Араб батуларо…

 

 

   Ихдал хур бекьизеги, хаслихъе бачIин бакIаризеги кколеблъи лъидаго лъала. МагIишат гьабизе кколелъулха. МагIишатияб рахъалдаго цадахъ щивав чиясе хIажалъула «рухIияб квенги». Гьебин абуни жакъа мукъсанлъун унеб буго, нилъер хьвада-чIвадиялдаги гIамал-хасияталдаги тIад хIур бетизабулеб заман букIиналда бан. Амма заман гьадинаб бугинги абун, гьелде гIайибги рехун нилъ чIани, кинаб нухдедай ккела гIун бачIунеб гIел, нилъер лъимал. Гьезда рукIа-рахъинеги, адаб-хъатирги, адабиятгун маданиятги, тарихги малъичIони, гьеб кинабго ясбер гIадин цIунизе кколеблъиялде жакъа нилъе­ца гьел кантIизаричIони, огь, бухIаябилан ккечIого хутIиладай? Умумузул аби буго, бекилалде бухьине кколин бетIерилан абураб. Ахираб заманалда нилъеца «бетIер бухьинчIолъиялъул» хIасил жакъа дагь-дагьккун загьирлъулебги буго. Гьелдаса, ай жагьлуялдаса хвасарлъиялъул мурадалда, «ХIакъикъат» газеталъги хIаракат бахъулеб буго щивав чи «рухIияб кванде» вуссинавизе, нилъ щал ва киса рачIарал чагIияли, наслабаз наслабахъе кьун, рекIел тIиналда бикIун хутIуледухъ хIалтIи гьабизе. «Дица газета цIалуларо, цIаланиги гьениб хъвараб мукъулукъидаса эхебе унаро», — ян абулел гьалмагъзаби гьаб заманалда гIезегIан руго. Гьединазе ургъелги букIунаро жакъа жидеего щолеб жоялъул гурони. «Щолеб жоян буго жиранщинаб кIал»- абун хъванги гьечIищха шагIирас. КигIан нилъ хадур рекераниги, Аллагьас хъвараб гурони щоларин абула цIаларал чагIаз. Кинабгоги щун мурад тIубарав чиги дунял бижаралдаса вахъинчIин буго. ХIакъаб жо, кIалдибе борта багIаргIечилан чIунилан магIишат лъугьунаро. Аварагасул хIадисги бугелъулха, щивас гIамал гьабизе кколин абураб.

 

   МагIишат гьабиялдаго цадахъ тIалаб гьабизе ккола «рухIияб квенги». Чехь гIорцIизабураб гIо­ларелъулха! Чохьонибе ккараб унеб бакI буго цо, гьеб лъиего хIажалъуларо, гьелъухъ щивго валагьуларо.

     Амма ботIронибги рекIелъги бугеб – абадиялъ нахъе хутIула, наслабаз гьелдаса пайда босула. Жакъа гьабураб метер батулин абухъе, жакъа миллаталъул гIузрабаздеги миллияб газеталдеги кьолеб кIвар чучлъизе тани, метерисеб къоялъ нилъеда гIарада речIчIизе букIин хIакъаб буго. Гьедин ккечIого букIине, «рухIияб кванидалъун» гIумру хьезабизелъун хIалтIи гьабулеб басма буго газетаги. Гьединлъидал, щивав магIарулас хIаракат бахъизе ккела гьелдаса битIун пайда босизе, пайдаяб ирсалъе тезе. ХIурматияв магIарулав, тIасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тIаде щун бугелъул, гьелъухъ кьолел гъурщазда барахщичIого, хъвай ва цIале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ракIалде щвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. «Нилъго нилъехъангойилан» абурабила гIатIахинкIицаги. Гьелъухъего, нилъеца нилъерго мацIалъулги, тарихалъулги, адабиятгун маданияталъулги, гIадат-гIамалазулги къимат гьабичIони, гьеб гьабизе къватIиса чи вачIунаро ва вачIарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола. Гьединлъидал метералде тIамун течIого, почтальон вачIинегIан чIечIого, хIаракат бахъе жакъаго магIарул миллата­лъул аслияб басмалъун кколеб «ХIакъикъаталъе» подписка гьабизе.

 

 

 Кидаго нужее баракат-рахIмат гьарулеб «ХIакъикъат» газеталъул  редакция