ГьитIинав «Палугьанасул» кIудияб «ВатIан»

 

 

ДОСЬЕ:

  ГIали МухIамадгIалиев гьавуна 1961 соналда Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъ. КватIичIого гьесул хъизан гочана МахIачхъалаялде. ЦIалана тахшагьаралъул №38 школалда. Хадув цIалана МахIачхъалаялъул культпросвет училищеялда. ХIалтIана «Лезгинка» ансамблялда. Хъулухъ гьабуна Армиялда. ЛъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет.
  Киса-кибего ГIалил божараб ва ракIрагьараб гьалмагълъун букIана Кьурди. Гьаниб гьеб рагIи кIудияб хIарпалдасан хъваниги бегьила – гьеб букIана, буго ва хутIизеги буго гьесие гIумруялъул магIналъунги. Гьеб ккола гьабсагIаталдаги гьесул къисматалъул кIиабилеб хIухьеллъун.
   ГIали МухIамадгIалиевас нухмалъи гьабулеб «ВатIан» гIо­ли­лазулгун лъималазул ансамбль машгьураб буго дунялалъу­л гIемерал улкабазда. ГIемерал соназ ГIали МухIамадгIалиев хIал­тIана Хьаргаби районалда. Районалъул искусствабазул школа­лъе кьун буго гьесул цIар.
Гьев ккола Дагъистан ва Чачан Республикабазул халкъияв артист, РФялъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи.

 

   Цояб къададасан валагьарав имам Шамилги, гьесда дандритIун рарал Расул ХIамзатовасулгун дида лъаларев чиясул сураталги, рамкабазда жанир лъурал грамотабазгун баркалаялъул кагътаз бацараб цогидаб къедги, шкафалда жанир лъурал гIемерал кубокалги, къватIисел улкабаздаса рачIарал сувениралги, кьурдухъабазул сураталги. Гьеб киналдаго гьоркьов гIодов чIарав ГIалиги. Гьедин цебечIезабизе бегьула дунялалдаго машгьураб «ВатIан» ансамблялъул директорасул гьитIинабго кабинет.

    Нижер гара-чIвари гьоркьоб къотIизабулеб букIана ГIалида 60 сонил юбилей баркизеги, хIалтIул ишалъ щиб-щибниги гьикъизеги зама-заманалдасан жанире раккулел, тIокIалъ чIечIого гьесул кабинеталъул нуцIа цIацIалел чагIаз.

  Байбихьудасаго нижедаги бичIчIана щибаб жоялъе гьес заман цIан букIунеблъи, гьединлъидал нижер гара-чIвариги репетициялда гьоркьоб хIухьбахъизе кьураб заманалда жаниб лъугIизабизе кколеблъи.

    Дов Расулида цадахъ къададасан балагьарав чиги ДАССРалъул халкъияв артист Казим Манафов вукIин лъана хадуб. Щуго сон барав ГIали МахIачхъалаялъул Пионеразул рокъов 10 соналъ гьес куцан вуго кьурдизе.

    Микьго сон барав ГIали Дагъистаналдаса делегациялда цадахъ гIахьаллъана 1969 соналда Москваялда тIобитIараб литератураялъулгун искусствоялъул фестивалалда. Гьелдаса хадуб «Палугьан» абураб фильмалда гьес хIана гьитIинав палугьанасул рольги.

    Анкьабилеб классалда цIалулеб мехалда ахIулев вукIун вуго ГIали школазда, политехникияб институталда кьурдаби лъезе. Гьелъие киналгIаги шартIал рукIин­чIо­лъиялъ, тIагърал, рачалаби, хунж­рул, картоналда тIад сураталги ра­хъу­н гьарулаанин ракIалде щвеза­була гьанже гьес. Гьедин лъолел рукIун руго узбеказул, латишазул, гуржиязул ва цогидазул кьурдаби.

   Хадуб МахIачхъалаялда культ­просветучилищеги лъугIизабун, ГIали ана армиялде. Гьенивги гьев кьурдулаан Северияб Кавказалъул рагъулаб округалда гъорлъе унеб Краснознаменный ансамблялда.

   Гьединго Танхо Израиловасул гьариялда рекъон, цо заманалда «Лезгинкаялдаги» хIалтIулев вукIана ГIали.

 Дидаго гIадин, гIемерисездаги кко­ла гьев Хьаргабисаян. Амма ГIа­ли вуго Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъа. Хьаргабиве гьев искусствоялъул школа гIуцIизе ахIун вуго гьеб районалъул культураялъул отдела­лъул нухмалъулев МухIамадзагьир МухIамадовас.

Гьелдаса хадуб, МахIачхъалаялде тIад вуссиндал, «ВатIан» ансамблялъе кьучI лъуна ГIалица.

