ГIолохъанал хъвадарухъабазул кIиабилеб форум

Дагъистаналъул адабияталда цIиял цIарал

 

27-28 марталда республикаялъул шагьараздаса ва районаздаса шагIирзаби данделъун рукIана Поэзиялъул театралда

ШигIрабазул байрам байбихьана А. Пушкиние ва Р. ХIамзатовасе театралъул азбаралда рарал памятниказда цере тIугьдул лъеялдалъун. Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас.

«Жакъа нилъ киналго данделъун руго Дагъистаналъул адабияталъул букIинеселъул хIакъалъулъ бицине. Дун цIакъ вохарав вуго гIолилазда гьоркьор рахьдал мацIалда хъвадарулезул къадар цIикIкIунеб букIиналдаса. Нилъер киналго гIелазул хъвадарухъабазул буго цо мурад: миллияб адабияталъул бакъул гвангъараб кунчIи хадусел наслабазеги цIуни. Нилъеца хъвалеб буго гIаммаб тIехь. Гьелда цIарги буго — Дагъистан. ТIохьол щибаб бутIа ккола Дагъистаналъул мацIазда хъварал асарал. ЦогIаги бутIа гьениса камуни, кинабгIаги тIагIамги букIунаро. Жакъа нужеда, гIолохъанал хъвадарухъабазда, цебе буго цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб масъала — нуж ккола нужерго миллаталъул матIулъун ва нужехъе цIунизе кьолеб буго нилъер гIаммаб тIехь»,- ан абуна гьес, гIолилазде хитIаб гьабулелъул.
ГIолилазда шигIрабазул байрам баркана Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулезги шагIирзабазги. Гьез гIолилазе цIалана жидерго кучIдулги. Хадуб хъвадарухъаби рикьана миллиял секциязде ва форумалъул хIалтIи тIобитIана Хъвадарухъабазул союзалда. Гьенирги шагIирзабаз цIалана жидерго асарал. ЧIахIияб гIелалъул хъвадарухъабаз гIолилазе гьаруна малъа-хъваял, насихIатал.
Форумалъул кIиабилеб къоги бай­бихьана Хъвадарухъабазул союзалда. Жигараб хIалалда хIалтIана магIарул мацIалъул секцияги. Дандеруссиналда бищунго гIемер рукIана магIарул хъвадарухъаби. ГIолилаз цIалана жидерго шигIраби. Гьел кко­ла Хунзахъ районалдаса Индира Зубаирова ва Саида МухIумаева, Буй­накск районалъул ЧIикIаб росу­лъа Зайнаб ХIажиева, Рамазан Халидов, ХIамзат Сурхаев, Гъуниб районалъул ХIутниб росулъа Рамазан ГъазимухIамадов, Лаваша райо­налъул Урма росулъа НасихIат ГIаб­дурашидова, Шамил района­лъул Зивури росулъа ПатIимат Му­хIамадова, ГIахьвахъ районалдаса Мадина Нуцалханова ва цогидалги.
… ЦIидасанги данделъана По­э­­зия­­лъул театралда. Цо нухал­да гIенеккана гIолохъанал ша­гIир­забазухъ. Гьенир кучIдул цIалана ва гIолилазе нухбитIиялъул рагIаби абуна халкъиял шагIирзаби Му­хIамад ХIамзаевас, Аминат ГIаб­дулманаповалъ, Бике Кулунчаковалъ. Гьединго форумалда кIалъана щибаб мацIалъул секциязул нухмалъулелги. Данделъиялъул ахиралда магIарул мацIалъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас грамотаби кьуна гIоло­хъа­нал магIарул шагIирзабазе, Му­хIамад АхIмадовас дипломал ва тIа­хьал кьуна батIи-батиял миллатазул гIолохъанал хъвадарухъабазе.

ХадурагIи

Щив чи кколев шагIир? Гьайгьай, гьев вукIине ккола лъиданиги релълъинчIев. Кинабго: гIамал-хасиятги, пикрабиги, рухIияб ду­нялги, сипат-суратги, партал-ма­гIал­ги, сценаялда вукIа-вахъине лъай­ги — букIине ккола миллата­лъул гIадатаздеги, гIамалаздеги, цIа­ралдеги дандекколеб. Гурони, гьел къабул гьаризе гьечIо гIагараб халкъалъ. Гьезул гьаракь рагIизе гьечIо рорхатал мугIрузда. ШагIирасул гьа­ракьин абуни рокьул дандерижи­лъун гъугъазе ккола мугIрузул тIо­гьазда. Бокьилаан форумалда гIа­хьал­лъарал магIарул гIолохъанал шагIирзабаздаги заманалдасан жидерго бакI батизе гIагараб миллаталъул адабияталъул гъанситохъ. КIваги гьезда гьанжего гьанже кунчIун ба­чIунеб бугеб жидерго цIваялъе гвангъи кьезе.
Цоги, форумалда гIахьаллъарал магIарулаз цIалана цохIо кучIдул. ЦIакъ бокьилаан гIолилазул прозаялъухъги гIенеккизе. Ратилагури гьезда гьоркьорги магIарул адабияталда лъалкI тарал Муса МухIамадовги, МухIамад Сулимановги, МухIамад Шам­халовги ва цогидалги прозаиказул ирсилалги.