Дару батизе захIмат бугониги…

ТIолгодунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, щибаб соналда онкологиялъ унтулев вуго 10 миллион чи. Ахираб заманалда, ракалъул клеткабазул ДНК хисиялда хадуб халги ккун, онкологиял унтаби лъугьиналъе гIилла балагьулеб къагIида батун буго. Хьул буго гьединал цIех-рехаздаса хадуб рак унтиялде данде даруги батиялде. Рак унтиялъул 250 тайпа букIин хIисабалде босани, бичIчIула гьеб унтуде данде къеркьезе ва дару балагьизе бигьаяб масъала гуреблъиги. 

 

Сабаб камураб жо гIажал гурони гьечIин абулелъул, онкологиял унтабазде данде дару балагьулеб буго гIадатияб медицинаялъ гуребги, халкъияб тохтурлъиялъул махщелчагIазги, гьеб захIматаб гIузруялъул кIичIикье ккаразги. Унтаразги гьезул гIагарлъиялъги, кин ва кисан цIехонги, хIаракат бахъула сахгьариялъулъ батIи-батIиял къагIидаби хIалтIизаризе. Цо-цо мехалда гьединал хIалбихьияз жеги квешго унтизарулел руго. Ралъдалъ гъанкъулелъул хвасарлъизелъун борхьил рачI ккураб гIадаб ахIвал-хIалалде кколел руго унтарал. Ахираб заманалда гIадатлъун лъугьун буго бокьараб унти цIехезе гIадамал Интернеталде раккулеб, хIатта цо-цояз унтул гIаламатазда рекъон дару-сабабгицин жидецаго гьабулеб буго. Щай гIадатияб медицинаялдаса гIадамазул ракI буссун бугеб? Щай нилъ божулел, прививкаби, СПИД, рак унти дараби ричулел компанияз ургъунго халкъалда гьоркьор тIиритIизарулел ругин абун, Интернеталда пуланав чияс бицараб харбида? Щивасул ратила гьелъие батIи-батIиял гIилаби, гьезда гьоркьобин абуни, гIарац кьун гурони унтарасухъ гIинтIамуларев цо-цо ияхI гьечIев пуланав тохтурасул гIайибги батила…
ГIалимзабаз некIого чIезабуна, ХХ гIасруялда халкъалъул тушбабаз ургъараб биологияб ярагъ ккола онкологиял унтаби ва СПИД абун гIадамазда гьоркьоб билълъанхъараб пикруги мекъаб букIин. Масала, СПИД унти маймалаказдаса гIадамазде бахараб унтилъун рикIкIуна. Нилъер эраялдаса 1500 соналъ цебе Египеталъул папирусалда хъвай-хъвагIаял гьарун ругоан чIужугIаданалъул каранзул рак унтиялъул тIоцересел хIужабазул хIакъалъулъ. Гьединго нилъер эраялде щвезегIан 460-370 соналъ цебе некIсиял греказул тохтурзабаз (Гиппократ) онкологиял унтабазе «краб» (καρκίνος) абураб цIар кьун букIана, гьелъие гIиллаги букIана гьеб унтул гьороялъул (опухоль) сипат-сурат ралъдал гарцIалда релълъараб букIин. Хадубккун гьеб унтуда рак абураб цIарги рекIана. Гьелдалъун бихьулеб буго рак ахирал гIасрабазда баккараб яги ургъун бахъараб унти гуреблъи. Амма унтаразул къадарин абуни, цересел соназде дандеккун цIикIкIунеб буго. Масала, Россиялда 10 соналда жаниб 32 проценталъ цIикIкIун буго чIужугIаданалъул каранзул рак. Щибаб соналда онкологиял унтабаздалъун дунялалда холев вуго микьго миллион чи. ВОЗалъул баяназда рекъон, рак унтудаса гIадамал хвеялъе гIилла буго хъалиян цIай, гьекъолди, радиация, «заралиял» нигIматал хIалтIизари, экология чороклъи, гьаваялъулъ загьруял газал цIикIкIин, ДНКялъул кодазул хисарди. Амма кигIан гIелмиял цIех-рехал гьаруниги, рак унти сундасан ва кин лъугьунеб абураб суалалъе мухIканаб жаваб батулеб гьечIо. Гьелдаса цIуниялъе сабаблъунги рикIкIунеб буго иммунитет щулаго цIуни.
Ахирал соназда Интернеталда тIибитIараб халкъияб тохтурлъиялъул къагIидалъун рикIкIуна ракалдаса содаялъ сах гьарулин абураб пикру. Ракъдал тохтурзабазги (знахарь) местIерзабазги гьеб къагIида тIасабищиялъе гIилла кинабха бугеб? Гьелъие гIиллалъун рикIкIунеб буго местIерзабаз рак унти «кандида» абураб грибокалдаса лъугьараб бугин абулеб букIин. Кванил содаялъ грибок чIвалин абураб хIужа некIогоялдаса хIалтIизабулеб буго халкъияб медицинаялда. Рак унти содаялъ сах гьабунин абун гIемер бицунеб рагIула Интернеталда, амма гьеб къагIида гIадатияб медицинаялъ къабулги гьабуларо ва гьелъул гIелмияб цIех-рехги гьабун гьечIо.

