Инсул росулъе сапар

2019 соналъул ахиралда цо къоялъ дихъе кIалъан вачIана Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъа Юсуп МухIамадов. Гьес бицана жиндирго мурад — гIахьаллъулев вуго «ХIакъикъат» газеталда цIар хисиялъе лъазабураб къецалда. Юсупица абуна жинда берцин бихьун бугила ИРС абураб цIар. Щибаб хIарпалъул магIнаги бицана гьес.

ИРС – Инсул Росулъе Сапар. Дие цIакъ кIудияб асар гьабуна хIарпазул магIнаялъ – гьеб букIана дун магIарухъе, инсул росулъе къачIалей йигеб талихIаб лахIзат. Пикрабаз гьелчезайизе лъугьарай дида цоги нухалда ракIалде щвана гIагараб росуги, росдал къватIалги, гьенирго тарал кIарчамаб лъимерлъиги, гогьаб гIолиллъиги, дун ячIиналъухъ балагьун чIун бугеб инсул минаги, умумузул заналги.
Гьалеха дандего гьулчун бачIана магIаруллъиялъул махI. БацIцIадаб гьаваялъги, гIагараб ТIануси росдал балазда тIавап гьабулел ругел цIумазги, цIумазул борхалъиялде цIаруцIине къваригIарал хIайранаб хунздерил тIалъиялъул росабазги майилан кодоре кьолел рукIана дихъе инсул росулъе гьабулеб бугеб сапаралъул хулжал.
ЩинкIун ине къачIадилеб бугеб бакъул чIоралги лъугьана недегьго дир пикраби реэдизе. ГIазухъ урхъун бугеб тIабигIаталъулъги гIажаибаб чIаголъи бугин кколеб букIана. МаркIачIул заман гIагарлъулеб букIана, дун росулъе щолелъул. Цинги цо цIакъго бакIаб ва къваридаб лахIзаталъ цIамхIалаб магIуялъул кумекалдалъун ячун, пикрабазул айгъирги кьолон, щвезаюна инсул минаялде. ТалихI ккана рукIкIун букIин, гуребани, кIвезе букIинчIо дида росуцоязул саламалъе жаваб кьезе. БецIаб дунял рогьун араб гIадаб асар гьабуна, Шамай – адайиланги абун, гьитIинал мадугьалзаби Шумайсатги Аминатги, хIатIида гIицIго, дандего рекерун рачIиндал. Пикрабазулъа накIкIалги ана, ракIги рагьун ана, анищалги роцIана.
Амма хулжазул кIал рагьарабго, цIидасанги пашманлъиялъ ханлъи гьабуна рекIеда. Гьениб батарабщинаб хазина: росдал гIадамалги, гьезул гIадатал-гIамалалги, гьитIинаб ватIаналъул тарихги, тарихалда гугьар бекьулел росуцоялги, мацIги, цIарги…
Гьале доб умумуз ирсалъе тараб хвел букIине ресго гьечIеб хазина. Умумузул росабалъе сапарал цIикIкIани, цIикIкIине буго рахьдал мацIалдеги ватIаналдеги рокьи. Нилъ рикIкIалъанагIан, рикIкIалъулеб, гIа-гарлъанагIан гIагарлъулеб букIуна гIумруялъул аслулъун жиб кколеб
рокьи.
Гьединал сапарал цIикIкIани, чIаголъизе буго магIаруллъи.
