Расул ХIамзатовасул баракат нижер росдаеги щвана

Игьелдерил тарихалда кIочонареб лъалкI тарал 

 

Гьел рукIана 1972 соналъул апрель моцIалъул ахирисел къоял. Игьали росдал советалъул иргадулаб сессиялда, планалда рекъон, гIенеккулел рукIана Игьа­ли, Кунзахъ, ЦIаналъ, Лъанлъари росабазул культ­учреждениязул лъагIалил гьабураб хIалтIул хIисаб кьеялъухъ. Гьенив кIалъазе вахъарав Культураялъул рукъалъул директор МухIамадов АсхIабгIалица бицана тIоритIизе хIисабалде росарал тадбиразул хIакъалъулъ ва рехсана кватIичIого, ай май моцIалъул ахиралда ихтилат-кеп бокьулел, кечI-бакъан хириял рагIул устар­забиги кочIохъабиги жанир рахъараб росу букIинги хIисабалде босун, киса-кирего кагътал хъванги тел кьа­бунги, къватIир ругел росуцоялги ахIун, «Росдал къо» тIобитIизе ракIалда бугин. Нахъисеб къоялъго сессиялъул протокол, гьабураб хIукмугун цадахъ, битIана Гумбет райисполкомалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун вукIарав Бегаев ГIалиханихъе. Гьев цIакъ разилъана хIукмуялда ва тадбир районалъулго даражаялда тIобитIун лъикIилан абуна.
Дол соназда росдал советалъул председательлъун вукIарав Бибулатов СайгидгIалица бицана, гьеб тадбиралде хIадурлъулаго, цояс абунила Расул ХIамзатовги ахIизе кколин. «ХIукму ккана, Расулил гIагарав чи, Дагъистаналъул радиовещаниялъул магIарулазул студиялъул редакторлъун вукIарав СагIидов МухIамадида гьаризе Расулихъе аян», — илан ракIалдещвезабуна СайгидгIалица. Расулицаги игьелдерил гьари къабул гьабуна ва, гьесул бихьизабиялда рекъон, хIукму ккун буго тадбир республикаялъул даражаялда тIобитIизе, гьебги СССРалъ 50 сон тIубаялъе сайгъат гьабураблъун тезе, тIобитIулеб заманги 21-22 июль бихьизабизе. КватIичIого «БагIараб байрахъ» газеталда бахъун бачIана байрам тIобитIиялъул программа ва тIолалго магIарулал гIахьаллъи гьабизе ахIараб лъазаби. Гьеб тадбиралъе сценарий хъвазе ва хIадурлъиялъулал хIалтIаби тIоритIиялъе нухмалъи гьабизе Расулица Игьаливе витIун вачIана Камил Закаряев.
Байрам тIобитIана тIабигIат берцинаб, гьава лъикIаб, лъим гьуинаб гьайбатал накIкIил рохьаз сверун ккураб игьелдерил «ГIачIила майдан» абулеб, росдадаса 3-4 километралъ рикIкIад бугеб бакIалда. КIиго къоялъ халатбахъараб гьеб букIана аваданлъиялъул ва ихтилат-кепалъул кинабго рахъ жанибе бачараблъун. Гьениб игьелдерил пандур хъвалезул къокъаялъ тIоцебе кьучI лъуна пандур хъвалезул ансамблялъе игьелдерил администрациялда гъорлъе кколеб Кунзахъ росулъа Расуловазул хъизамалъулаб ансамблялъеги. Байрамалда гIахьаллъи гьабуна тIолалго магIарул районазул ихтилат-кеп бокьулезги художествиял хIаракатчагIазул коллективазги. Бищунго хIурматиял гьалбаллъун рукIана Дагъистаналъул халкъияв шагIир Расул ХIамзатов, гьесул божарав гьудул, композитор Ян Френкель (гьесие игьелдерица пандурги сайгъат гьабуна). ЧIахIияз бицуна, гьеб тадбиралда гIага-шагарго 16 азарго чияс гIахьал­лъи гьабулеб букIанилан. ГIадамал рекIун рачIарал машинабазул, автобусазул къадар 850-ялде бахунеб букIанилан, тадбирги нухда анила тIокIаб букIинаребгIан берцинго, гIахьаллъаразул разилъигун, гъалмагъир, къваригIел гьечIеб кIалъай ккечIого.

