьелда хадуб гьабулеб хъулухъ. Гъуниб районалъул Гьонода росулъ гIумру гьабун бугеб Нурудиновазул хъизамалъул «гъветIин» абуни буго цIакъго берцинаб ва тIад гIемераб пихъ бараб. Гьезул хъизамалда буго цоцазул адаб-хIурмат гьабулеб, мадугьаллъиялъе кумекалъе хIадураб, малъаралъе гIедераб, исламалъул нух ккураб ва росдаего пайда бугеб 10 лъимер. Жеги 50 сонил ригьалде вахинчIев Камилица абула щибаб лъимадехун жиндир хасаб рокьи бугин ва тIадеги жубала жив жеги херлъун гьечIиланги. Гьезул хъизамалда кинабго лъикI бугин абуни, мекъи букIинаро. ГIадада гурелъулха абулеб лъимал гIемерал эбел-инсудаса талихIал чагIи ракьалда ратиларин. Амма цо гIунгутIиги буго: пачалихъалъул рахъалдаса хъизамалъе щолеб кинабгIаги кумек гьечIо. Камилица абула жив Аллагьас лъикI хьихьун вугин ва гьелъухъ Халикъасе щибаб какда хадуб шукруги гьабулин. Гьеб битIарабги буго. Гьелдаго цадахъ нилъее хIалалаб, законалда рекъон щвезе кколеб ризкъи тIалаб гьаби исламалдаги какараб гьечIелъулха…

«Дир буго 48 сон. ЧIужу ячана 27 сон бараб мехалда. Гьеб заманалда жаниб Аллагьас нижее кьуна 11 лъимер, анлъго васги щуго ясги. Цо вас къадаралде щвана. Бищун кIудияй яс ригьнаде кьуна. Бищун гьитIиналъин абуни бана щуго моцI. ХIалтIулев вуго школалда хъаравуллъун. Хъизан ПатIиматги хIалтIулей йиго ясли-ахалда богогьанлъун», — ан бицана Камилица.
«БетIербахъи гьабизе гIураб харж щолищ, пачалихъалъул рахъалдаса кумекго бугищ?» — ан цIехедал, Камилица абуна:
— Нижер магIишат нужедаго бихьулеб буго, тIасаборчIараб гьечIо, амма гьардезе вахъине ккараб хIалалдаги гьечIо. Диеги лъадуеги щолеб харж буго цIакъго мукъсанаб. Гьединлъидал гьаризе ккола цогидал хIалтIабиги. Пачалихъалъул рахъалдаса цо нухалъ нижер хъизамалъе кьуна 300 азарго гъуруш. ТIокIаб кумек бихьичIо. Лъималазеги пособие тун батIияб жо бачIунаро.
— Нужеца жаниб гIумру гьабулеб мина бихьула къваридаб. Гьаб гIолищ кIудияб хъизам жаниб хIебтIизе?
— Гьаб мина ккола дир эбел-инсул, ай дунго бетIергьанаб бакI гьечIо. Мина базе бакI тIалаб гьабун, чанго нухалъ щвана районалъул социалияб ра-
хъалъ гIадамал цIуниялъул управлениялде, администрациялде ва гьединго бакIалъулаб администрациялде. Амма кумек гьабулев чи гьечIо. Гьонода росулъ, хIажалъи ккарасецин, кьезе ракьул бутIа хутIун гьечIин абуна бегавуласги.
Камилил эбел ПатIиматги рахIатхун йигоан васасул кIудияб хъизан пачалихъалъ кIвар гьабичIого тун букIиналъ. «Улкаялда гIадамазул къадар цIикIкIине, ай демографияб ахIвал-хIал лъикIлъизабизе кколин ахIи балел рагIула хIакимзаби телевизоралдасан. Гьединал хъизамазе кумек щайха гьабулареб? ГIицIго эбел-инсуде рехун течIого, щай пачалихъалъ дагьабгIаги кверчIвай гьабизе бегьулареб? Ялъуни Дагъистан батIияб улкайищ кколеб? Лъимал кIодолъулел руго, ригьин-цIа гьабизе гIолел руго. Саламатаб, цебетIураблъун рикIкIунеб пачали-хъалъ гьезие мина-рукъалдалъунгIаги кумек гьабизе ккеларищ?» — ан абуна ПатIиматица.
Гьонода росдал гьоркьохъеб школалъул завуч Заира МухIамадовалъги лъикIаб къимат кьуна Нурудиновазул хъизамалъе. «Школалъул гIумруялъулъ хасаб бакI ккола Камилилги ПатIиматилги лъималаз. Щибаб тадбиралда гIахьаллъула, кумекалъе хIалае чIола, цIализеги хашал гьечIо. ПалхIасил, щаклъи гьечIо гьезул гIумру талихIаб букIиналда. Гьаб захIматаб, лъабго лъимерцин хьихьизе бажарулареб заманалда 10 лъимер гьабураб Нурудиновазул хъизамалъе баркалаги шапакъатги кьезе ккола пачалихъалъ», — ан абуна З. МухIамадовалъ.
ХIакъикъаталдаги Дагъистаналда ва хIатта тIолабго улкаялдацин гIемер гьечIо гьединал хъизамал. Амма квеш ккараб жо буго гьел, кумек-кверчIвайги гьабичIого, рехун тун рукIин. Гьайгьай, ракъун-къечон гьел хутIиларо, амма росдалги районалъулги администрацияз жанир чIезе бакIалъегIаги санагIалъи гьабизе бегьилаан.
Темирхан ХIасанов