Росулъе щведал, нилъер щивасул борчлъун ккола умумузул заназухъе щвей. Гьениблъидал нилъер гIумруялъул ахирги бугеб. Гьениб ракIалде щола нилъеда кинабго, регула нахъехун гIумруялъул тIехьалъул рухIаралги цIороралги тIанчал. Эбел-инсулги вацасулги заназде къулидал, дидаги цебечIола гьезиеги гьабичIого гьоркьоб хутIанщинаб лъикIлъи, гьабизе ресги букIараб. Гьабураб жого батулебги гьечIо. БутIрул къулизе кколел руго, заназе гурел, чIагоязе. Гьеб нилъер ирсилазда бичIчIичIони, гьезул букIинеселда гIумруялъул бакъул хинлъи чIвазе гьечIо. Гьединаб наслуялъ хадусеб наслуялъе гIицIго чIобоголъи тезе буго. Гьедин ккечIого букIине ккани, инсул росулъе сапарал гIемер гьаризе ккола. Лъимал дандчIвазе ккола умумузул заналгун, гьезда рихьизе ккола рорхатал мугIрузул гIаздалал тIогьалги тIогьода росарал расалъабиги. Гьезда лъазе ккола росдал щибаб гамачIалъул тарихги, гьезда бичIчIизе ккола магIарухъ рижулел тIугьдузул мацIги, гьенир хIанчIаз хIайранго рачунел бакъназул магIнаги, магIу-релъиялъул багьаги.
МагIарухъ щола магIаруласе гIумруялъул дарсалги. Гьениб, инсул росдал гъасда даим нилъехъ балагьун чIун букIуна гIумруялъул рогьеллъунги къисматалъул нурлъунги кколеб умумузул цIа. Гьелъ нилъ рачуна рахьдал мацIалдеги умумузул нухаздеги букIине кколеб гIищкъул гъанситохъе.
Гьаб нухалда щвана кIиабилеб рукълъун дие букIараб, 22 соналъ дун хIалтIараб гIагараб школалдеги. Гьенирго тIупана дица гIолохъанлъиялъул хIасратал анищал. Гьениб дир рекIелъ кунчIун букIана талихIалъул цIа. Гьениб къалъараб бакъалъул хинлъи жеги гIолеб буго дие. Гьениб тана гIолохъанлъиги херлъиги дир эбел-инсуцаги. Амма школалда дица тун букIараб бакъул кунчIи дагьабго сун батана. ГьечIо гьелъул чIоразда гьоркьоб бищун аслияблъун дие букIараб кIиго чIор.
Школалъул азбаралдасан рихьулел руго лъимерлъиялъул лъалкIал. Доле ГIуртIа майдан. Бокьун бугеб куцха цоги нухалда гьений тира-сверизе, гьенир рижулел хъахIал, хъахIилал, тIогьилал тIугьдузул квацIи гьабун, эбелалъул зонохъе ине. Гьейгун цадахълъидалха дица квацIаби гьарулел рукIарал.
Гьалеха хIорги, школалда цебе. Щибго къваригIел гьечIониги, бацIцIадаб парталги босун, уна гьение ясалгун черезеги, ясандизеги, гогьдаризеги. Гьединал ракIалдещвеял рукIуна киназулго. Гьеб киналъулго пикру нилъеца гьабула рахьдал мацIалда. Гьединлъидал инсул росулъе сапарал цIигьаризе нилъ журани, хIасил лъикIаб ккезе буго. Гьенисан роржуна нилъ цогидаб дунялалде, гьениб ахIараб кочIол саринахъе кьурдула нилъер талихI.
Ва гьале къо-лъикI гьабулеб буго гIагараб росдалгун. Сардил сихIкъотIи. Гвангъун роцIараб зодир кенчIелел цIваби. Доле бортун ана цо цIва, гьелда хадуб – цогиги, цинги — цогиги, цогиги, цогиги… Гьанжеги чIобого хутIизехъин бугеб минаялъул азбаралъуйги эхетун йигей дун яс-ясун ялей йиго пикрабаз. Ва ахиралдаги — росдал хабзал. Гьаб нухалдаги хадур ралагьун толел руго инсул, эбелалъул, вацасул, ункъгIалалъул, имгIаласул, кIодоэбелалъул занал. Гьезул хъвай-хъвагIаяз цоги нухалда ракIалде щвезабулеб буго дир гIумруялъул ахирги гьезда хьолбохъ букIин.