Реццани — рохун, какани — барщун

Гьанже магIарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гIемер ракIалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хIалтIулев вукIарав кIиго устар.
Цояв — ХIамзатил ГIали, ГIурухъ-СотIа росулъа цIар рагIарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гIертIал, цIа-рагI къачIалев нижер Гьочоб росулъ вукIарав ТIелекьа МухIамад.
Сверухъ росабалъгицин тIокIалъ къачIазе цIа-рагI хутIун букIинчIеб къа­гIи­даха, МухIамадги цо ра­гъи букIинесеб бакIалда гьи­тIинабго къед балев вукIана. 
ГIалицайин абуни ганчIил кIамураби гьарулел рукIана. 
МухIамад ГIалидаса къого­гIаги соналъ гьитIинавги вукIана. ГIали — гIемераб гIумруги гIадамалги рихьарав, чанги батIияб бакIаздеги щварав чи вукIун ватилин ккола дида гьанже, гIодове виччан гьес рицунел рукIарал лъугьа-бахъинал ракIалде щведал.
ТIелекьа МухIамадица тIар­мида кечIги ахIулаан. Ди­ца, гьитIинав чияс, дидаги ма­лъе тIамур бачинейилан гьарараб мехалъ, гьес абуна жиндаги лъицаниги малъун букIинчIилан.
ГIалица гьел-дол, бергьарал, цIар рагIарал, къадал устарзабазул бицунеб мехалъ, МухIамадица гьел гIад-хочI гьарун, гьезул гIамалазул харбал рицунел рукIана. Гьелдаса гьезул кIудияб дагIбаги кколеб букIана. 
Жиндаса цIакъав устар вукIине рес гьечIеб гIадаб букIунаан МухIа­мадил харбил бицен.
ГIалица цо-кIиго гамачI­ги кIар­мазда рекъезабун, чIалудаса гъоркьеги рещ­тIун, хъалиянги цIалаго Му­хIа­мадида абулеб букIана: «Гьеб гамачI батIайиса лъу­нани», » гьеб бакIалда ра­цIцIи къотIани ре­къараб бу­кIинаанха», — ян. Гьасул малъи гIе­мерлъараб мехалда, гIодоб ре­чIчIун квартIа-хъалахъгун, ри­кIкIадеги ун барщун чIо­лаан МухIамад. 
Цинги ГIалица гьесда: — Ле, гьудулав чи, МухIамад, дица дуда гъалай биччазеги, кечI ахIизеги малъулеб гьечIогури, дидаго лъалеб жо малъулеб буго, — янги абулаго, гьесулгун рекъел гьабулаан. МухIамадил цониги рекъон ккараб гамачI бугони, гьебги беццулаан ГIалица. Веццараб мехалда МухIамадица хъващтIан, хIарщулгун хIурул цIурал квераз тIамурги босун, вохуца холаго кечIги ахIулаан.
Цойги МухIамад разиго ву­кIу­наан, жиндир къед ГIалил кIарм­аз­де данде ккун, хехго бан лъугIулеб букIиналдаса. 
ГIалица гьесда абулаан: «Му­хIамад, лъицаниги цIехоларо, ки­гIан заманалъ къед барабан, къада­хъа­насул цIар цIехола «.
ГIалица гьарурал кIаму­ра­би ми­сал хисичIого къамар­тIун руго жа­къаги, амма Му­хIамадица ганчIаз­дасаги хIарщ гIемер гьабун бараб къед, тIад тIох чIвалелдего биххунги ун, цоги устарас базе ккана. МухIамадица чанго батIияб куцалъ лъезе хIал бихьарал, ахирги къелъ рекъечIого чIарбиде рехарал ганчIазул гъонодаса босун ГIалица гьел дагьалго рекIкIа-рессун кIар­мазда лъолаан, добаго бу­кIараб гIадин дурусги кколаан. 
Мунагьал чурадал ГIурухъ-СотIа­са къадахъан ГIалиги, ТIелекьа Къе­бед МухIамадги ракIалде щвезе гIиллалъун ккана фейсбукалда магIарулал данделъулел годекIабахъ батараб дагIба-къец. ХIалбихьигун гьунар бугез гьениб гьабулеб буго пайдаяб малъа-хъвай, реццани — рохун, какани — барщун руго, жидер гьунар рагьизе байбихьарал поэталги.