МагIарул Лиза

(Цебесеб 5-абилеб номералда)
 
ГIарахъ магIардаги, канлъи-бакъ тIаса инчIого, цоги нухалъ кваназаруна магIарулаз чуял. Гьезул букIана сардилъги цере ине нигат. МагIарул тIабигIаталъ цIидасан гIажаиблъизаруна гIурус гIолилал. Гендерил магIардасан рихьулел рукIарал мугIрул тIогьазулги, согIал кьурабазулги, гъваридал къварилъабазулги бакIалда, гьезда цебе рагьун бачIана, жидерго беразе ругьунаб, гIурччинаб авлахъ. Гьеб букIана Хундерил тIалъи. БакI-бакIалда рихьулел рукIана магIарул росаби.
Канлъи рукIкIараб, сордо тIаде щвараб гIужалда нахъа тана гьез магIарул церегосел ханзабазул ватIан, ТIануси росу. ТIокIал кирниги лъалхъинчIого, ругьунаб нухдасан сардилъги бажарараб хехлъиялда рачана сапаралъул жавабияс чуял. Нухлулал Хунзахъе щведал гурони, кьечIо гьес жиндиего чучизе рес.
Хварал чагIигIанги ригьунареб куцалда, кьижун ккана, нухлуца кIвекIарал, свакалъ тату хварал гьалбал гьеб сардоялъ. Радал, квана-гьекъон, щвезаруна гьес гьалбал района-лъул идараялде. Жиндирго масъала тIубарав нухбачунесул тIокIаб букIинчIо гьениб иш. Гьев ана. Гьалбалин абуни, идараялъул нухмалъулес жиндаго аскIоре рачана, гьезул сапаралъул хадусел масъалаби тIуразе.
Байбихьана лъай-хъваялдасан. БачIина-хъего суал тIубана хIакимас кIиявго гIолохъанчиясул. Гьел гьебсагIатго жидерго ишалде нухда ккезаруна. ГIолилай йикIана кие юхьинайилеяли, лъие къабуллъилеяли, щиб гьелда гьабилебали лъаларого хутIун. «Жеги гьитIинай гьай гIурус ясги кие гьание магIарухъе? Лъица гьай жидехъего къабул гьайилей? Киса, щийдай гьай, гьал рикIкIадал мугIрузде ячIине ракIалде ккарай?» – абун суалал рукIана нухмалъулесул пикрабалъ.
 
— II —
 
ХХ гIасруялъул авал букIана нилъер улкаялъе балагьаблъун, ругьунаб жамгIияб гIуцIи биххулеблъун. Бидулал лъугьа-бахъиназги рагъазги рукIана гьеб замналда аслиял сиясатиял суалал тIуралел.
Гьеб киналъухъго балагьичIого, жиндирго рахънисан инеб букIана гIумруги. Ирга щвара-щваралъусан тIаде рачIунел ва тIаса камулел рукIана гIадатиял гIадамалги. Гьедин хIалуцараб заманалде ккана, 1914-абилеб соналъул ахиралда, хасалил авалалда Киевалъул губерниялъул Сульжинск волосталъул Лешань росулъ гьаюрай Лиза Семенюкил гIумруги.
Инкъилабалъул ва Граждан рагъул заман бигьаяб букIинчIо улкаялда, амма гьей гьитIинай ясалъе гьелъул букIинчIо щибниги къварилъи. Унго-унгояб къварилъи, кIудияб рухIел гьелда бихьана анлъго сон бараб мехалда. Лиза хутIана, эбелги эменги гьечIого, бесдаллъуда. Эбелалъулги инсулги къадар батараб украиназул росу гьелъ абадиялъего рехун тана.
Цебесеб гIагарлъиялъ бесдалай жидедаго аскIое Донецкалде ячана хьихьизе. ЗахIматхалкъалъул жигарчилъи тIадегIанаб, улкаялда хиса-басиязулъ хасаб бакI кколеб гьеб шагьаралда гьитIинай Лизал къисматги ине рес букIана цIияб улка гIуцIиялъул батIияб шагьраялдасан.
Гьелъул гIумруялъул чвахиялъин абуни, чанго сонидасан босана цоги кIудияб свери. ЧIахIиял лъугьа-бахъиназдасаги тахшагьаралдасаги рикIкIаде, гIемерго гIодобе биччараб, гьава-бакъ рекъараб рахъалде ккана гьей. Жиндирго эбелалъул яцалда цадахъ Лиза гочана цересел умумузул ватIанлъун букIараб Кисловодск шагьаралде.
Ракъараб, чIунтараб, багъа-бачарараб заман букIаниги, гIолей ясалъул гIумруялъеги сахлъиялъеги хIинкъи гьениб букIинчIо. ГIаксалда, саламатго гIеялъе квербакъулел тIабигIиял шартIалги гьава-бакъги рукIана. Сахлъиялда хадур рикIкIа-рикIкIадасаги гIадамал рачIунел, машгьураб ва гIадамазе бокьулеб кавказияб шагьаралда гIолей йикIана гьей.
Граждан рагъда хадусел согIал ва захIматал саназда цIалана гьей школалда. Анкьгосонил школалда цIалана гъираялда, лъаялде хIасрат бергьун. Бихьараб ва хIехьараб рагъул кьогIлъиялда, ккарал ва бахIарчиго раччарал камиязде дандеккун, бигьаяб иш батана гьелда цIали. Пашманлъиялъ къвал жемарай гIурус ясалъ хадусала тIолабго рекIелгъей цIалуде гьабуна. Жиндехунго тIалабчилъиялъги, ишалде рокьиялъги, цIодорлъиялъги бигьалъана гьелъие цIали.
ЦIалдохъаналъул ригьалдаго загьирлъана мугIалимасул махщалиде гьелъул цIайи, гIуцIарухъанлъиялъе гьунар ва лъималазде рокьи. ЖамгIияб хIаракаталъулги жигаралъулги цере-цересел дарсал гьелъие щвана улкаялда цIияб лъималазул гIуцIиялда – пионеразул кьерилъ. АнцIила ункъилъ лъугьана комсомолазул мухъилъеги. Гьеб букIана, жийго жиндаго чIарай, балугъаб гIумруялде лъураб жавабияб гали.
ЦIи гIуцIулеб бугеб Советияб пачалихъал-да гIолел гIелал куцаялъе кIвар бугел ва хIасил кьолел гIуцIаби рукIана пионерияги комсомолги. Доб байбихьул заманалда Лиза гIадал лъималазе гьезул пайда цIикIкIараб букIана. ГIумруялъул хIалбихьи камиллъиялде гьез рагьулаан къимат тIадегIанаб нух.
ГIолилазул жигарчилъи борхараб гьеб заманалда, чIахIиял ишазде гъирагун, лъугIана Лизал школа. Цинги, комсомолалъул ахIиялъе жаваб гьабун, гъираялда ана лъавукълъиялда данде къеркьеялъул нухде. Гьелъ тIасабищана педагогасул махщел ва цIализе лъугьана мугIалимзаби хIадур гьариялъул хехал курсазде. ЦIакъго гъираялда цIалана гьений. ТIокIлъигун щвана мугIалимасул махщел.
ТалихIаб гьимиялъ гьурмада нур барай, лебалай гIолилалда кодоб букIана щвараб махщел тасдикъ гьабулеб хIужаялъул кагъат. ХIажалъи бугеб рахъалде гIурус мацIалъул ва адабияталъул мугIалимал ритIулел рукIана,  комсомолалъ. Жиндиего бокьун тIасабищана Лизаца Дагъистаналде ин.
(Хадусеб букIине буго)