Пикрабазул карачел

Пенсиязул реформа: дагIба-рагIи, бахIсал ва пикраби

 

Пенсиялъул реформа гьабизе бугин бицаралдаса нахъе лъугIулел гьечIо бахIсал. Абулеб буго, 63 сон бараб мехалда ихтияр кьезе бугин руччабазе пенсиялде ине ва бихьиназе – 65 сон бараб мехалда. Гьедин гьабиялъе гIиллалъун рехсолеб буго кватIичIого хIалтIулелги пенсиялде аралги россиялъулазул къадар бащалъизехъин букIин. Гьебмехалда пенсионеразе щибаб моцIалъ кьолеб пенсиялъул роцен дагьлъизабизе кколеб бугин абулеб буго реформатораз. Щайгурелъул бюджеталде бачIунеб гIарцул къадар дагьлъулеб бугелъул.

Пенсиялде ине ихтияр кьолеб заман цIикIкIинаби лъикIаб ишлъун рикIкIуна цо-цояз. Гьезул пикруялда рекъон, 55 сонил ригьалъул руччабазулги 60 сон барал бихьиназулги буго лъикIаб хIалтIул хIалбихьиги хIалтIизе гъираги. Амма буго гIаксаб пикруги: херлъанагIан гIемерлъулел руго батIи-батIиял гIузрабиги ва щивасул рес букIунаро гIолохъанаб заманалдаго гIадин хIалтIизеян абулеб буго гьез.
Лъайкьеялъул идарабазда хIалтIулел руго гIемерисел руччаби. Пенсиялде инегIан хIалтIизе бокьилищан гьикъана нижеца батIи-батIиял школазул учительницабазда. Гьез загьир гьарурал пикраби кьолел руго гьанир.
Ирайсат ГIабдурахIманова, биолог, 60 сон: «Дун пенсиялде ана 55 сон бараб мехалда. Амма школалдаса нахъе ине ракIалдецин ккечIо. Щиб гьабилеб рокъоб? ГIумруялъго хIалтIулей йикIарай дихъа бажариларо хIалхьиялда чIун. Дие рокьула дирго цIалдохъабиги, цадахъ хIалтIулел педагогалги, дирго хIалтIиги. Гьединлъидал, пенсиялде аниги, хIалтIулей йиго дун. Пенсиялде тIаде бачIунеб харжалъги цо бакI ккола. МоцIрое бачIунеб харж гIелаан дие, амма гIумру гьабизе расги бигьалъилароан – школалда дарсазул къадар цIикIкIинабеян гьаризе ккелаан. Гьанже пенсиялъул ригьалда бан къабул гьабизе бугеб цIияб законалда улкаялъул президентас гъолбасани, 55 сонил ригьалде рахинчIел учительзабазда ракIгурхIизе бачIуна. Щивасухъа гурелъулха бажарулеб 63 сон базегIан школалда хIалтIун».

КIиго соналъги хIалтIила

Татам ХIусенова, филолог, 58 сон: «Дида ракIалда буго 60 сон барабго пенсиялде ине. Щайгурелъул захIмалъулеб буго хIалтIизе. Аслияб къагIидаялда захIмалъула цIиял жал лъазаризе. Масала, исана нижер школалъул киналго учительзаби ритIана тьюторазул курсазде. Анкьида жаниб кIицIул унаан лекциязухъ гIенеккизе ва рокъор тIуразарулаан гьез кьурал тIадкъаял. ГIадалнах гьалулеб бугин кколаан – захIматал ва ракIалда чIезаризе бажаруларел терминалги цогидал жалги гIемер руго. Гьединал курсал жеги гIемер рукIине ратила. Ригь араб мехалда сахлъиги лъикIаб букIунеб гьечIо. Жеги 60 сон бачIей дица щибаб къоялъ гьекъезе ккола дараби. 63 сон базегIан кинаб сахлъиги хIалги хутIилебали лъаларо».

ХIукуматалда лъала

ПатIимат ГIисаева, ингилис мацIалъул учительница, 62 сон: «55 сон барай чIужугIадан ккола жеги жаналда йигей гIадан. Щай гьединай учительница рокъой чIезайизе кколей? Дица бана 62 сон, амма пенсионеркаян абизе бокьиларо. ХIалхьиялде инеги жеги заман бугин рикIкIуна. ХIукуматалда лъала, кин харж гьабизе кколеб гIарацали. Жакъа пенсиязе гIарац батичIони, кьогеха нижее гьеб. Рес ккезегIан хIехьела. Нилъеда тIадаб буго гьеб хIукмуялда разилъун чIезе».

КъанцIцIун къватIире рехи

Алла Дмитриевна, тарихалъул учитель, 60 сон: «Дун рази йиго хIлтIизе, буго бажариги. Пенсияги бугелъул, дагьал гурони дарсал росичIо дица. Нилъер улкаялда мукъсанал харжал кьолел рукIинчIелани, пенсиялъул реформа разиго къабул гьабилаан гIемерисез. Бищунго ццим бахъуна реформаялъе хъатчIвалел депутатал рихьидал. Дир яц хIалтIулей йиго Россиялъул цо шагьаралда, фабрикаялда. Гье-лъул буго 47 сон. ТIубараб къоялъ эхетун чIезе ккола гьей. ГьабсагIатго бохдул унтун йикIуней гьей кин хIалтIизе йигей 63 сон базегIан? Гьебцин гуродай цIияб реформаялъул аслияб мурад – басрияб чIорто кинигин къанги цIцIун, хIалтIудаса чи нахъе витIи?»

Свакан йиго

ХIурия НасухIова, математик, 58 сон: «КIудияб ригьалъул гIадан йигин дунилан абизе бачIунаро. Амма жакъа бугелдаса пенсия лъабцIул цIикIкIараб букIарабани, школалдаса нахъе инаан. Свакан йиго. 36 соналъ хIалтIана. Кидаго хIалтIулаан ракIбацIцIадго, лъималазде рокьигун. Цебе гIадин гьанже рази-ракиго унаро дун школалде, отпускалъул заманалда цIалдохъабазде ракI баларо, кигIан халатабин кканиги, отпуск дие хIухьбахъизе гIоларо. Цебе гIадинаб жигарги гьечIо. Абизе бегьила, учительлъун йикIарай дун гьанже роботлъун лъугьун йигин. Лъие хIажат вугев гьединав вечIарав, свакан тату хварав учитель? Кинаб пайда букIинеб гьесдаса цIалдохъабазе? Дир гьалмагъзабазул гIемерисел хIалтIулел руго гIицIго щолеб харжалъе гIоло».
Учительзабазухъ гIенеккидал, бичIчIулеб буго гьез батIи-батIиял рахъазул хIисаб гьабулеб букIин. 50-ялдаса цIикIкIун соналъ школалда хIалтIарал педагогазул, гьайгьай, буго лъикIаб хIалбихьи. Амма гьезие гIолеб гьечIо цIияб заманалъул къагIидабазда рекъон хIалтIизе бажари. Гьеб буго цо рахъ. Гьединал гIиллаби жеги ратизе бегьула. Гьединлъидал лъикIаб букIина, пенсиялде иналъул масъала жинцаго учителас тIубазе, ай пуланаб ригьалде вахараб мехалда, пенсияги босун рокъовищ чIелев яги хIалтIудейищ хьвадилев абураб суалалъе жаваб кьезе.
Кавсарат Сулейманова