Кавказалда ахIвал-хIал

Эрмениялъул «рикьи»

 

Россиялъул Федерациялъеги Дагъистаналъеги дарслъун хутIила

Ахираб лъабго анкьалъ Эрмениялда букIана хIалуцараб хIал. Гьелъ рахIатхвезабуна Кремлялъулги.
Лъиданиги лъаларев ва вузалда цIалунги вахъинчIев журналист Никол Пашинянихъа бажарана гIаламго къватIибе бахъинабун. Пашинян ккола Эрмениялъул парламенталъул «Выход» абураб фракциялъул цевехъанги. Николил нухмалъиялда гъоркь Эриваналъулги республикаялъул цогидал шагьаразулги къватIазда лъабабго анкьалъ унел рукIана нухмалъиялде дандечIарал митингал. Гьез тIалаб гьабулеб букIана республикаялъул премьер-министрлъун вищарав Серж Саргсян нахъе айилан. 2008-2018 соназда Серж Саргсян вукIана Эрмениялъул президентлъун ва апрелалда гьев вищана премьер-министрлъун. Гьесул бакIалда Никол Пашинян теян тIалаб гьабулеб букIана эрменияз.
Кинаб хIалкIолъиги балъголъиги хIалтIизабун, Н. Пашинянихъа бажарараб кинабго халкъ къватIибе бахъинабун? Кавказалда кинаб хIасил ккезе бегьулеб гьединаб лъугьа-бахъиналъул? Кинал дарсал щвезе бегьулел гьелдаса Россиялъеги Дагъистаналъеги? Гьел суалазе жаваб кьезе хIалбихьила гьаб макъалаялда.

