ФГОСал

Цо-цо дарсал кьечIониги бегьилаан

Школалъул программа тIубанго хисизабуна, федералиял пачалихъиял стандартилан цIарги чIван, къабул гьабураб документалъ

ЦIалдохъабаз гъираялда нахъе рехилаан цо-цо дарсал расписаниялдаса. Учительзабазги гьел хисилаан цогидал дарсаздалъун. ЦIалдохъабазул эбел-инсуеги бокьилаан рокъобе кьолеб тIадкъаялъул къадар дагьлъизабизе. Нижеца, Инстаграмалъул кумекалдалъун, цIех-рех тIобитIана «Кинал дарсал школалда малъичIого тезе бегьулел?» абураб суалалда тIасан.

Дун школалда цIалулеб заманалда, нижеда, ай ясазда малъулаан хьухьаризеги, угьаризеги, квен гьабизеги, рукъаризегун лъутIаризеги. Васазда малъулел рукIана бихьиназе хIажалъулел махщелал – цIул бичIизеги, хъухъадизеги, бакI гьабизеги, трактор яги машина бачинеги. Абизе бегьила, советияб школалда лъимал куцалел рукIанин букIинесеб гIумруялде хIадураллъун. Жакъа иш батIайиса буго. Федералиял пачалихъиял стандартилан цIарги чIван, школалъул программа тIубанго хисизабуна. Масала, ИЗОялъул дарсида малъула (гьебги тIаса-масаго) батIи-батIиял суратал рахъиялъул техника, жанрал ва байбихьула бицине халкъиял махщелазулги некIсиял памятниказулги хIакъалъулъ
Технологиялъул дарсидаги буго гьединабго хIал: кин гIуцIизе кколеб хIалтIул бакIилан абураб накъиталдаса хадуб цIалдохъаби куцала кагътил ясикIаби гьаризе, рукъаризе ва квен гьабизе, амма гьел – хадурккун хIажалъизе ругел махщелазул кьучIал – малъизе бихьизабун буго цIакъ дагьаб заман. Масала, лъутIаризеги рукъаризеги малъула ункъо дарсида. Щиб ясазухъа гьеб заманалда жаниб лъазабун бажарулебали, жаваб кьечIониги, бичIчIулеб батила.
Нижер заманалда кечI ахIиялъул дарсида кучIдул ахIулаан – гьелъие гьунарги щивасул бугин толаан. Рохуца холаго ахIулаан нижеца – цо-цо яги кIи-кIиккунги хоралдаги. Жакъа гьеб дарсил бакIалда буго музыка. КучIдул ахIиялъул бакIалда малъула нотаби хъвазе. Киналго композитораллъун рахъинарищха гьанже.
Дир пикруялда, байбихьул классазул цIалдохъабазе рукIине ккола цереккун рехсарал киналго дарсал, амма лъималазе рес кьезе ккола жидее бокьахъе, ай бажарухъе, бугеб пагьмуялда рекъон кечI ахIизеги, сурат бахъизеги, кьурдизеги, пуланаб пьесаялда роль хIазеги. Щуабилеб классалдаса хадуб малъизе бегьилаан дунялалъул маданият – художествияб, музыкалияб, архитектурияб, технологияб ва гь.ц. Гьелъул цо дарсги гIелаан. Теория лъазабизе рес букIунелъулха тарихалъул дарсидаги.
Байбихьул школалдаго малъизе бегьулаан тIабигIат лъай. Кинаб хIайваналъ киб гIумру гьабулеб, щай цIад балеб, кин лъугьунел гIорал ва цогидал авалиял баянал кьела гьеб дарсида. Амма биологиялъулги, географиялъулги ва экологиялъулги мухIканал, ай гIелмияб кьучIалда гIуцIарал баянал кьелаан 10-11 классазда, гьел дарсал хIажалъулеб махщел тIасабищарал цIалдохъабазе.
Буго инсанасе щибаб къойил хIажалъулеб лъай. Масала, аскIов вугев классцоясе квеш лъугьани, кинаб кумек гьабилеб? Тохтур тIаде щвелалде, инсан хваликьа кин хвасар гьавилев? КъотIносан унаго, дуда хадур лъугьани яги пуланав чияс дуе хIинкъи кьолеб бугони, щиб гьабилеб? Гьел ва цогидал баянал, цIалдохъанасул ригьалдаги рекъезарун, малъизе бегьила 1-11 классазда. Гьеб дарсида рукIине ккела психологиялъулги, медицинаялъулги, экономикаялъулги, правоялъулги ва цогидалги гIелмабазул баянал. Гьарилаан теориялъулги практикиялги дарсал. Жеги гъваридго гьединаб лъай щвела факультативазда – 10-11 классазда.
Дагьалъ цебе байбихьана малъизе ингилис мацI кIиабилеб классалдасанго. КъватIисел улкабазул мацIал малъулаан кидаго, амма школалда гьебги лъазабун, тIасабищараб мацIалда гаргадун, накъит гьабун бажарулев цIалдохъан къанагIат гурони дандчIваларо. Рахьдал мацIалъул бакIалдацин гьеб малъеян, репетиторазухъе хьвадунги, лъазабизеян хIаракат гьабулел эбел-инсул пикруялда хадуйгъезе цIакъ захIмалъула. Гьезда кинго бичIчIулеб гьечIо гIадатияб жо: щивав чияс пикру гьабула цин рахьдал мацIалда (психологияб даражаялда). Хадуб гьеб пикру буссинабула жаваб кьезе хIажатаб мацIалде – гIурусалде, ингилисалде, парангалде ва гь.ц. Гьединлъидал, битIараб букIинаан, школалда цIалулебгIан заманалъ цIалдохъанасда гъваридго рахьдал мацI лъазабизе тIалаб гьабуни.