ЦIияб нухлул байбихьи

Кверги ккун, магIуги релъиги цадахъ босун, ячана дун артистка Майсарат ГIабдулмажидовалъ театралияб дунялалде.

 

Гьелда дандчIвай гьабизелъун данделъун рукIана МахIачхъалаялда, Поэзиялъул театралда МагIарул театралъул артисталги, журналисталги, гьелъул театралиял сипатаз асир гьарурал магIарулалги.

 

 

ГIадамазул ракIазулъе рохелги, хинлъиги, рокьиги босун ячIуней Фазу ГIалиевалъул сипаталдалъун дандчIваялде рачIаразда цее яхъана Майсарат.

 

(Сурат — гьаниса: https://www.facebook.com/teatrpoeziird/)

 

ГIадамазулги, дунялалъулги, дунял хIабургъине гьабулел лъугьа-бахъиназги гIумру кьогIлъизабурай шагIиралъул рекIел хIал бигьалъулеб буго, гIолилазе кумек гьабизе щвараб мехалда. Гьел лахIзатаз гьелда кIочон толеб буго рукъги, хъизамги, росасул лъадилъун йикIинги.

 

 

Балагьаразе кIудияб асар гьабуна Мусалги Фазулги гара-чIвариялъ. Гьесдаги бичIчIулеб буго жиндиялдасаги гIадамазе шагIир къваригIун йигеблъи.

 

 

Гьеб букIана гIурус мацIалда тIоцебе шагIиралъ хIалеб роль. Гьединайго йиго гIумруялдаги Майсарат – яцIцIадай, ритIухъай, ккаралъуб заз гIадайги, гьеб зазие гьайбатлъи, хIеренлъи, неделъи кьолеб цо балъголъиги буго Майсаратилъ бахчун.

 

 

Гьеле гьединайлъун, аваданай, аскIор ругезеги гьеб аваданлъи кьолей артисткаялъ гьеб сордоялъги хIайран гьаруна магIарулал. Майсаратил творчествоялъе сайгъат гьабураб тадбир рагьана «Дун гьаюна хасало» абураб Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъе сайгъат гьабураб спектаклялъул цо-цо бутIабаздасан.

 

 

Кинабха бугеб Майсаратил театралияб дуниял? ЦIакъго хIайранаб ва хIикматаб. Гьейгун лъай-хъвай гьабизе гъира ккарай дун щвана гьелъул рокъое. Гьаризегицин ккечIо – щуго минуталдасан гьелъ дие рагьана чанго батIияб сипат. Дие хIалае магIуги лъугьана, жибги гьаниб бугилан релъиги кIанцIана. Дида цее йикIана дунялалъухъги гIадамазухъги ккараб гIищкъул ракI цIурай магIарулай.

 

 

Майсаратида байрам баркана ва гьелъул творчествоялъул хIакъалъулъ бицана МагIарул театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас, гьелда цадахъ Тбилисалъул театралияб институталда цIаларал, гьабсагIаталдаги театралда хIалтIулел ругел ГIалисултан Батировас, НурмухIамад НурмухIамадовас, театралда хIалтIулей йигей гьелъул яс Аидаца, гьудулзабаз. Тадбирги букIана цогидал мажлисазда релълъинчIеб, рекIелгъей цIикIкIараб, кIалъаял дагьаб. Гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеофильмалъ ракIалдещвезарулел рукIана даим гIолохъанго йикIине йигей Майсаратил лъимерлъиги, гIолохъанлъиги, цIалул соналги.

 

 

Суратаз бицана кинабго: хIарал ролалги, чIвараб хъатги, артисткаялъ гIадамазе сайгъат гьарурал сипаталги.

 

 

Артисткаялда байрам баркана ва Борис Пастернакил кочIодасан гьитIинабго моноспектакль бихьизабуна ДГУялъул культураялъул факультеталъул студентас, МагIарул театралъул гIолохъанай артистка Анисат ГIисаевалъ бихьизабуна проза пасихIго цIализе жиндирго бугеб махщел.

 

 

Дагъистаналъул мустахIикъай артистка ПатIимат ХIажиевалъ ва композитор АхIмад ГIамирхановас музыкалияб саламалдалъун баркана Майсаратида гьелъул байрамалъулаб сордо.

 

 

Дандеруссинин абуни нухда бачана ва табдиралъул гIахьалчагIазе батIияй, нилъеда, ай магIарулазда лъаларей Майсаратил гвангъараб сипат рагьана поэзиялъул театралъул хIалтIухъан Ариза Батировалъ.

 

 

ЛъугIана байрам. Гьеб букIана артисткаялъул пагьму-гьунаралде гьелъ жинцаго рагьараб цIияб нухлул цIияб байбихьи.