МацIаз буцIцIараб квацIи

— Нилъ руго батIи-батIиялги ва цоцазда релълъаралги. Цого анищалги, цого пикрабиги, мурадалги цохIо нилъер. Ва гьеб кинабгоги нилъе-нилъер мацIалда. Бакъги гьеле гьеб мацIалда гьимула нилъее, талихIалъги гьеб мацIалда бала нилъеда къвал – гьеле гьединаб букIана Каспийск шагьаралъул №2 школалъул рахьдал мацIазе сайгъат гьабураб, учительзабиги цIалдохъабиги гIахьаллъараб тадбиралъул ахIи. Байрамалда гIахьаллъизе рачIун рукIана Дагъистаналъул Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гIелмиял хIалтIухъаби ХIайбула Вакилов ва Разият Ражабова, «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.
ГIахьалчагIазда байрам баркана школалъул директор ГIалибег Хъазанбиевас.
 
Дагъистаналъул рухIияб бечелъи-лъун ккола гьелъул миллаталги миллатазул мацIалги. Нилъер, чIахIияб гIелалъул, ватIаналда цебе буго кIудияб борч — наслабазе цIунизе ккола нилъерго мацIги, гIадаталги, гIамалалги. РакI бохизе бачIуна, улкаялъул букIинесеб кодоб бугел гьал лъималазухъ гIенеккидалги. Дагъистаналъул мацIаз буцIцIараб хIикматаб квацIиялъ божизе тIамулел руго мацIал чIаго рукIине рукIиналда, — ян абуна гьес.
Школалъул рахьдал мацIазул учительзабаз хIадурарал цIалдохъабаз рикIкIана, цIалана, ахIана жиде-жидер мацIазда кучIдул, рихьизаруна Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асаразул кьучIалда гIуцIарал сценкаби. Байрамалда нур базабун букIана гьелъул жигарал гIахьалчагIилъун рукIарал жалго учительзабазги. Гьезги бихьизабуна рахьдал мацIазул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицунеб сценка. ЦIалдохъабазда ва учительзабазда байрам баркана гьалбадерицаги. ГIумруялдаса мисалалги рачун, гьез бицана рахьдал мацIазул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.
 
Гьанибго бицине бокьун буго гьеб школалда ратарал магIарул цIалдохъабазулги. Гьел хIадур гьарун ругоан магIарул мацIалъул учитель ПатIимат Зургьаловалъ. Гьел лъималазухъ гIенеккидал, ургьиб ракI басандизе лъугьараб гIадаб асар гьабулеб букIана. Гьале дол, дир миллаталъул букIинеселда рессун ругел накъищал, гIагараб миллаталъул бакъул гвангъарал чIорал. Гьел чIоразул хинлъи лъугIизе рес гьечIо ракьалдаса.
Гьеб къоялъ гьел лъималазул гьурмазда гьимулеб букIарабщинаб талихI ракьалде биччарабани, мацIаз буцIцIараб квацIидал махI щивасул рекIелъ рещтIине букIана. АхIана гьез магIарул шагIирзабазул кучIдул.