ГIакълабазул гъамас

• Цо пуланаб къоялъ дуда бичIчIизе буго, ахир-къадги мун ахиралде щваравлъи. Гьебин абуни, букIине буго байбихьилъун.
• Сухъмахънухккун вачIунаго, данде вачIунесе нух биччан, хьибилалдехун гали тIаме. Кваналелъул дуего лъабил бутIа те, хутIараб цадахъ ругезе кье. Гьеб ккола гьаб дунялалда талихIавлъун вукIиналъул балъголъи.
• Шапакъат босиялъулъ цогидаздаса цеве кIанцIуге. ЛъикIлъи гьабизе цогидаздаса нахъе ккоге. Цогидаз дуего кьолелъул щвезе кколеб бутIа гурони босуге. ЛъикIал ишал гьарулаго, гьабизе кколелдаса дагь гьабун тоге.
• Цогидазда цебе дурго чин ва хъулухъ кIочон те. Цогидазда цере ккарал дурго мунагьал рекIелъ цIуне. Цогидаз дуе гьабураб лъикIлъи кIочене биччаге. Цогидаз дуе гьабураб квешлъи тIаса лъугьун те.
• РекIелъ рохелги гвангъиги бугони, бецIаб ракьул гвандинибги зобал кенчIола. РекIелъ бецIлъиги пашманлъиги бугони, бакъул канлъухъеги щайтIаби гIемерлъула.
• Квешлъи гьабурас гьеб гIадамаздаса бахчулеб бугони, гьев битIараб нухде ккезеги рес буго. ЛъикIлъи гьабурас гьелъул бицун гIакIа ахIулеб бугони, гьеб ккола квешлъи гьаби.
• Инсанасулъ хъантIиялъул рахъалъ цо пикру бижанигицин гьесул къвакIи — тамахлъиялде, гIакълу – ахIмакълъиялде, рахIму – согIлъиялде, рацIцIалъи — хъублъиялде сверизе буго. Гьелъин умумуз сахаватлъи багьадурлъилъун рикIкIунеб букIараб.
• Берзул канлъи ва гIинзул рагIи – къватIисел хъачагъал. Хьулал ва къасдал – жанисел хъачагъал. Хважаинас гьел ургъел гьечIого тани, гьел хъачагъал гьесул хIакимзабилъун лъугьуна.
• Рижи берцинав чи киназего вокьула. ГIаданлъи бугес дагIба цIодорго лъугIизабула. ГIакъилав чияс цогидазул рахIат хвезабуларо. РакIбацIцIадав чи чIухIдаруларо. Гьединал гIадамалги релълъуна тIинчIнайил гьацIуда, кванилъ рекъон ккараб цIамуда. Гьебги ккола инсанасул тIадегIанлъи.
• Бечелъиялъулъ ва рецц-бакъалъулъ гIуразулъ хIасратал, цIа гIадин, гьелегьун рукIуна. ХIакимлъиялде ругел къасдал релълъун рукIуна багIарараб коралда. РацIцIалъиялъул гьороца гьединал чагIи цIорозаричIони, гьез жалгоги цогидалги рухIула.
• АнцIго гъурущ бихьидал гьурмал кьер хисулесухъа бажаруларо гьитIинаб росдаецин нухмалъи гьабун. Нусго гъурущ бихьидал кьер хисулесухъа бажаруларо аскаралъе нухмалъи гьабун. 
• Кидаго жив витIарав вугин чIолесул ракI хъачIлъун букIуна.
• Инсан лъазе гьедигIан бигьалъуларо. Амма бигьаго лъазе кIолев мустахIикъав гьечIо гьудуллъун кквезе.
• Херазул адаб-хIурмат гьабуларел гIолилал заман щвелалдего хола.
• Къойида жаниб цониги лъикIаб рагIи рагIани, цониги лъикIаб гIамал бихьани ва жинцаго цониги лъикIаб иш гьабуни, абизе бегьула гьев чиясул къо гIадада инчIилан.
• Эбел-эмен лъималаздаса къадруял рукIуна. Амма жидехъ гIенеккуларел лъималазда цебе гьезулги чилъи хола.
• Инсанасулъ цогIаги ярагьунеб пикру гьечIони, гьев релълъун вукIуна кидаго гIебеде кверги битIун вукIунев гьардухъанасда. Инсанасул цогIаги бокьулеб иш гьечIони, гьев релълъун вукIуна цо бакIалда эхетараб цIулал хIохьода.
• ГIаданлъиялъулал пикраби релълъун рукIуна ихдалил баракатаб гьорода. ХIеренго гьеб пуйдал, тIабигIат чIаголъула. Квешал пикраби ре-лълъун рукIуна цIорораб савуялда. Гьеб тIаде ккедал чIагоябщинаб хола.