МагIарул Лиза

(Цебесеб 9-абилеб номералда)

 

— Доле, ЦIатIанихъ, — ан магIарул мацIалдаги абун, бихьизабуна рихьунисес гьениса бакътIерхьуде кколеб росу.
— Цатаних? — ан, гIажаиблъун, такрар гьабуна Лизаца цебеги рагIараб, жийго жанисан ун йикIараб росдал цIар.
Балагьун гIорцIулареблъун батулеб букIана гIурус ясалда, щибаб цIияб бакIалдасан батIияб куцалда бихьулеб, цого сипаталъулин кколеб, амма такрарлъи гьечIеб магIаруллъи. ЦIодорай Лизада, гьанжеялде дандчIварал гIадамазул гаргаралдасан цере-цересел магIарул рагIаби ричIчIизегицин лъугьун рукIана. «Вот – доле», — ян, гьелъ жиндицаго абизецин хIалбихьулел рукIана цо-цо гьоркьоса рагIаби.
Зама-заманалда гьединал кIалъа-басаялги гьарулаго, нахъа толеб букIана гьез халатаб нух. МагIарул гIолохъанчияс гIезегIан лъикI бицунеб букIана гIурус мацI, амма гIемер кIалъалев вукIинчIо гIолилайгун. «Пайзудин» абун, лъай-хъвай гьаби гуреб, гьелда тIокIаб щибниги лъалеб букIинчIо гьесул рахъалъ. Гьесда Лизаги гьедигIанго гурого лъалароан.
КIиязулго рекIелъ букIана цо батIияб чIухIиялъул асар. Лизал – гьаб гьайбатаб ракьалъул гIадамазе лъаялде нух рагьизе жиндие рес щвеялдалъун. Пайзудинил – кIудияб дуниял росуцоязе рагьизе мугIалим жиндицаго ячун ячIуней йикIиналдалъун.
Гьоркьохъелдаса борхатаб лагаялъул, хIалакъккараб черхалъул, берцинаб сипаталъул гIолохъанчи вукIана Пайзудин. Гьесда тIад рукIана, коммунистазеги комсомолазеги ссиялда рукIарал, «революциялъулаб» ретIелги, тIагъурги, чакмабиги. Бакьулъан рачлида дализабун ханжарги букIана, бан таманчаги букIана. ЧIегIерал бераздаги, битIараб мегIералдаги, гургинаб нилъоялдаги тIаде, бацIцIадго кIкIвараб гьесул гьумералъе жиндирго хаслъи кьолеб букIана махщалида къачIарал чIегIерал михъазги.
Тириго галабиги росулаго, хадуб чуги цIан, таваккалго цевехун вилълъунев Пайзудинил гIебал кIигъуждул ва гьезда тIад борхатго ккураб магIаруласул бетIер букIана гIемерисеб мехалда гIурус гIолилалда цебе. Гьев жиндие жеги тIуванго балъголъилъун кколев гIолохъанчиясул хIакъалъулъ пикраби Лизал ботIролъе рещтIинчIого рукIинчIо. ВукIинчIо испагьияй гIурус ясалде руссарал пикрабаздаса эркенго хутIун рихьунисевги. Гьел пикрабиги жидеего тун, рукIана гьел кIиялго сапаралъ унел. Тараблъи лъачIого, бигьаго нахъа толел рукIана гьез захIматал мугIрул нухал.
Тана МокIсохъги Балахьуниги, бакъанида щвана АваргIурул рагIалде. Гьалагаб, гучаб магIарул хIабургъараб гIурул лъел чвахиялъул сас букIана гIинда багъулеб. Кьурабазда мугъ цун, гIурулъе хIатIал риччан, гIодоблъиялда букIана пихъил ахаздалъун бечедаб хьиндалазул росу – Зирани. Шамил имамасул рагъазул заманалдаго гIурус аскарияз тIасан цIарал щулиял маххул кваразул кумекалдалъун гIурул доб цояб рахъалдехун бахунеб бакI букIана гьеб росдада аскIоб.
КигIан хIинкъаниги, рес букIинчIо Лизае, квараздасан бачунеб гьакидаги рекIун, гьалагаб гIор бахинчIого. Бугеб жиндирго бахIарчилъиги данде бакIарун, рекIана гьей гьакида, хIинкъадго нахъа тана кварил нух. РещтIана АваргIурул кваранаб рагIалде. Пайзудиница чодаги бахинабуна гIор. ГьерекIдерил рахъалда гIурул рагIалда гьес мугIалималда бихьизабуна Зирани росдада дандбитIун гIурусазул хъала букIараб бакI, бицана гьениб ккараб рагъул хIакъалъулъ чIахIияздасан жиндаго рагIараб тарих.
ГIурус яс гьес бицунеб харбихъ гъираялда гIенеккана. Гьелда жеги лъикIго лъалароан Шамилил заманалъул тарихги, гьайгьай, Пассекил бо Зирани хъалаялъуб магIарулаз сверун ккун букIинги. Гъваридаб асар гьабуна, «кварил нухалъ» ккезабураб хIинкъи жеги чорхолъа ун бахъинчIей гIолилалъе гьеб харбица.
Гьаб кIиябго къоялда жаниб чан батIияб хIинкъиялъул асаралде гъоркье гьей ккарай? Бицарабани, жийгоцин божуларей йикIарай, чан гьунар гьаниб мугIрузда гьелъ гьабизе ккараб? Кьурабалъанги гьаний хьвадизе ккана, чодаги ругьунлъизе ккана, квараздеги яхине ккана…

(Хадусеб букIине буго)