Бищунго, бищунго, бищунго…

4 000 000 долларалъул багьаяб номер

 

Бищун багьаяб реклама

Духи Chanel N. 5 рикIкIуна дунялалда бищунго машгьураб махI бугеблъун. Гьелда рекъараб къваригIинарищха рекламаги. Гьединлъидал гьелъул хIакъалъулъ ункъо минуталъ бахъараб рекламаялъулаб фильм бищун хираго чIараблъунги рикIкIуна. Гьеб бахана 44 миллион долларалде, ай клипалъул щибаб минуталъул багьа бащалъана 11 миллион долларалда. Духиялъе реклама гьабурай актриса Николь Кидмание гонорар хIисабалда кьуна ункъо миллион доллар.

Бищун чIахIиял гIундул

Бищун чIахIиял гIундул ругеблъун рикIкIуна Африкаялъул пил. Гьелъул гIундузул халалъи 1,5 метралда бащалъула. Амма гьеб ккола гьелъул чорхол ункъил бутIа. Гьениб чемпионлъун рикIкIуна гIундул халатаб тушканчик. Гьелъул гIундузул халалъи бащалъула жиндирго черхалда.

Бищун къокъав баскетболист

НБАялда хIалел гIемерисел баскетболистал борхатаб черхалъул рукIуна. ХIикмалъилъун рикIкIуна гьезда гъорлъе гьоркьохъеб ва къокъаб черхалъул чи ккей. Гьедин, 80-90-абилел соназда хIаязда гIахьаллъулаан 160 см борхалъиялъул бугев Маггси Богз. Жакъа къоялда дунялалда бищун къокъав профессионалияв баскетболист ккола Эрл Бойкинс. Гьев хIала «Вашингтон Уизардз» командаялда ва гьесул чорхол борхалъи буго 165 см.

Бищун халатаб рагIи

Гиннессил рекордазул тIехьалде ракIарун руго батIи-батIиял мацIазда абулел бищунго халатал рагIаби. 1993 соналда гьенибе босараб бищун халатаб рагIилъун рикIкIунаан «рентгеноэлектрокардиографического» абулеб гIурус рагIи. Гьеб гIуцIун буго 33 хIарпалдаса. 2003 соналда гьеб хисана «превысокомногорассмотрительствующий» абулеб, 35 хIарпалдасан гIуцIараб рагIиялъ.
Лъаларо кинал тIалабаздалъун гьел рагIаби Гиннессил тIехьалде росаралали, гIурус мацIалъул тIалабазда рекъон, гIуцIизе бегьула бокьараб халалъиялъул рагIаби. Масала, химикиял цолъабазул цIарал: никотинамидадениндинуклеотидфосфатгидрин (40 хIарп) ва тетрагидропиранилциклопентилтетрагидропиридопиридиновый (55 хIарп) яги кIодолъи-гьитIинлъиялъул бицунеб — тысяча девятьсот восьмидесяти девятимиллиметровый (46 хIарп).
Бищун хирияб хIан

Дунялалда бищунго хирияблъун рикIкIуна сербазул Zasavica абулеб компаниялъул хIан. Гьеб гьабула хIамил рахьдал ва гьелъул цо килодул багьа ккола 1000 евро. ХIанил цо кило гьабизе хIажалъула хIамил 25 литр рахьдал, гьедигIанасеб рахь хIамидаса бечIчIула тIубараб лъагIалида жаниб. ХIамил рахь рикIкIуна инсанасул тIом берцин гьабулеблъун. Аби буго, Египеталъул хан Клеопатраца хIамил рахь жиндиего ваннаби гьаризе хIалтIизабулеб букIанинги.

Бищун багьаяб номер

ГIараб Эмиратазда тIоритIула машинабазул чIухIарал номерал ричиялъул аукционал. 2007 соналда гьеб аукционалда щун букIана 136 миллион доллар. Бищунго багьаяб номер «1» бичун буго Абу-Даби шагьаралдаса СагIид ГIабдул Гъаффар Хоерие 14 000 000 долларалде.

Бищун чIедераб мина

Польшаялъул архитектор Якуб Щесныл цо нухалъ бер речIчIана гIемертIалаяб кIиго минаялда гьоркьоб бугеб къваридаб бакIалда. Гьесул пикру ккана гьениб рукъ баялъе проект бахъизе. Дунялалда бищунго чIедераб мина бана 2012 соналда, гьелъул гIеблъи ккола 1,5 метр. Гьениб буго гьалбадерил рукъ, регулеб рукъ, богорукъ ва хIамам.
Дандегьаруна Нури Нуриевас