ГIадамал хвасар гьариялъул мурадалда

Жакъа нилъер тохтурзабазгун медсестрабаз бахъулеб хIаракат – гьеб буго унго-унгояб бахIарчилъи загьирлъулеб гьунар. Щибаб секундалъ жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, къеркьолел руго гьел аза-азар унтарав хвалдаса ворчIизавизе гIоло.

 

Нужее, хIурматиял тохтурзаби, бетIер къулула ва ракI-ракIалъ баркала кьола!

 

«Республиканский урологический центр» абураб ГБУялъул бетIерав тохтур Дибир ХIажиев дида лъала лъебергогIан соналъ. Централда гьев хIалтIулев вуго 26 соналъ, ай гьеб рагьараб къоялдаса нахъе. 1996 соналдаса нахъе гьес нухмалъи гьабулеб буго рехсараб централъе. 1980-абилел соназда вукIана Централияб больницаялъул урологияб отделениялъул заведующийлъун.

Гьев гIадав гIадатияв, сахаватав инсанги тIадегIанаб даражаялъул махщелчиги ватизе захIматаб иш буго. Сардил кватIараб гIужалдацин, гьевги ворчIизавун, гьесие дурго къварилъи загьир гьабуни, ракIчIун абила: гьеб параялъго тIаде вахъине вуго гьев, дур мурад тIубалеб нух батизе. КъваригIелги тIубан гурони, жиндирго рокъове тIад вуссинеги гьечIо. МухIканго абуни, рокъовецин унаро – хIалтIудаго вукIине вуго, ракIалъ тIаса бищараб ишалдеги машгъуллъун. Чан чиясул гIумру хвасар гьабураб гьес хвалил гудракьа…

 

Амма жакъа, ай гьаб захIматаб заманалда, бигьаго гьечIо Дибириецин – кигIанги хIалбихьи щварав тохтур ва нухмалъулев гьев ватаниги. Микьабилеб къо буго гьесул хIалтIудаса рокъовего инчIого. Гьесда цадахъ хIалтIулел руго цогидал хIалтIухъабиги.

«Дир хIалтIухъабаз тIадчIун хIаракат бахъулеб буго унтарал сах гьаризе. РакIалдаго гьечIого гIемерлъарал унтараз битIахъего хIухьел цIазе рес кьолеб гьечIо тохтурзабазеги медсестрабазеги, амма цонигиясул зигарди дида рагIичIо. Щивав къеркьолев вуго къо хIехьезе ва гIаммаб иш нухда бачине.

 

ДовегIанги чIун, цогидаз гьабулеб жо какизе цIакъ бигьаяб иш буго.

Гьаб жакъасеб ахIвал-хIал дида релълъун бихьула КIудияб ВатIанияб рагъул байбихьиялда.

 

У, авалалда рукIана гъалатIал, загьирлъана тIуразаризе захIматаб масъалаби. Амма нижехъа бажарана къокъабго заманалда кинабго нухде ккезабун, ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун сверизабун.

КIудияб баркала буго ДРялъул бетIер Владимир Васильевасе, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовасе – кумек гьабиялъухъ, хIалтIуе хIажатал дарабаздалъунги хасаб ратIлидалъунги хьезариялъухъ», — ан бицана Урологияб централъул бетIерав тохтур Дибир ХIажиевас. Централъул лъабабилеб ва ункъабилеб тIалаязда хIадурун руго пневмониялъ унтаразе палатаби. Цогидал хIалтIухъабигун цадахъ дунги щвана щивав унтарасухъе, гьабуна гьезулгун гара-чIвари. Киназго цокIалго баркала кьолеб буго тохтурзабазеги медсестрабазеги. Гьез абулеб буго, бищун цIакъал шартIал гьаб больницаялда гIуцIун ратанилан абун.

 

Бищун лъикI хIалтIулев тохтурасда яги медсестраялда цIар чIвайилан дица абидал, бетIерав тохтурас абуна, киналго реццбакъалъе мустахIикъал ругин абун.

«Киналго руго хIалчIахъадал, бахIарзал!» — ан абуна гьес.

Жиндиего бокьун, Централда хIалтIулей йиго ДГМУялъул студентка Башат Ибрагьимова. Цебеккун гьелъ лъугIизабуна Буйнакскиялъул медучилище.

 

— БитIараб бицани, киса-кирего гIадамал унтараб заманалда рокъой чIезе кIвечIо дида. ЯхI-намусалъ течIо рахIат, — анги абун, гьей ана «багIараб зонаялде».

Гьей бахIарчияй студентка ккола Гумбет районалъул ЧIиркъатIаса.

 

Гьелъул кIудияв эмен – Ибрагьим Ибрагьимов – вуго гIемерал соназ школалда хIалтIарав учитель, росдал Тарихалъулгун гIагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор.

— Рагъул фронталда йигейлъун тезе бегьула дир васасул яс. Гьайгьай, гьелъул ургъалида вукIуна дунги. Амма чIухIула, халкъалде бачIараб балагьгун къеркьезе Башатил гьунар гIеялдаса, — ян бицана Ибрагьимица.

 

24 апрелалда рагьараб пневмониялъ унтаразул отделениялда 7-8 маялда къватIире риччазе руго тIоцере гьенир къабул гьарурал унтарал.

— Мониторалдасан дица хал кколеб букIана дир тохтурзабигун медсестраби захIматал унтаралгун хIалтIулеб куцалъухъ. Дир бадиса чвахизе байбихьана магIил гарал – ракI унтун букIана унтаразда гурхIун. Гьелдаса нахъе дида кIвечIо рокъове ине. Инеги инаро, ахирисев унтарав сахлъизегIан, — ин бицана Дибир ХIажиевас.

 

Щуабилеб маялда Дибирица кIодо гьабуна живго гьавураб къоги. Гьебгиха, больницаялдаго…

«ХIакъикъаталъул» коллективалъ баркула Дибирида гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъиги хIалтIулъ бергьенлъабиги.