Политикиял реформаби

Ахираб кIиго соналъ Эрмениялда тIо­ритIана Конституциялъул реформа­би. Ахирги, президентасул нух­малъи­ялъул бакIалда, тахида тана парламенталъулаб нухмалъи. Гьанже республикаялъул нухмалъулевлъун кколаан хIукуматалъул председатель. Гьевги вищизе ккола парламенталъ – Эрмениялъул Миллияб собраниялъ. Гьелдаса цеве президентлъун 10 соналъ вукIана С. Саргсян. Гьелда гIей гьабун чIечIого, Сержил хиял лъуна премьер-министрасул хъулухъалдаги республикаялъе нухмалъи гьабизе.
Серж ккола Карабахалъул эрменияв. Карабахалъулал руго мугIрузул халкъ, ай магIарул халкъалъе хасиятаб гIамал бугеб къавм, рагъухъаби. Абизе ккола, карабахалъулал-эрмениязда гъорлъ гIемер руго удиналги – V гIасруялдаго, ай Кавказалъул Албаниялъул заманалда, насранияб динги босун чIараб лезги мацIалъул рикьилъун кколеб некIсияб къавм. ГIагараб 20 соналъ Эрмениялъул нухмалъиялда рукIана карабахалъулал. Гьездаса свакан букIана тIолабго республика, тIоцебесеб иргаялда – культурияблъунги цивилизациялъулаблъунги рикIкIунеб Эриван. Карабахалъулал гIемер руго пачалихъиял идарабаздаги, бакIалъул олигархазда гьоркьорги; гьез нухмалъи гьабулеб буго низам цIунулелгун къуваталъул идарабаздаги. Гьединлъидал халкъалъул хьул букIана премьер-министрасул хъулухъалде гьанжениги батIияв чи вищиялде.
Халкъалъул хьулалги хIисабалде росун, Никол Пашинян марталдаго, ай 17 апрелалда рукIинесел рищиязде хIадурлъизе цевеккунго, сапаралъ вахъана. Гьев щвана районаздеги, росабалъеги, шагьараздеги. ДандчIвана гIадамалгун, гIолилалгун. Халкъ гьесда божулеб букIана, щайгурелъул гьевги ккола «хIалбихьи гIемерав къеркьо­хъан». КIицIулниги туснахъалъув вукIана (гIаммаб къагIидаялъ хIисаб гьабуни, щугогIан соналъ) – масала, 2008 соналда халкъ багъа-бачаризабура­лъухъ; цебелъураб масъала тIубазабулев ва халкъалъе­гун ватIаналъе ритIухълъи цIунарав вукIиналъ – гьеб Николица тасдикъ гьабуна гIумруялъул хIужабаздалъун: 1994 соналда, политикияб хIаракатчилъи сабаблъун, гьев нахъе витIана Эриваналъул университеталъул филологияб факультеталъул ункъабилеб курсалдаса.
Премьер-министр вищулеб данделъи тIобитIулеб къоялъ Эрмениялъул парламенталъул минаялда цебе букIараб митингалда гIемер чи гIахьаллъичIо. Амма парламенталъ С.Саргсян премьерлъун вищараб мехалда, митингазде вахъана нус-нусазар чи. Саргсянида бичIчIана бигьаго гьеб масъала тIубазабун бажарулареблъи, ва гьес Пашинян ахIана гара-чIвариялъе. Николица жаваб кьуна, жив вачIине вугин гIицIго Саргсян нахъе иналъул бицунеб бугониян абун. Хадусеб къоялда 10 соналъ президентлъунги кIиго анкьалъ премьерлъунги вукIарав Сержица абуна, Пашинян витIарав вугин ва лъазабуна жив хъулухъалдаса нахъе иналъул хIакъалъулъ. ХIалчIахъад, Саргсян, гьелеха унго-унгояб эрмения­зулаб гIакъиллъи! Халкъалъе гIоло, жиндирго мурадалги кIочонтун, нахъе ана гьев, ва гьесул бажари гIуна жинца биччантараб гъалатI битIизабизеги.
Амма митингал гьелдалъун лъугIичIо. Щайгурелъул парламенталда вугев Республикаялъулаб партиялъул 58 депутатас, ай цIикIкIарасеб къадаралъ, Пашиняние гIуцIана гьев хIакъир гьавулебин абизе рес бугеб экзамен. «Кин духъа, анкьалъ гурони Карабахалъул рагъда гIахьаллъичIев ва гьебмехалдаги гIицIго хандакъал рухъарав чиясухъа, бажаризе бугеб республикаялъу­л БетIерав командующиясул хъулухъ тIубан, генералзабазе нухмалъи гьабун? Щиб дуца гьабизе бугеб, Евразиялъул экономикияб союзалда гьоркьоса Эрменияги бахъун?» — гьединал гIемерал суалал кьуна гьез Николие.
Кьуна гьес гьезие жавабалги. Амма депутатал жавабазда разилъичIо ва гьев вищичIо премьерлъун: гьесие гIечIо микьго гьаракь. Нухмалъиялда бугеб партиялъул вакилзабаз хутIизегIан, хутIарал киназго гьаркьал кьуна Пашиняние. Гьезда бичIчIана: Эрмениялъул майданалги къватIалги халкъалъ цIезарураб заманалда жидерго мурадазе гIоло тIирунчIей мекъаб букIин.
Парламенталъул данделъиялдаса хадубги Пашинян ана халкъалъухъе. Республикаялъул тахшагьаралъулги цогидал чIахIиял шагьаразулги гIумру лъалхъизабуна гьез: къан рукIана аэропорталги, шагьранухалги, пачалихъиял идарабиги. Гьезул гIуцIадго рахъиналдаса чIухIизе бачIуна!
Микьабилеб маялда цIидасанги ахIана парламенталъул данделъи. Гьелда Пашинян вищана премьерлъун. Рес­публикаялъулаб партиялъе щвана лъикIаб дарс. Халкъалъул пикруялъухъ гIенеккана гьев. Пашиняниде данде кандидатура лъечIо цонигияс. Гьесие гьаракь кьуна 58 депутатас, гьесде данде – 42 депутатас ва цояс гьаракь кьеялдаса инкар гьабуна.

