Миллаталъул аслу

Дагьал церегIан къояз Халкъияб Собраниялъ тIобитIана рахьдал мацIазул суал борхараб данделъи

 

Республикаялъул Халкъия­б Собраниялъул председатель Хиз­ри ШихсагIидовас Миллиял гьоркьорлъабазул рахъалъ комитеталда тIадкъана Дагъистаналъул мацIазул хIакъалъулъ законалъул проект хIадур гьабизе ва гьеб парламенталъу­л се­ссиялда гьоркьоб лъезе. Гье­­лъул бицун тIобитIараб дан­де­лъиялда гIахьаллъана рес­пуб­ликаялъул парламента­лъул де­путатал, батIи-батIиял ми­нистер­ствабазул ва ведомствабазул вакилзаби, газетазул редакторзаби ва журналистал.
Халкъияб Собраниялъул пред­седателасул заместитель Еле­на Ельниковалъ абуна рес­пуб­ликаялда рахьдал мацIал цIуниялъул суал цIакъго кIвар цIикIкIараб бугилан.
«Жакъа цIалдохъабаз лъазабулеб буго ингилис ва цоги­дал къватIисел пачалихъа­зул мацIал. Амма гьебго заманалда дагьго гурони кIвар кьолеб гьечIо рахьдал мацIазде. Ма­цIал лъазариялда бараб буго миллияб культура цIунун ху­тIиги гьелъул цебетIейги. Гьелъ кумек гьабула лъималазе тар­бия кьезеги миллаталъул гIадат-гIамалал цIунизеги», — ян абуна гьелъ.
Миллиял ишазул министерствоялъ гьабулеб бугеб хIалтIул бицана министрасул ишал тIу­ралей Татьяна Гамалейица. «Ми­ллияб мацIалъ ва гьелъул ма­данияталъ бихьизабуларо миллияб хаслъи. Жеги чанги хаслъаби руго миллат бихьизабулел. ГIадамал дагь-дагьккун шагьаразде гочунел руго, гьелъ квалквал гьабулеб буго мацIал цIуниялъе ва церетIеялъе»,- ян абуна министралъ.
Гьеб суалалъул хIакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна Халкъияб Собрания­лъул депутат ХIамидулагь Му­хIа­мадовасги. Гьес абуна цIа­лул программаялда рекъон, ра­хь­дал мацI малъизе кколин ва гьеб иш ракIбацIцIадго тIу­базабизе кколин. Гьес бицана дагьаб цебегIан РФялъу­л Пачалихъияб Думаялда профильнияб комитеталъ улкая­лъул регионазда рахьдал ма­цIал цIуниялъул суал борхун бу­кIиналъул ва гьеб суалалде Пачалихъияб Дума тIадбуссине букIиналъул.
МацIазул гIалимчи МухIа­мад МухIамадовас бицана Да­гъис­таналъул мацIазул тари­ха­лъу­л ва гьелъул жакъа бугеб хIалалъул хIакъалъулъ.
«Нижеца цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялъул лъималазда рахьдал мацI кинаб даражаялда лъалеб бугебали ва якъинлъана 90 процент лъималазда мацI лъалеб гьечIолъи. МацI лъалин рикIкIунезда гьоркьорги гIемер руго литературияб мацI лъаларел. Гьединлъидал школазда рахьдал мацIал малъизе рихьизарурал сагIтазул къадар дагьабги цIикIкIинабизе ккола», — ян абуна М. МухIамадовас.
Гьединабго пикру загьир гьабуна «Елдаш» газеталъул редактор Камил ГIалиевасги.
«Жакъа бищунго аслиял масъалабазул цояблъун нилъее ккола гIолилазда рахьдал мацIалъул бугеб кIвар бичIчIизаби. Гьезулъги бижизабизе ккола мацI гьечIони, миллат тIагIунин абураб пикру», — ян абуна гьес.
Дагъистаналъул бетIерасда це­бе гIуцIараб ЖамгIият цебе­тIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас загьир гьабуна жакъа Дагъистаналъул жамгIиятги, мацIазда сверухъ бугеб ахIвал -хIалалда хадуб гIицIго хал­ккун чIун бугони ва хадубккунги гьелда сверухъ хIалтIи гьабичIони, рес бугин къокъаб заманалда жаниб мацIал тIагIинеян абураб пикру.
Дагъистаналъул халкъияй шагIир Шейит-Ханум Али­шевалъ бицана миллия­л мацIазда хъвадарулел гIоли­лазул тIахьал чIорого риччаялде ва гьезие грантал кьеялде кIварбуссинабизе ккеялъул. «ГIолилазде буссинабураб гьединаб кIваралъ рес кьезе буго миллияб адабият цебетIеялъе», — ян абуна гьелъ.
«ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас ракIунтун бицана рахьдал мацIазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул.
«КъваригIун буго лъималазул ахаздаса байбихьун рахьдал мацI малъиялде кIвар кьезе, школазда рахьдал мацIазул ЕГЭ тIобитIизе. КIвар кьезе ккола миллиял мацIазда тIахьал къватIире риччаялде ва миллиял газет-журналазда хIалтIизе махщел тIадегIанал ва камилал кадраби хIадур гьариялде. ЦIалул программабаздаги рахьдал мацIал малъиялъул суал букIине ккола тIоцебесеб бакIалда. Пачалихъалъулаб хъулухъалде хIалтIизе лъугьунев чиясухъаги экзамен босизе ккола рахьдал мацIалъул. Гурони, кIвезе гьечIо мацIал цIунизе»,- ян абуна гьес.
Шамай Хъазанбиева