Искусствоялъул гIадамал

ГIумруялъул чIвабзазул саринал

Рарал саназухъги саназул гвангъиялъухъги гьоболлъухъ…

Апрелалда МахIачхъалаялда, МагIарул театралда кIодо гьабуна Россиялъул ва Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан ХIабиб ХIажиев гьавуралдаса 80 сонилаб юбилей. Рарал саналги саназул гвангъиги ХIабибида баркизе рачIун рукIана гьесул гьудул-гьалмагълъи, гIага-божарал, цадахъ хIалтIулел рукIарал ва цогидалги дагъистаниял. Юбилярасда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги. Гьелъ бицана ХIабибил творчестовоялъул, МагIарул театралъе нухмалъи гьабулел соназ цIубан бачIараб гьесул пагьму-гьунаралъул хIакъалъулъ. Гьединго гьесда байрам баркана республикаялъул миллиял театразул вакилзабазги Театралиял хIаракатчагIазул союзалъул нухмалъулев, Россиялъул халкъияв артист Айгум Айгумовасги.

«ГIагараб Дагъистан» жамгIияб гIуцIиялъул хIукмуялдалъун 30 соналъ МагIарул театралъул директорлъун хIалтIарав ХIабиб ХIажиевасе кьуна «Миллияв бахIарчи» абураб цIар ва меседил медаль.
Музыкалияб саламалдалъун гьесда шапакъат баркана Россиялъул мустахIикъав артист ТIагьир Къурачевас, Дагъистаналъул халкъияв артист ГIабдула МухIамадмирзаевас ва Дагъистаналъул эстрадаялъул цогидал кочIохъабазги.

Пагьму-гьунаралъул тIогьазде лъурал сухъмахъаздасан

ХIабиб ХIажиев гьавуна 1939 соналъул 5 февралалда ЧIарада районалъул Гьачада росулъ. Школа лъугIун хадуб, 1958-1959 соназда хIалтIана гIагараб районалъул «Бергьенлъи» колхозалда. 1960-1964 соназда цIалана Тбилисиялъул Ш. Руставелил цIаралда бугеб театралияб институталда. Гьебги лъугIизабун, хIалтIизе лъугьана МагIарул театралде. Дагьабго мехалда гьенивги хIалтIун, 1966 соналъул январалда ХIабиб батIияб хъулухъалде ана. Гьев хIалтIизе лъугьана Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялде. Гьебго соналъул маялда ХIабиб ХIажиев хIалтIизе лъугьана республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул театралияб хIаракатчилъиялъул кIудияв методистлъун. 1968 соналъул февралалде щвезегIан гьенивги хIалтIун, гьес нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул ВЛКСМалъул обкомалъул культуриябгун массовияб секторалъе.
1971 соналъул марталдаса хIалтIана ВЛКСМалъул обкомалъул пропагандаялъул отделалъул нухмалъулевлъун, цинги – Дагъистаналъул пачалихъияб филармониялъул директорлъун, Дагъистаналъул хоралъул гIуцIиялъул правлениялъул жавабияв секретарьлъун. ХIалтIана ХIабиб Культураялъул министерствоялда цебе букIараб республикаялъул гIелмиябгун методикияб централъул директорасул заместительлъунги. Ахир-къадги ХIабиб тIадвуссана МагIарул театралде. Гьеб букIун батила гьесул рекIел ахIилъунги. 1977 соналъул январалдаса 1978 соналъул сентябралде щвезегIан хIалтIана театралъул директорасул заместительлъун. ХIабиб цIалана Москваялда ТIадегIанал театралиял курсаздаги. 1982 соналда ХIабиб ХIажиевас байбихьана театралъе нухмалъи гьабизе.
Театралъе кьураб 30 сон букIана гьесие рекIел рохеллъунги, гIумруялъул магIналъунги, гIагараб миллаталъул театралияб маданият цебетIезабизе кIвахI гьечIеб хIалтIул хIасиллъунги, ва, ахиралда, пагьму-гьунаразул тIогьазде лъурал сухъмахъазул сверабилъунги.
Доб заманалда ва гьанжеги магIарул районазда ватиларо гьесул ригьалъул гьев лъаларев магIарулав. ХIабибие цIакъго бокьулаан гIолилалгун хIалтIизе. Кинаб хъулухъалда вугониги, гьес нух бахъулаан гIолилазухъе. Масала, батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулаго, гьес тIатинаруна пагьму бугел гIолилазул цIарал. ТIоритIана фольклориял байрамал. Дагъистаниязе жидерго маданияталъул хIакъалъулъ бицана АнсалтIасаги, Табасараналдасаги, Кубачиялдасаги, ГьоцIалъаги ва цогидалги районаздаса ва росабалъа гIолилаз. Доб мехалда республикаялъул культураялъул министрлъун вукIарав Дибир МухIамадовас ХIабибида «гIолилазул культураялъул министрилан» абулаан.
ХIабибил махщалил тIогьлъун рикIкIинеги бегьула Р. Белецкоясул пьесаялда рекъон, гьес лъураб «ГIолилал» абураб спектакль. Гьениб загьирлъана ХIабибил режиссерасулабгун сценаристасул ва тарбиячилъиялъул махщелги. ГьабсагIаталдаги гьабула гьес гIолилазул тIалаб. ХIабиб ккола гьезул рухIияв учительги насихIатчиги. Гьев жакъаги хIалтIулев вуго МагIарул театралда жамгIияталъулгун бухьенкквеялъул рахъалъ директорасул заместительлъун.

ТалихIалъул къатIраби

ХIабибида байрам баркизе дагъистаниял рачIараб доб талихIаб сордоялъ нугIлъи гьабулеб букIана гьесул гIумруялде чвахулел талихIалъул къатIрабазе къин букIине гьечIеблъи. ТIокIабги щибха къваригIунеб, талихI тIегьазе ккани – гIумру цадахъ арай хIурулгIиналъул гьуинаб гьимиги, гьеб гьимиялдаги нур базабурал васалги гьезулги лъималги, бокьулеб хIалтIиги, хIалтIул тIадегIанал хIасилалги, хIасил кьолеб сордоялъ данделъарал гьудулзабиги, гIагарлъиги, гIагараб театралъул коллективги. Берккелин хIинкъараб талихIалъул мицIир бекизе теларин гьа балел ХIабибил сабруялъги гIадатлъиялъги пана гьарун рукIана юбилеялде рачIарал.
Гьеб гьедин бугин абулеб букIана чIарадисезул хоралъ ахIулел даим къин гьечIел кучIдузги.
Шамай Хъазанбиева