Эрмениязул ахIи-хIуралъул дарсал

1. Ахираб 2-3 соналъ, Украинаялъулги, Сириялъулги, Крымалъулги масъа­лабаздеги машгъуллъун, Россиялъул берзукьа рикъун ун руго Евразиялъулаб союзалда ругел къайицадахъал, гьездаго гьоркьоб Эрменияги. Хасго информациялъулаб политикаялъул рахъалъ. Ахирал лъугьа-бахъинал ккезегIан ва кинабго къватIиб загьирлъизегIан, Россиялда лъалебцин букIинчIо гьениб бугеб хIал. Эрмениязе цIакъ бокьула жидер улкаялъул тарих ва гьеб хиса-сверизабизе хIалбихьарав чиясде дандеги рахъуна гьел цокIалго. Хасго тIасалъугьунаро гьел, тарихалъул баяназулъ гъалатI биччалев политикасдаса яги журналистасдаса. Цолъиялъул рахъалъ гьездаса мисал босизе мустахIикъаб халкъ буго.
2. Россиялъул таможенниказги, низам цIунулел ва цогидал идарабазул хIалтIухъабазги квалквал гьабулеб букIана нилъер улкаялда дарам гьабизе рачIарал эрмениязе. Гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабилъун ккола «Выход» абураб партия гIуцIиги. Бегьуларо, гьел нилъедаса кирениги тIоларо, унаро абураб принципалда рекъон союзниказулгун бухьенал гIуцIизе. Уна. ЦIакъ бигьагоха тIолел. Хасго хиса-басиязда хадуб халкколеб СШАги букIаго. БачIинахъего Пашинянил рахъги ккуна Америкаялъ. Щайгурелъул къватIазда митингал гIуцIун хадуб гIемерисел улкабазда букIуна низам хвей ва гьелдаса гIакъилго пайда босула СШАялъ.
3. Премьер Пашинянил нухмалъиялда гъоркь цIияб Эрмениялъ хIаракат гьабизе буго батIи-батIиял рахъазулаб къватIисеб политика гIуцIизе. Гьелъ жидеего нухал ратизе руго РФялдаги, ЕвАЭСалдаги, ОДБКялдаги гьоркьобги кIичIардулаан. ГIемераб жо бараб букIина СШАялъул рагIудаги. Гьениб гIумру гьабулеб буго гIемерал эрменияз. Руго гьел Конгрессалдаги Пачалихъияб департаменталдаги. Амма гьеб сухъмахъалъ кире рачине ругелали абизе захIмалъула. Гьединлъидал, СШАялъул рахъ рихьдаеги ккун, дир пикруялда, Россиялъулгун бухьенал камиллъизаризе нухал ратизе хIаракат гьабизе буго букIинеселъул тIалабалда бугеб Эрмениялъ. Мадугьалихъ бугеб Азербайжанги, гучаб къуватги бакIарун, рецIел босизе къачIанго бугелъул. Щиб кканиги, кумек гьаричIого тIубаларо Эрмения (гьебги букIине бегьула балъгояблъун).
4. Иргадулабги нухалда эрменияз дуналалъего бихьизабуна политикияб культураялъулги демократиялъулги тIадегIанаб мисал. Биял гIодор тIечIого, цоцаца рухичIого, халкъалъул гIуцIадлъиялдаса пайдаги босун, гIакълу-тадбир тIокIал церехъаби-къеркьохъабиги рищун, гьез хIакъикъаталдаги тIобитIана «бархаталъулаб революция». Халкъалъ бихьизабуна, хIажатаб мехалда, цокIалго мурад тIубазе рахъунеблъиги, киназего рихун-чIалгIараб нухмалъи тIасарехизе бажарулеблъиги. Нилъееги дарслъун букIа: бегьуларо ахиргьечIеб хIалбихьи гьабизе халкъалъул; бичIчIизе ккола, «тIасагъоркье хъущтIун унеб поездалдаса» заманалда рещтIине кколеблъи. гьеб буго Россиялъеги Дагъистаналъеги цIакъ лъикIаб дарс. КIалдиб лъуни, килищ хIанчIуларел «винтиказдаса» гIуцIараб пачалихъ букIунаро демок­ратияблъун. Демократияблъун ккола жиндиргоги дандиясулги адаб гьабулел гIадамаздаса гIуцIараб жамагIат. Гьединаблъун букIана нилъер умумузул демократия: жамагIатазда узденазги жамагIатазул цолъабазда гьезул вакилзабазги гIакълуги дандбан, гьарулаан кIвар бугел хIукмаби. Гьединаб демок­ра­тия тIадбуссинаби ккола жакъа аслияб мурадлъун.
Денга Халидов,
ДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиялги цIех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член