Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель

Араб анкьалда МахIачхъа-лаялда, 11-абилеб гимназиялда тIобитIана «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель-2020» абураб конкурс. Гьенив гIахьаллъана 20 учитель.
 
Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. ТIоцебесеб къоялъ конкурсалъул гIахьалчагIаз бицана жидерго хIалтIул, дарсазда пайда босулел цIиял методикиял къагIидабазул ва технологиязул хIакъалъулъ.
Исана къецалда гIахьаллъулей йикIана магIарул мацIалъул гIицIго кIиго учитель. Арал соназде дандеккун, гьеб цIакъго дагьаб къадар букIана. Бугониги, тIоцебесеб къоялъул хIасилазда рекъон, къецалда жюриялъе бищунго къабуллъана кадетазул корпусалда хIалтIулей магIарул мацIалъул учитель Лейла НурхIажиева.
КIиабилеб къоялъ учительзабаз кьуна рагьарал дарсал. Гьезул щияй мустахIикъай йикIана рецц-бакъалъе. Амма гьаб нухалдаги чIчIел босана Лейла НурхIажиевалъ.
Диеги рес ккана гьелъул дарсида гIахьаллъизе. Дарсил авалалдаго мугIалималъухъа бажарана лъималазулгун гIаммаб мацI батизе. Лъималазги гьей къабул гьаюна, къойилго йихьулей мугIалим гIадин. Дарс ана тIадегIанаб даражаялда. Грамматикаги адабиятги цолъизабун кьураб дарсалъ асар гьабуна жюриялъеги.
МугIалималъ цIалдохъаби рачана советияб халкъалъул бахIарчияб тарихалъул гъасде. Гьелъ бицана КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ. Лъимал гъираялда хIалтIулел рукIана дарсида. Дарсил ахиралда гьелъ цIалдохъабазухъе рикьана фронталдаса рачIунел рукIарал гIадал лъаббокIонал кагътал-конвертал. Щибалда жаниб букIана дагъистанияв – КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарчиясул сурат. Лъималаз рокъоб хъвазе буго гьезул хIакъалъулъ.
КIиябго къоялъул къецазул хIасилалда финалалде ворчIана 5 учитель.
Лъабабилеб къоялъ финалистаз кьуна классалъул сагIтал ва цIунана лъайкьеялъул проектал.
ЛъугIана конкурс, гьаруна хIасилал. ТIоцебесеб бакIа-лъе мустахIикълъана Лайла НурхIажиева. КIиабилеб бакI щвана № 55 школалъул лъарагI мацIалъул мугIалим Саида МухIамадовалъе. Лъабабилеб бакIалде ячIана №12 школалъул лак мацIалъул мугIалим Аксана Михадова.
Конкурсалъул гIахьалчагIазда ва призеразда баркизе рачIун рукIана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул вакилзаби. Лъабабго къоялъ тадбир гIуцIадго тIобитIизе квербакъана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул рахьдал мацIазул куратор Рукъият АбакархIажиевалъ ва № 11 школалъул учительзабазул ва цIалдохъабазул коллективаз.