Дагъистаналъул мацIазул нур

МахIачхъалаялъул № 58 школалда

 

Нилъер щивасе рахьдал мацI ккола гIумруялъ къисматалде кьабулеб цIумурлъун. Гьелъул гьаркьихъе рогьалиде дандчIвай­ги гьабула нилъеца гIумруялъул гIидраялъул хIасратал сариназухъги гIенеккула нилъ, гьелъ малъула нилъеда къисматалъул карачелазде данде лъедезеги. Гьеб гьаркьилъ буго эбелалъул кинидахъ кечI. Гьелъулъ буго нилъер къисмат къалъизабулеб нур. Гьеб нуралъ къалъизабун букIана 17 февралалда МахIачхъа­лаялъул № 58 школа. Гьениб тIобитIулеб букIана миллиял мацIазул байрам. Школалъул азбаралдаги, жанахIалъубги, классаздаги Дагъистаналъул каранда жавгьараллъун кенчIелел ругел миллиял мацIазул саринал. ТIубараб анкьалъго гьенир тIоритIулел руго миллиял мацIазда цIалдохъабазда гьоркьор кучIдул ахIиялъул, рикIкIиналъул, кучIдул, харбал, сочинениял хъваялъул, бищун лъикIаб къадал газета гьабиялъул къецал. Гьеб къоялъ гьарулел рукIана анкьица тIоритIарал тадбиразул хIасилал. Байрам нухда бачана школалъул магIарул мацIалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ. ЦIалдохъабазда байрам баркана «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъги. Гьелъ бицана газеталда лъималазе бахъулеб «БурутI» гьумералъ тIоритIулел конкурсазул хIакъалъулъ. Гьединго Шамай Хъазанбиевалъ рикIкIана гIагараб Хунзахъ районалдеги магIарул мацIалдеги гьарурал кучIдул. Муслимат Жамалудиновалъ рикIкIана рахьдал мацIалда кучIдул, бицана щивав чиясул гIумруялъулъ рахьдал мацIалъ кколеб бакIалъул.
Гьединго цIалдохъабазда ва рахьдал мацIазул учительзабазда байрам баркана школалъул директоралъул заместителал Назиля ГIумаровалъги, МухIамаддибир Валиевасги, Качар Цахаевалъги.
ЦIалдохъабазги бихьизабуна жидерго мацIазда кучIдул ахIизеги рикIкIинеги бугеб гьунар.
Балагьаразе кIудияб асар гьабуна цIалдохъабаз магIарул мацIалда лъураб театралияб церерахъиналъ. Гьелъул магIна букIана, мацI гьечIони, миллат гьечIин абураб.
Школалъул музыкалияв нухмалъулев МухIамад ГIумаровас хIадур гьарурал цIалдохъабазги бихьизабуна жидерго гьунар.
Школалъул нухмалъиялъ цоги нухалда баркана магIарул мацIалъул учительлъун хIалтIулей йигей ГIайшат ГIалиевалда исана тIобитIараб, «МахIачхъала шагьаралъул бищун лъикIав рахьдал мацIалъул учитель» абураб конкурсалда босараб лъабабилеб бакI.
Байрамалда жиндирго кучIдул рикIкIана тум ва магIарул мацIазул учительзаби Муслимат Жамалудиновалъги Зина ГIумаровалъги.
ЛъугIана миллиял мацIазул байрам. Байбихьана гьелъул цIурмихъе кьурдулеб гIумруялъул талихIаб лахIзат…
Зубейрат Ибрагьимова