Хъаме пенсионерал!

 

 

 

Цо данделъиялда кIалъалаго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ абун букIана херлъаниги хIалтIудаса нахъеги инчIого, учительзаби-пенсионераз ккун ругила хIалтIул бакIал. Гьединлъидал гIолохъанал учительзабазе рес щолеб гьечIила гьанжезаманалъул тIалабазде рекъонкколеб лъай цIалдохъабазе кьезе.

Министралъул рагIабазда рекъон, ругьунаб бакIалдаги кIусун, пенсиягун моцIрол харжги чвантиниб лъун, чIегIераб икраги кванан рагIула ригь арал учительзаби. Ва педагогияб вузги лъугIизабун, кивдай вугев дица лъай кьезе мустахIикъав дов цIалдохъанинги абун, дунял тирулев рагIула гIолохъанав учительги. ТIадежоялъе, гIемер векерахъдиялъ, вакъун-къечонги вукIинарищха гьев пакъир.

 

 

Амма бичIчIулеб гьечIо, щай гIолохъанав учитель «къварид гьавулев» вугевали. Дагьалъ цебе ахIи бахъун букIана улкаялъул школазе учительзаби гIолел гьечIин абун. 2019 соналъул щуабилеб февралалда Москваялда тIобитIараб «Большие данные: новые возможности мониторинга в образовании» абураб халкъазда гьоркьосеб конференциялда министралъ бицун букIана статистикиял баяназда рекъон, нилъер школазда хIалтIулел ругин 22-25 сон барал учительзабазул 5,5 процент. Хехал тадбирал гьаричIони, 5-8 соналдаса школазда хIалтIизе учитель щвезе гьечIин абун. Гьелъул магIна букIана, гьабсагIаталда ругелги учительзаби нахъе ани (херлъиялда бан, унтун яги хун), учительзаби гьечIого школа хутIулин абураб. Гьелдаса хадуб хIалбихьана гIолохъанал учительзаби школазде тIадруссинариялъул мурадалда тадбирал гIуцIизе. Рииялъго бицана, цIияб цIалул соналда учителасул харж цIикIкIинабизе бугин абунги. Гьебгиха – окладги цIикIкIинабун. Ахиралда хIукму гьабуна харж кIиго бутIаялдаса гIуцIизе: аслияб – 70 процент ва гъирабазабиялъулаб бутIа – 30 процент. Абулеб букIана октябралда учителасул харж ункъо проценталъ (!!!) цIикIине бугинги.

 

 

Гьанже бицунеб буго херал учительзаби школаздаса хъамизе кколин абун. Хъамеха. Гьб мехалда бихьилагури школалда щив хIалтIизе вугевали. Разилъизе вугищ гIолохъанав учитель, гьабсагIаталда бугеб харжалда рекъон, хIалтIизе? «Нижер районалда гIемерал соназ хIалтIулев учителасе щола 20 азарго гъурущ ва гIолохъанасе – 10-15 гъурущ. Кин гьез хьихьизе бугеб хъизам? Хасго гIолохъанав учителас? «Дима-дацил» квербакъиялдалъун, гIемерал гIолохъанал педагогал ана школалдаса нахъе, бизнесалде. Руго репетитораллъун хIалтIулелги. ГIумру гьабизе гIолеб пенсия букIарабани, ригь аразда гьоркьосаги цониги учитель хутIилароан школалда. Щайха гьезие къваригIараб ботIрол унти: гьоркьоса къотIи гьечIел отчетал, аттестациял, къецал…», — ан бицана 30 соналъул стаж бугев, цIёар рехсезе бокьичIев учителас.

 

 

Цо нухалда (гьеб букIана ДНИИПалда хIалтIулеб заман) магIарул росдал школалда гIурус мацIалъул дарсида гIодой чIарай дица кодобе босана цIалдохъаналъул тетрадь. Гьенир багIараб щакъиялъ лъун ругоан щуйил къиматал. ХатIги бугоан берцинаб. ЦIалана тетрадалда хъварал тексталги. ГъалатIазул цIун ругоан гьел. Хадубккун учителасулгун (гьев вукIана гIолохъанав учитель) гара-чIварулаго, дица гьикъана дол щуйилазул магIна щибилан абун. Гьев мукIурлъана, тIадкъаязул халгьабичIого, къиматал лъеялъе.

 

 

Школалъул масъалаби тIураялъул рахъалъ батIиял нухал ратизе кколаан федералияб министерствоялъ. Амма, кидагогIадин тIаса бищана бигьаяб нух.