Премьера

Спектаклялдаса разиго хутIана

МагIарул театралъ бихьизабуна «Цо ясалъул ункъо бахIарав» абураб комедия

Араб гIасруялъул 70-абилел соназго магIарулазухъ гьоболлъухъ рещтIараб татаразул драматург ТIупан Миннулинил гьеб комедия цIидасанги такрарлъана МагIарул театралъул сценаялда. Спектакль цIигьабун къачIан, сценаялда лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ. Спектаклялъул тIоцебесеб цебебоси букIана 18 сентябралда. ГIадамаз гъираялда къабул гьабуна спектакль ва, гьезул гьариялда рекъон, гьеб цоги нухалда бихьизабуна.

Гьале сценаялда магIарулазе вокьулев, жив цеве вачIиндал, киналго рохулев, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъов, Дагъистаналъул
мустахIикъай артистка Машидат ГIумарасхIабова. Гьей ккола спектаклялъул аслияй багьадур. МагIарулазда Машидат лъала хIеренаб, рекIелъе бортулеб гьаркьил кочIохъан хIисабалда. Гьеб сордоялъ магIарулазда лъана цIияй Машидат — гьелъ роль хIалеб букIана, кечI ахIулебго гIадин, хIеренго. Гьединго спектаклялда гIахьаллъана Дагъистаналъул мустахIикъав артист НурмухIамад НурмухIамадов. Гьев вихьарабго, релъи рекIунеб букIана гIадамазда — артистас рагIигицин абизе кколеб букIинчIо. Гьединго спектаклялда ролал хIана Мадина МухIамадрасуловалъ, Ибрагьим МуртазагIалиевас, Салим Камиловас ва Мурад ХIажиевас.
Абизе бегьула жакъа МагIарул театр бугин магIарулал данделъизе цого-цо бугеб бакIилан. Театралъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго рахьдал мацI цIунизеги. Гьеб бихьулеб буго гIолохъанал артистазул церерахъиназдасанги.
Спектаклялъул къокъаб хIасил: машгьураб журналалъул жилдазда Деляфрузил сурат бихьидал, гьелъухъ рокьи ккола лъабго росуцоясулги цо росу батIиясулги. Гьелъухъ гуребха, гьелъул буголъиялде хьул лъурал бихьиназул. Гьел киназго, цояс хутIизегIан, гьабулеб букIана гьей йокьулеб ххвел. Гьеб кинабго бичIчIарай Деляфрузица хIукму гьабула гьел махсараде кквезе ва киналго цадахъ цого заманалъ ахIула гъотIокье. Цого заманалда гьенир дандчIварав ункъасдаго бичIчIула жидерго «рокьул» къваридаб ахир. Деляфрузицайин абуни тIасавищула жийги йокьулев жиндиеги вокьулев гIолилав.
Шамай Хъазанбиева