ТIоцебесеб дандчIвай

1972 соналъул 21 июлалъул радал гIужалда, чуяздаги рекIун Расул ХIамзатовасда дандчIвай гьабизе, гьесухъе рекIине цадахъ цоги чуги бачун, росдадаса 4-5 километралъ рикIкIада бугеб «Сагъри кьодухъ» абулеб бакIалде ана хараби — ХIамзал ХIосен ва Исламдибир. Росу бакьулъ, КIудияб ВатIанияб рагъда хваразе бараб памятникалда цебе дандчIвай гьабуна игьелдерица кIудияв шагIирасда. ГIисинал-чIахIиял — тIолабго росу бахъун букIана, жеги рагIун гурони, вихьун вукIинчIев гьоболасда дандчIвазе. Цересан квералги росун, хъваш-баш гьабуна Расулицаги. ХIукму-хIал цIехедал, рагъул гIахьалчи Нурудиница кигIанго гьеб дандчIваялда рекъараб гьечIониги, гIемер вихьулев чи Расул гуриланги абун, гьесухъа кумек щвеялде хьулгун, росулъ лъалъадиялъе ва хасало гьекъолеб лъадал рахъалъ бугеб къварилъи баян гьабуна. Расулицаги бажарараб кумек гьабизе рагIи кьуна.

Расулидасан щвараб баракат

Бицен батана, пачаясул заманалда такъсир гьабун, гIайиб ккарав чи, Россиялда Сибиралде витIулеб гIадин, Игьалире ритIулел рукIаралилан. Гьедин, цо нухалда Игьаливе вачIарав чияс рокъобе битIулеб кагътида хъварабила, «жив вугин хварал бакъалда, чIагоял рагIдукь ругеб (хасало Игьалибе бакъ щоларо, росдада дандбитIун бакълъул рахъалда ругел хабзалалъе бакъ къотIуларо), гьаби риччараб, ганчIал рухьараб (хасало рахсидаса борчIараб гьой хадуб лъугьиндал, гьелда речIчIизе гамачI щун гьечIо гьесухъе, цIороялъ ракьалдехун рекIун батун), гIощтIоца цIер къотIулеб, гьагьица лъим баччулеб (хасало, киналгIаги лъиналги цIорон, лъим гьечIолъиялъ, гIурул рагIалда чIвараб цIер гIощ­тIоцаги къотIун, гьагьица баччулеб букIун буго рокъобе, биине) росулъ» абун. Риидал гьава-бакъ рекъараб, «кьер-кьерал нигIматазул гIор жанисан чвахулеб» курорт гIадинаб бакI бугониги, хасало гьеб гIунгутIи кидаго букIана игьелдерие. Умумуз гохIал-щобалги гIанлъун, кIкIалал, кьураби, ччукIелал ругел бакIаздасан цIулал рогIралги лъун, 9-10 километралъ рикIкIадаса бачараб лъим хасало букIунароан. 1973 соналда байбихьана гьеб лъадал мухъ, маххул рогIралги лъун, хасалоги букIунедухъ къачIазе. Доб заманалда, мугъ­чIвалеб бакI щулияб гьечIони, цо росдае яги магIишаталъе хIукуматалъ гьабулеб кумек цIакъго дагьаб, пайда гьечIеб букIана. Рехсараб хIалтIи гьабулеб букIана Хунзахъ МУОСалъ (Межрайонное управление оросительной системы). Гьелъул нухмалъулевлъун вукIарав Атал ХIажица абун буго жидее мугъчIваялъе букIине, Расулихъеги ун, гьесухъа цо кагъат щай босуларебин. Советалъул председательлъун вукIарав Бибулатов СайгидгIали ун вуго Расулихъе. Сала-каламалдаса хадуб цIехон буго мурад ва ракIалдещвезабун буго игьелдерил харабаз бицен гьабун букIараб масъала. Гьеб мехалда Расулица цебебахъун бачIун буго тIамач ва х­ъван буго ХIажихъе кагъат. Нахъа, цIалидал, ХIажихъе сала-каламалдаса хадур хъвалел рукIана гIага-шагарго гьадинаб магIнаялъул мухъал:

Игьелдерил жамагIат гIузру бицун кIалъайдал,
Дир рекIеде тIаде мун кIанцIун вачIана, ХIажи.
Дицаги хьиндалазе, гьеб дур щулалъиги лъан,
Щулияб рагIи кьуна, кумек гьабилин абун.
Аллагьасул рахъалъан баракат-кириги дуй,
ЖамагIаталъул рахъалъ баркалаги даимаб.

Хадубги, къо-мех лъикI гьабулаго, щиб къваригIаниги раккейила жиндихъеян абун буго Расулица.
Гьеб кагъат босун рачIиндал, хIалтIи гьабизе жидеца тIаде босилин, рогIрал нужецаго ралагьизе ккелилан абун буго ХIажица. Ана нахъеги Расулихъеян ракIалдещвезабулеб буго СайгидгIалица ва гьес жиндирго лъале-хъвалезухъеги ахIун, кумек гьабун буго хIажатаб къадар рогIразул балагьизе. Хасго кIудияб кумек гьабуна «Дагънефть» цолъиялъул генералияв директорлъун хIалтIулев вукIарав ЧIохъа СагIидов ГIабдулатIипица. МахIачхъалаялдаго къотIун, Хунзахъе рехун, гьенисан вертолеталъ рехана рогIрал хIажаталъуре. ХIажиги нахъе ун, гьесул бакIалда тарав Хочоев Камилил хIаракаталдалъун къокъабго заманалда Игьали росулъе чвахизабуна тIубараб лъар.

КIиабилеб дандчIвай

Гьел рукIана ункъоабилел сонал. Хабар бачIана, Расул ХIамзатов Гумбет районалде вачIунев рагIулилан. Щибаб росулъ, культучреждениязда унел рукIана хIурматияв гьоболасда дандчIваялъул мурадалда хIадурлъиялъулал хIалтIаби. КватIичIого хабар бачIана Расулихъан, жив Гумбет районалъул МелъелтIе гурев, Игьаливе вачIунев вугилан. Гьеб къоялде районалъул щибаб росулъа вакилзаби ракIарана Игьалире. Данд­чIвай букIана добго, ВатIанияб рагъда хваразе росу бакьулъ эхетараб памятникалда цебе. Гьениб депутат, шагIир ва жамгIияв хIаракатчи хIисабалда гьарурал хIалтIабазул хIакъалъулъ къокъабго баян кьуна Расулица.
Хадур кIалъазе рахъарал районалъул нухмалъулез ва росабазул вакилзабаз лъикIаб къимат кьуна магIарул яхIги махIги ясбер гIадин цIунарав ЦIадаса ХIамзатил вас Расулие. Гьайгьай, кидадай гьев вихьилаян рукIарал игьелдериеги рес щвана жидее гьабураб кумекалъухъ гьесие баркала кьезе.
Хадув районалъул ва росабазул нухмалъулелгун цадахъ Расул ана игьелдерил рохьоб бугеб Аллагьасул хIикмат бихьизе (гьенир руго хасало жаниса хинаб, риидал цIорораб гьури, гьогьен ракьулъан къватIибе бачIунел картIал). Гьениб лъикIаб хIухьбахъиги гьабун, къасиялдехун гьалбадерица игьелдерилгун къо-мех лъикI гьабуна.
Магьди ГIабдурахIманов,
Игьали росу