ЛъикIаздаса лъикIал тIаса рищана

8-19 январалда Хьаргаби районалда тIобитIана «ЛъагIалил учитель – 2021» абураб къецалъул зоналияб бут. Гьелда гIахьаллъана мугIрузул магIарул районаздаса 11 учитель.

 

Хьаргаби росдал Маданияталъул кIалгIаялда тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъарав Хьаргаби районалъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировас гьадин абуна:

— Метерисеб къоялъул хIакъалъулъ пикру гьабулаго, нижер хьул букIуна камилаб лъайги лъикIаб тарбияги щвараб гIелалде. Гьединаб гIел куцан бажарула учительзабазухъа», — ян.

 

Къецалъул жюриялъул председатель, ДИРОялъул гIелмиябгун методикияб рахъалъ проректор Миясат Муслимовалъ бицана:

— Исана «ЛъагIалил учитель» конкурс байбихьулеб буго МугIрузулаб территориалияб округалдасан. Цересел соназул хIалбихьиялъ бихьизабулеб буго: мугIрузул росабазул школазда хIалтIулел руго махщелги лъайги бугел учительзаби. Гъоркьиса тIобитIараб къеца-лъул ТIолгороссиялъул бутIаялъул хIасилал гьаричIого хутIана пандемия сабаблъун. Гьеб тIобитIизе буго кватIичIого, Волгоградалда. Гьение ине кколаан МахIачхъалаялъул школалдаса учительница. Гьал къоязда хабар бачIана, гьей ковидалъ унтун йигилан ва Волгоградалде витIизе ккола гъоркьиса республикаялда кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъарав учитель, — ян.

 

«Методикияб семинар» абураб конкурсалъулаб бутIаялда учительзабаз бицана хIажатал технологиязулги, дарсида гьел хIалтIизариялъулги, кколел хIаси-лазулги хIакъалъулъ. Масала, ЛъаратIа районалъул Шидиб росдал школалъул историялъул учитель ГIабдухаликъ Искантиевас бицана жинцаго кьолеб дарсиде рокьи куцаялъул мурадалда, учителас гIемер хIалтIизабизе кколин цIалдохъанасул ракI батизабулеб рагIийилан. ЦIунтIа районалъул Мокъокъ росдал школалдаса ГIали Мусаевасул пикруялда рекъон, цIалдохъанасулъ куцазе ккола «дир гIумруялъул бетIергьан дун вуго» абураб пикру.

Хунзахъ районалъул Харахьиса ГIумар ГъазимухIамадовас биологиялъул дарсазда хIалтIизабулеб буго компьютеразул хIаязде лъималазул рокьи. «ХIаял жалго теян абун ахIи баялъул хIасил букIунаро – лъимал ругьун гьаризе ккола дарсие пайдаялъе хIай хIалтIизабизе. Гьелъие къваригIунел гIемерал программабиги руго», — янги бицун, гьес бихьизабуна рехсараб методика дарсида хIалтIизабиялъул видео-фрагмент.

 

ЦIумада районалъул ТIисси-Ахикь росулъа Завжанат ГIабдулаевалъ хIалтIизабула сахлъи цIуниялъул технология. Гьеб ишалъулъ гьелъие хIалае рахъуна цIалдохъабазул улбулги росдал ФАПалъул педиатрги. Сахлъи цIуниялъул мурадалда гьелъ кIвар кьола классалда аваданаб ахIвал-хIал чIезабиялдеги.

ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа Мусахъай Мусахъаевас тIаса бищун буго цогидазда релълъинчIеб ва къанагIатаб тема – «ЦIалдохъабазулъ жигарчилъи куцаялъул мурадалда учителасул артистизм хIалтIизаби». Гьесул кIалъаялъ лъикIаб асар гьабуна семинаралъул гIахьалчагIазеги.

 

Ахиралда жюриялъ хIасил гьабидал, тIоцебесеб бакI щвана Елена МухIамадовалъе (Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росу), кIиабилеб бакI ккуна Рамазан ГъазимухIамадовас (Гъуниб районалъул Гъоркьа КIогьориб росу),  лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана ПатIимат ГIабдулгIазизова (Унсоколо росдал №2 школа), Раисат ГIабдулаева (ЧIарада районалъул ЦIуриб росу) ва Мусахъай Мусахъаев (ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росу).