    — Хьаргаби хIалтIулеб мехалда байбихьана нижеца концерталги росун тIубараб Дагъистан сверизе. Гьединго республикаялъул филармониялда цере рахъана ниж сагIатгун бащдалъ халатбахъараб концертгун. Иосиф Матаевгун цадахъ тIолабго «Лезгинка» ансамбльги бачIун букIана нижехъ балагьизе. Гъоб мехалда гъоз кьурдуларел Кавказалъул халкъазул кьурдаби рихьизаруна нижер лъималаз. Гьеб мехалда Иосиф Матаевги вукIана виххун хутIун, бихьуларищинха доба магIарухъ, гьедигIан шартIалги гьечIеб бакIалда гьел куцан ругеб куцилан.

  Гьелдаса хадув дун МахIачхъа­лаялде ахIана учитель Казим Манафовас – жинца гьаб «Мой Дагестан» (ДГУялъул ансамбль – авт.) духъе кьолеб бугин абуна гьес. Доб мехалда МахIачхъалаялъул Пионеразул рукъалъул директорлъун йикIарай Людмила Путербротги чIана жидееги къваригIун вугин мунилан. Гьедин байбихьана кIиябго ансамблялъул хIалтIи цадахъ бачине. Пионеразул рукъалда цебе гIуцIана цIияб ансамбль, гьелъие «ВатIан» абураб цIарги Людмила Путербротица кьуна. Амма хадуб Расул ХIамзатов вукIана дида гьеб магIарул рагIи гурилан.

   ПалхIасил, гьеб «ВатIаналъ» къватIире риччарал лъималазул тIоцебесеб кьер цIализе-хIалтIизе добе-гьанибе инчIого букIинелъун, «Имамат» абураб концерналъул квербакъиялдалъун нижеца гIуцIана «Имамат» абураб ансамбльги. Профессионалиял кьурдухъаби рукIана гьенир. Амма чанго соналдасан биххана гьеб. Хадуб мунагьал чураяв ХIажи МахIачевасул кумекалда­лъун гIуцIана «Кавказ» абураб ансамбль. КватIичIого гьелъулги гьадабго къисмат ккана. ХутIана цохIо «ВатIан». Гьеб буго «Лезгинкая­лъеги» гьелда релълъарал машгьурал цогидал ансамблязеги кьурдухъаби гIезарулеб бакIлъун. Дица ругьун гьарурал лъимал хадурккун халкъиял артисталлъун рахъана. Масала, гьезул цояв гьабсагIаталда Америкаялда вуго. «Лезгинкаялда» солисталлъунги руго гьел.

  Гьединго музыкаялдагун хореографазда хадур къватIиреги унаро ниж, гьелги нижерго рукIуна.

— ГIали, цо-цо кьурдухъабаз бицуна къватIиса улкабазде индал, батIи-батIиял гIиллабазда бан, жидеца программа хисизабизе кколила. Масала, паркет ккураб чIабар хвелилан хIинкъун, цоязе гьукъун бугоан хунжрул гIодор речIчIулеб кьурди бихьизабизе.

    — Нижерги ккана гьелдаго релълъараб жо. Гьединлъидал гьеб кьурди программаялда гьоркьоса нахъе бахъана. Амма, гьеб хисун, дицаго цогидаб кьурди бихьизабуна сценаялда, гьенибго ургъун.

    Цогидаб нухалдаги гьебго хунжрузул кьурди бихьизабулел рукIана ниж Тринидад ва Тобаго абураб пачалихъалда (Венесуэлаялдаса рикIкIад гьечIеб бакI – авт.). Англиялде арал чагIиха ниж гьениреги щун рукIарал. ЧIабар цIакъго цIвакарабищ букIарабали, гьелда рекIунги чIечIого, нахъе кIанцIун рачIунел рукIана дица цабзазги ккун, нахъехун рехулел хунжрул. Цинги сценаялда нахъасан дие ракI-макI гьабулел, воре, мун къуркьугейин, диде ахIдезе лъугьана сапаралъ цадахъ рукIарал ХIажи ГIабашиловги Залимхан Хангереевги. Лъабабизеги хунжрул рехизе­хъин вукIарав дица махсара гьабуна залалъе, гьалейин, гьанже дица диего харакири (чохьолъ ханжар къазаби) гьабизехъин бугилан. Воре-вореян, жидерго мацIалъ цо жал ахIизе, кверал хьвагIизе гIадамалги лъугьана. ТалихIалъ, лъабабилеб нухалда къан чIана чIарбида хунжрул. Гьеб мехалда рохана, хъатал чIвазе байбихьана гIадамаз.

  Хадур щвана Санта-Лусиялде (Аргентина). Хунжрузул кьурди байбихьизехъин вукIаго, «Ноу, ноу!» абун ахIдезе жуяна цо гIадан. Гьедин батани, телилан, чIана дунги. Гьелъул бакIалда цойги кьурдиги бихьизабуна.

    БатIи-батIияб бакIалда батIа-батIайисан бичIчIула нилъер культура, цо-цо бакIалда бичIчIизего бичIчIуларо. Масала, Тринидад ва Тобагоялда гIадамал, хъаталги чIвачIого, руцIцIухIун чIана ниж кьурдун рахъиндал.

