КIочонарел цIарал

ИмахIажи Такъиев гьавуралдаса — 90 сон

 

Гьавуна ИмахIажи Такъиев 1929 соналъул 27 ноябралда ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъ.

Гьес лъугIизабуна Москваялъул А. В. Луначарскиясул цIаралда бугеб театралияб институт 1955 соналда хIалтIизе лъугьана МагIарул театралде.

 

Гьес хIана анцI-анцI ролал. Гьезда гьоркьор руго, масала, М.Ю. Лермонтовасул «Бэлаялдаса» Максим Максимыч, Расул ХIамзатовасул «МагIарулалда» ГIусман, Шекспирил «Оттелоялдаги» вихьана гьев магIарулазда, ГI. Хачаловасул «Аманаталдаги» Мирзал роль хIана гьес. К. Треневасул «Любовь Яровая» спектаклялда Кошкинил, Бомаршел «Фигарол бертин» спектаклялда граф Алмавивал сипаталги рихьизаруна гьес.

1960 абилеб соналъул ункъабилеб маялда гьев мустахIикълъана «МустахIикъаб захIматалъухъ» абураб медалалъе.

Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахIикъав артист», «Дагъистаналъул халкъияв артист», «Россиялъул мустахIикъав артист» абурал тIадегIанал цIаралги.