Унтуца мун щиван
гьикъуларо

Онкологиял унтаби лъугьиналъе мухIканго гIиллаби рихьизарун гьечIониги, гьел унтаби бокьарав чиясул чорхолъ «кьижун» рукIунин рикIкIунеб буго тохтурзабаз. Гьединал гIузраби къватIире раккиларедухъ щивав чияс иммунитет щула гьабизе кколин лъазабула онкологазги. Амма талихIкъарасул чорхолъ гьеб багъаричIого хутIулеб гьечIо. ЦIехолеб гьечIо гьелъ лъидаго, мун минскинчийищ яги бечедавищан, векьарухъанищ яги тохтурищан. Щивас хIаракат гьабулеб буго гьеб гIузругун къеркьезе. 20 соналъ къеркьана онкологиял унтабигун ахирал соназда улкаялдаго цIар рагIарав онколог Андрей Павленкоги. Цин рак унти бугезе дараби гьарулевги вукIун, ахираб лъагIелгун бащдаб заманалъ жиндирго чорхолъ бессараб унтигунги къеркьезе ккана гьев. Павленкохъа бажарана гIемерал унтарал гIадамазе кумек гьабизе, гьел сах гьаризе ва гIадатияб гIумруялде тIадруссинаризе, амма цогидазул тIалабалда вукIун, жиндирго чорхолъ багъарараб рак лъабабилеб стадиялде щвараб мехалда гурони гьесда лъачIо. ХIалтIуда свакаялъги, жиндир заманалда кваназе рес щунгутIиялъги унтулеб батилин жиндир кванирукъинги абун, халцин гьабичIого тун букIун буго онкологас.
Исана лъагIалил байбихьуда кванирукъалъул рак унтудаса хвана Петербургалдаса онколог, жамгIияв хIаракатчи Андрей Павленко. Гьес гIуцIун букIана «Инсанасул гIумру» абураб онкологиял унтаби ругел гIадамазе малъа-хъваял ва квербакъи гьабулеб медиа-проект. Социалиял гьиназул кумекалдалъун, Интернеталдасан рихьизарулаан гьес, жиндирго унтиги мисалалъе босун, малъа-хъваял ва унтаразул ракIбатулел къагIидаби. Ахираб лъагIелгун бащдаб заманалъ гьесие гьабуна чанго химиотерапия, облучение ва кваниру­къалда операция. Амма дагьабго мадар лъугьарабго, гьев хIалтIуде тIадвуссана ва цогидал унтаразеги жиндирго блогалдаса рак унтуде данде къеркьезе «къуват кьуна». Гьев хIалтIулев вукIана гIолохъанал онкологазе гIуцIараб цIалул программаялда тIад, гьабулеб букIана онкологиялъ унтарал гIадамазе кумек гьабулеб гурхIел-рахIмуялъул фондалъе нухмалъиги. Гьев хун хадуб РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъги лъазабуна, тохтурасул бахIарчияб къеркьея­лъул мисалалъ аза-азар унтарасе кумек гьабунин, жалго сахлъизе рукIиналде ракIчIезабизе ва унтигун къеркьезеян абун.
Хвалда цересел къоязда гьес бахъун букIун буго видео, жив хун хадуб Интернеталдаса биччайин абун. Гьениб онкологас унтараздехунги хитIаб гьабулеб бугоан, жив хунин абун, рак унтуде данде къеркьей рехун тогеян абун. Унтабиги батIи-батIиял рукIунин, унтуца живго къуркьизавиги жин­дирго талихIкъосинлъун ри­кIкIунеб бугоан гьес. Андрей Пав­ленкол ахирисеб гьариялда ре­къон, гьесул цIаралда грант гIуцIун буго. Гьеб гIуцIиялъул аслияб масъалаги ккола онкологиял унтабазул ва гьелгун къеркьея­лъул хIакъалъулъ хъвалел журналистазеги, хварав онкологасул хъизамалъеги гIарцудалъун кумек гьаби. ЦIар рагIарав онкологасе кидаго квербакъи гьабулаан гьесул чIужу, медсестралъун цадахъ хIалтIулей йикIарай Аннацаги. Павленкол хъизамалъул буго лъабго лъимерги.