Театралъул ватIаналда

Хунзахъ районалда бихьизабуна «АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектакль

РФялъул президентас 2019 сон лъазабуна Театралъул лъагIеллъун. Гьелда бан гьарулел тадбиразул цояблъун лъугьана МагIарул театралъул актеразул къокъаялъ Хунзахъ районалде гьабураб сапарги.
Артистал Хунзахъе иналъул букIана цогидаб мурадги – исана 110 сон тIубалаан МагIарул театралъе кьучI лъурав гьелъул тIоцевесев директорлъунги вукIарав ГIабдурахIман Магаевас. Байрамалъул лъагIеллъун ккола гьеб Басир Инусиловасулги – ТIануси росулъ гьавурав театралъул меседил фондалда цIар рехсарав актерасулги. Гьел хIужабазул хIурматалда театралъул администрациялъ хундерил росабалъ бихьизабуна фотовыставка. Гьенир церелъун рукIана ДАССРалъул халкъияв артист ГIабдурахIман Магаевасулги РСФСРалъул мустахIикъав артист Басир Инусиловасулги театралияб гIумруялъул хIакъикъат рагьулел суратал.
«МагIарул театралъул къоял кIодо гьариялъе байбихьи лъуна Хунзахъ районалда. Гьелъие гIилла ккола театр тIоцебе Хунзахъ гIуцIиги, гьелъул сценаялда тIоцере лъурал спектаклязе кьочIое росарал пьесабазул автор ЦIадаса ХIамзат вукIинги. Живго шагIирасги кумек гьабуна театралъул тIоцересел галаби битIараб нухдасан тIоритIиялъе. Театралъул тIоцевесев нухмалъулев ГIабдурахIман Магаевасги хIаракат гьабуна маданияталъул гъанситохъ бакулеб цIа гваргъун рекIиналъе. Гьесул хIаракаталдалъун театралда хIалтIизе рачIана пагьмуял гIолилал», — ан бицана театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас.
«АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектакль лъугьана КIудияб ВатIанияб рагъде арал ва даим кьалул авлахъалда хутIарал магIарул актеразул къокъаб, амма бахIарчияб гIумруялъул игIланлъун. 31 актер – театралда дол соназда хIалтIулел рукIарал бихьинал актеразул цIикIкIарасеб бутIа – ана ватIан цIунизе. Гьениса тIадвуссинчIо 21 актер. Цоял актеразул гIагарлъиялъухъеги театралдеги рачIана «рагъда бахIарчиго хванилан» абун бицарал кагътал, цогидал «араб бакI лъачIого, тIагIана». Амма гьел кидаго чIаго руго театралъул хIалтIухъабазулги, гьез хIарал ролаз асир гьарурал магIарулазулги, гьезул гIагарлъиялъулги ракIазулъ. Гьедин бицана театралъухъ гьоболъухъе рачIарал актерал-юбиляразул наслабазги, Хунзахъ районалъул бетIер НурмухIамад Задиевасги. Районалъул нухмалъулес театралъул къокъаялъе кьуна Баркалаялъул кагъатги.
Байрамалъулаб данделъиялдаса хадуб бихьизабуна «АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектакль.

Хадижат Шапиева