Хунзахъ тIалъиялда гьимараб къисмат

 

Советияб заманалда Дагъистаналде хIалтIизе ритIун рачIарал гIурус учительзабаз кIудияб бакI ккола нилъер тарихалда. Дагьаб мехалъ хIалтIизеян рачIарал гIолохъанал учительзабазул чангиязе нилъер гIаздалал мугIрул лъугьана гIагараллъун, гьезда батана гьаниб жидерго къисмат. Гьезул цояй ккола Седакова Валентина Петровна.

Гьелъул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ дие бицана Валенти­нал яс Раисатица. Гьединго, гьелъул рукIарал цо-цо цIалдохъабазги рекIелъ рохелги пашманлъиги жубараб асаргун бицана жидерго хирияй Валентина Петровнаялъул хIакъалъулъ.

КьогIаб лъимерлъи

Валентина Седакова гьаюна 1929 соналда Тула областалъул Белев районалъул Старая Велична ро­сулъ, мугIалимзабазул хъизамалда. Эбелалъ жиндирго лъимерлъиялъ­ул хIакъалъулъ рицарал баянал, ракIалдещвеял мухIканго цIунун ругоан гьелъул яс Раисатица:

  «Аваданаб ва талихIаб дир лъи­мерлъиялъул заманги тIолабго гIумруги кIалагъоркье буссинабуна рагъалъ. 12 сон букIана дир КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалъ. Ракьхасало ниж рокъоса нахъе рахъ­инаруна, гьенире немцал рачIана. Гьебмехалъ ниж батIияб районалде гочине ккана. 1943 соналда хвана нижер эбел. Рагъдаса хадуй дун, 9 классги лъугIизабун, цIализе лъу­гьана Белевалъул педучилищеял­де. МугIалимзабазул хъизамалда гIеялъгIаги батила, дида гьеб мах­щел гьитIинго берцин бихьулаан. 1952 соналда педучилище лъугIана. Ниж, гIолохъанал мугIалимзаби, СССРалъул батIи-батIиял бакIазде хIалтIизе ритIизе рикьа-къотIи гьа­булеб букIана. Дица тIаса бищизе кколаан Сибирь ялъуни Дагъистан. Цинги инсуца къватIибе бахъана кар­та ва балагьана: киб бугеб Сибирьги Дагъистанги. Дагъистан гIагарда букIин бихьидал, инсуца абуна, дуца Дагъистан тIаса бищейилан. Ва гье­динго гьес абуна мун цIакъ цIодорго йикIайин».

 

Къо-мех лъикI, гIурус ракь!

Салам, Дагъистан!

 

«Къо-мех лъикI, гIагараб Тула! Мун кидаго дир рекIелъ букIине буго. Дагъистан…Киндай дун къабул гьай­илей рорхатал мугIрузги, кьварараб тIабигIаталъги, дагъистаниязги?»-гьединал пикраби ххенолел рукIун ратила поездалдаги рекIун Дагъиста­налде ячIуней Валентинал ботIролъ. Гьелда киданиги ккун букIун ба­тиларо рикIкIадаб Дагъистаналъул мугIрузда жиндихъ балагьун чIараб талихIаб къисмат бугилан.

Дагъистаналде щвейгун, гьел киналго учительзаби рачана Лъай кьеялъул министерствоялде. Гье­ниб гьабураб рикьа-къотIиялъул хIасилалда Валентина Петровна йитIана Хунзахъе. Гьедин, хасалихъ­лъиялъул квачараб къоялъ щванин жий Хунзахъейин бицунаан гьелъ.

Хундерица жий цIакъ лъикI къа­бул гьаюнилан абулаан Валентинаца. Гьелъул хIеренго бицунеб гIурус мацI хехго хисана тамах­го ва кIарчамго бицунеб авар мацIалъ, ругьунлъана росдал рукIа-рахъиналдеги. Валентина цIакъ аваданай, ракIрагьарай, гъорлъ йо­сарай гIадан йикIанин бицуна хун­дерицаги.

Гьелда цадахъ рачIун рукIарал цогидал учительзабазул гIемерисел мугIрузул кьварараб гьава-бакъ­ги, росдал гIумруги данде ккечIого, гIемераб мех балелдего нахъе ана гьаниса.

Валентина Седаковалъул хIалтIулаб нух байбихьана Хунзахъ росдал шко­лалдасан. Гьенив гьелда дандчIвала вукIинесев гIумрудул гьудул -шко­лалъул завуч ГIаликулов МухIамад. Ва гьезул къисматал цолъула.

  Цодагьал соназдасан гьей ГIараниб интернаталде хIалтIизе лъугьу­на.

«Доб заманаялъ ниж хIурулъ тIерхьун хIалтIизе кколаан школал­да. БатIи-батIиял росабалъа гьени­ре интернаталде цIализе рачIарал лъималазул цIакъ тIалаб-агъаз гьа­булаан нижеца. Чвердезарулаан, гьезул гъизараб чурулаан, бихъараб букъулаан, битIахъе гьацIул гIучIал гIадин чIезарулаан. Ниж кида кьи­жулел рукIаралалиго лъаларо дида. Доб мехалъ гьанже гIадал шартIалги кирха рукIинел. Амма гьитIинго захIмалъи-къварилъи бихьиялъгIаги батила, дун кидаго хIалтIукьа хIинкъулароан», -илан гIемер бицу­наан гьелъ жиндирго ясалъе.

