Рокьи гьечIеб ракIалъ кечI хъваларо

 

Бокьула дие магIарул шигIрабазул дунялалда гьоболлъи базе, гьезде ургъел бикьизе, дирго къисматалъул гьезие бицине. Гьезулъ гIемерисеб мехалда дунгоги ятула. Унго-унгояб кечIалъ гьабун толеб лазатха дие! Бокьула шагIирзабигун гара-чIваризеги, жакъасеб гьеб улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъулги бицун.

 

 

Бицен гьабуна дица гьелъул хIакъалъулъ редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIарай Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъеги. Гьелъ дие жаваб кочIодалъун кьуна:

 

 

— Гьимизе бокьун гьечIо,

ГIодизе бокьун буго —

Намусалдаса горде

Напсалъ бахъулеб буго.

Гьимизе бокьун гьечIо,

ГIодизе бокьун буго –

ГIумруялъул гьобоялъ

Намус ххенолеб буго.

 

 

ШагIиралъ ракIунтун бицана магIарул жакъасеб шигIрияб дунялалда ругел накIкI- цIадалъулъулги хьухьазулги хIакъалъулъ. Дица гьелда гьарана, лъилниги цIаралги рехсечIого, бицейилан абун. Рецц-бакъалде гурони ругьунлъичIел «шагIирзабаз», гьури бахъинабиларищха жидеда кIалъаразда, хасго социалиял гьиназдасан.

 

 

— ТIоцебесеб иргаялда, каранлъ гьалдезе ккола рокьи. Керен бухIичIого ахIулеб кочIол сарин лъугьунаро. РагIаби дандрекIинаризе лъанищ — жив поэт вугин ахIдолев вуго. ТIехьги биччалеб буго. Гьединазул гIемерисел тIахьал гъалатIазул цIуралги рукIуна. Дир пикруялда гьеб буго цIалдолезул адаб тей.

РукIуна цо-цоязул лъикIал пикрабиги. Амма лъикIал пикрабазда ретIун букIуна рукъалабазул цIураб басрияб горде. Гьел кунчIизаризе ккола рекIелъ бугеб бакъалъ. Гьеб къалъичIого хъвараб кочIол щибго лазат букIунаро. Цо-цо шагIирзабазулги кочIол цо куплеталда букIуна чанго батIияб магIна. КIиго мухъилъ цо магIна, хутIараб кIигоялъулъ — тIубанго батIияб магIна. Бищунго квеш ккараб жо буго гьаб цояб рахъги – адабияталъул теорияги гьелъул магIнаги лъалеб букIарабани, кечIалда нур батIияб букIинаан.

Гьединазул «бакъалъ» хьухьикье ккезабулеб буго унго-унгояб шигIру. Амма гьелъул буго гIажаибаб къуват – гьеб хьухьикьанцин гьимула гьеб цIалдолезе, цинги гьесул рекIелъ тIупунго тIупун лъола жиндирго берцинлъи. Цо нухалда Ясная Полянаялде Лев Толстоясухъе гьоболлъухъ щун вуго И. С. Тургенев. Дуца щай кечI хъваларебилан Толстоясул лъади Софья Андреевналъ гьикъидал, гьес жаваб кьун буго рекIелъ рокьи гьечIилан. Рокьи гьечIеб ракIалъ кечI хъваларилан. Гьанже кечI хъвалеб буго гьеб рокьул махI чIвачIезги -, ян бицана халкъияй шагIиралъ.

 

 

Залму Батировалъул шигIрабазул хIакъалъулъ бицунги хъванги дун свакаларо. Гьаб гьитIинабго макъала лъугIизабизе бокьун буго магIарулалъул сипаталъул берцинлъи бихьизабулеб шагIиралъул кочIодалъун:

 

 

МугIрул чIужуялъул гIумрудул роцен

ГIищкъуялъ биххулеб си букIунаро,

Соролел лугбазул къулгIадухъа лъим

Рокьул гьорчо щунин, чороклъуларо.