   Санта-Лусиялда абуни залалда рукIарал лъимал рекIедаса ун ре­лъанхъизе журана нижер ансамбль кьурдун бахъинегIан. Щиб лъугьа-бахъунеб бугебали бичIчIичIогоха гьезда. Лъималазе кьолеб концерт букIана гьеб. Цо заманалда нижер кьурдухъан вачIунев вуго дида аскIове, гъол щай релъулел ругелали гьикъизе. Валлагь, нужги рачIун рохун рукIинарищха гьелин, махсара гьабуна дицаги.

— Гьанже кьурдизе рачIунел лъимал дагьлъунищ ругел яги гIемерлъунищ?

   — Дагьлъун руго. Пандемиялда бараб жоги батила гьеб. Цебе 600-ниги лъимер букIунаан гьаниб. Гьанже 400 батила. Ругьун гьарула анлъго сон баралдаса 16 сон базегIан. Хадур гьел уна ясли-ахазда, школазда ругел лъимал куцазе (жидеего гIарац гьабизе). Бокьарал чагIи культпросветучилищеялде, культураялъул факультеталде цIализеги уна.

    Лъималазул цо къадар спорталде руссунги ругоха (ММА, каратэ). Гьелъги дагьлъун руго кьурдизе рачIунел. Амма цIакъго зарал бугеб жо гуроха гьаб – кьурдабазде хьвади. Кьурдизе лъаялда цадахъго гIадлуги бугелъул гьаниб. Черхги лъадарула.

— Гьанже диниял гIолохъаби гIемерлъулел руго. Гьединлъидал кьурдизе диналъ гьукъараб бугин абулел чагIиги рукIунел ратила?

  — РукIинарищха. Цо чанго соналъ цере хIежалда рукIана ниж. МахIачхъалаялда, Малыгинил къотIноб бугеб мажгиталда имамлъун вукIарав Идрис-хIажида гьениб цояс гьикъана кечI ахIизе бегьулищан. АскIов чIун Маданиги (Ибрагьимов – авт.) вукIана. Гьеб мехалда Идрис-хIажица абуна бегьуларила, чан нухалъила жинца Маданидаги абураб кечI ахIизе бегьуларин. Цинги Маданица жаваб кьуна Аллагьас кьураб гьунаралда щибдилаха жинца гьабилебин абун. Дица тIаде жубана Аллагьги, Аварагги, имамзабиги ракIалде щвезарун ахIулеб бугони, щай гьеб ахIизе бегьуларебилан. Дихъ балагьунги чIун, Идрис-хIажица щибго абичIо гьелда данде.

   Хадуб аскIов вукIарав цогидас цIидасан гьикъана Идрис-хIажида кьурдизе бегьулищин. Кутакалда бегьулилан абуна гьес, салуда тIад зарги кьабун.

   Гьадинаб магIна буго кьурдизе бегьиялъул. Чи кьурдизе бегьула ясгун, яцгун, эбелгун, лъадигун. Гьелгун кьурдулеб мехалда гIадинаб хIурматияб бербалагьи букIине ккола чияр чIужугун кьурдулев вугониги. Гурони, гьелдехун кинабгIаги цIекIлъи загьир гьабизе бегьуларо. Гьединлъидал дие бокьуларо дида лъаларей яс дидаго данде яхъине. Нагагь яхъаниги, дица гьей цеечIезаюла чIужугIадан гIадин гурей, бакъ-моцI гIадин. Гьединго васасулгун ясалъул кьурдул магIнаги ккола хIакъикъаталда цIумазул роржен бихьизабилъун. Нужеца халккве цо гьаваялда гьез гьабулеб рорженалъухъ.

  Гьединго ракIалде щвезабе ни­лъер умумул кьурдулел рукIараб куц, гьез цоцада гьоркьоб толеб букIараб кIудияб манзил.

   Мунагьал чураяв Жамалудин Муслимов абун вукIана дир учитель, тумазул Чукна росулъа хореограф. Гьев чияс, магIарухъеги хьвадун, цо-цоккун ралагьана, нилъее нахъе цIунун тана щибаб росдал, халкъалъул кьурдаби. Амма гьесул хIакъалъулъ гIемер бицунеб рагIуларо. МахIмуд Эсенбаевасгицин абун букIана гьев чи жиндир мугIалим кколилан.

   Дун Хьаргаби хIалтIулеб мехалда гьениб лъабго моцI бана Жамалудиница. Дица консультантлъун вачун вукIана гьев гьениве. Гьеб мехалда дица лъуна Кубачиязул кьурдиги тумазул «Чаргъу-Даргъуги». Гьелъухъ балагьун хадуб, магIу кIанцIана Жамалудинил бадиса, гьедигIан лъикI гьеб лъезе духъа бажарилин ккун букIинчIинги абун.

   Гьебго жо Москваялда гуржиязги абуна нижеда – гIачIарули (аджаразул) кьурди бихьидал, кутакаб цIар-рецц гьабуна гьез, унго-унгоял гуржиял гIадин кьурдулел ругилан.

   Гьединлъидал щибаб халкъалъул кьурдуе къимат гьеб халкъалъул вакилзабаз кьураб лъикIаб букIуна.

 

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.