Хадуб, ГIаликулов МухIамад Самилахъ хъутаналде школалъул директорлъунги витIун, гьенире рахъана гьел. Ва тIолабго гIумруялъ гьений хIалтIана Валентина Петров­наги. Гьелъие школаги лъималги цIакъ рокьулаан, цIалдохъабазеги гьей цIакъ къиматай йикIана.

 

«Дун цIакъ талихIай

чIужу йикIун йиго»

 

  -Эбел цIакъ талихIай йикIана жийго мугIрузул ВатIаналда-Дагъистаналда хутIиялдасаги жиндир­го къисматалдасаги. Коммунистазул кьварараб заман доб бугониги, инсуе ячIунеб мехалъ гьелъ босана исла­мияб дин. Хадубин абуни, цIарги хисана Муслиматилан. Жиндир бищунго кIудияб талихI-жий бусурманчIужулъун лъугьин бугин рикIкIунаан гьелъ кидаго. “Дун йикIана Валентина, лъугьана Мус­лиматлъун”-абулаан гьелъ.

   Эбелалъе цIакъ рокьулаан ро­суцоял, магIарул мацIалъ гурого гьездаги кIалъалароан. Хундериеги гьей цIакъ йокьулаан, хасго гьелъул цIалдохъабазе. Жакъа къоялдаги, ри­хьанщинахъе бицуна гьез эбелалъул. Гьелъул цIалдохъаби зама-заманал­дасан гьаюраб къо ялъуни учитела­сул къо баркун гьелъухъе щвезеги рачIунаанилан бицана Раисатица.

 

Нижер хирияй мугIалим

 

   Цо чанго соналъ цебе, Самилахъалде щвезе унев вукIана дун. Маршруткаялде вахиндал, дида гье­ний гIодой чIун ятана кодор чIумалги ккун, Аллагь рехсолей Муслимат. ГIемераб мех балелдего гьение жа­ние лъугьун ячIана цIикIкIараб ригьалъул чIужугIадан. НуцIил кIалтIа гIодой чIарай Муслимат йи­хьигун “Дир хирияй Валентина Пе­тровна! Чан сонха мун йихьичIого бан букIараб”, -анги абун, гьей гьелда хурхун йиччан тана. Гьей чIужугIаданалъ Муслиматида би­цана жий дур йикIарай цIалдохъан йигин. Ва Гъизилюрталде щвезегIан гьез рицунел ракIалдещвеязухъ гIенеккун хIайранлъун рукIана мар­шртукаялда гIодорчIанщинал.

Гьаб макъала хъвалагоги дун дандчIвана гьелъул рукIарал цIалдохъабигун.

-Муслимат (Валентина Петров­на) йикIана нижер классалъул нухмалъулей. Гьелъ гIемераб рекIел хинлъи кьолаан цIалдохъабазе, ни­жееги гьей мугIалим цIакъго йокьу­лаан. Валентина Петровна нижеда кидаго магIарул мацIалъ кIалъалаан. Гьелъул букIана цIакъ кIарчамаб, хIеренаб мацI. Киданиги кIалъачIо гьей нижеда хъачIго, гьаракь бор­хун. Муслиматица кIудияб кIвар кьолаан нижелъ рухIияб рахъ куца­ялде. ЗахIматалде рокьи бижизаби­ялъул мурадалда гIемерго рачунаан колхозалде хIалтIизе. Гьелъул нух­малъиялда гъоркь гIуцIараб нижер производствоялъул бригадаялъе тIоцебесеб бакIги щолаан кидаго. Гьарулаан сапарал, тадбирал.

Школа лъугIун ниж унеб къоялъ нижедасаги цIакъ гIодилей йикIана гьей. Гьелдаса хадуб гIемерал сонал ана, амма Муслиматги гьелъ кьу­рал дарсалги, гьелъул малъа-хъва­ялги кидаго нижер рекIелъ хутIана. Ниж гIемер щолаан гьелъухъе. Гьей йикIана унго-унгояй мугIалим, -ан ракIалдещвезаюна Муслиматил рукIарал цIалдохъабаз гьей.

   КIудияб ВатIанияб рагъдаса ха­дуб цIидасан гIуцIулеб улкаялъе хIажат рукIана лъайги бажариги бугел гIадамал. Нилъер республи­каялда гьединал гIелал куцаялъулъ кIудияб бутIа лъуна гIурус милла­талъул мугIалимзабаз. РикIкIадал магIарул росабалъ жидерго талихI батарал гьез, даимго мисалалъе мустахIикъаб лъалкIги, лъикIаб тарбия-лъай кьун куцараб жидерго наслуги тана Дагъистаналда.

 

МухIамад МАНАПОВ