Рагъулаб вацлъиялъ хвасарлъана

Гьаб лъугьа-бахъин ккана Украинаялда, хасаб рагъулаб операция (СВО) байбихьун, кIиго моцI араб мехалда. Контракталда рекъон, БежтIаса гIолохъабазул къокъаялъ цадахъ тIубалеб букIана рагъулаб хъулухъ. Январалъул ахиралде гьел рачана Украинаялъул гIорхъоде. СВО байбихьаралдаса нахъе рукIана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъулелги.
 
Киназдаго ракIалда батила, рагъулаб хъулухъалда рукIарал васазул хабарги бачIунарого, эбел-инсул рекIелъ пашманлъиялъ бусен лъураб заман. Щивниги кIалъанин яги тIадвуссанин рагIидал, тIоцебесеб суал букIана: «Дир вас вихьичIищ?» — ан кьолеб. Гьеле гьединаб заманалда БежтIаса бачIана тIоцебесеб пашманаб хабар: Жаватханил цо вугев вас МухIамад къадаралде щванилан ва гьесул жаназа росулъе бачIунеб бугин абураб. Улбузул ракIазулъе лъугьана ургъалил хIинкъи. «Я Аллагь, цIуне нижер васал!» — гIемерлъана гьардей… Цо-кIиго къо гьоркьоб инелде бачIана цоги ругьел: дир классцояв АлукIаев Ризванил вас МухIамадги рагъулъ чIванилан абун… 
 
 
СВОялдаса тIадвуссарав ШайхмухIамад Гъапуровас ракIалде щвезабуна дол къоязул хIакъикъат. «Гьел рукIана нижее камиял ккарал захIматал къоял. Цо-кIиго къоялъ цевеккун чIвана дир вацгIал. Гьебго къоялъ дир ботIродеги щун, тIад букIараб БМПялъул наводчикасул каскаялъ хъущтIизабун, хъвалисун ана гулла. Къо тIагIун букIун гьечIоха дир…
Унго, букIунеб захIмат цадахъ вукIарасул эбел-инсухъе пашманаб ругьелгун кIалъазе! 
Амма рес щибха. КIалъана ниж росулъе, бицана, кигIан рекIее захIмалъаниги, ккараб жоялъул хIакъикъат. Ниж рукIана агълъизарурал гIадин. Сонгицин гъорлъ вукIарав МухIамад… 
 
 
РагIуларо гьесул гьаракь, бихьуларо гьими… Ма, цоги балагь рещтIана: захIматго лъукъана росуцояв МахIач ХIажимурадов. Госпиталалде гьевги нухарегIун, данделъун, ургъалида хаган хутIун рукIана ниж. Гьеб мехалда цояс абулеб буго, АлукIаевгиха тIагIун вугеван. ТIубанго биххана бетIер. Дида цадахъ ругел росуцоял, соназ дидаса гIисинал… 
Кин дун балагьилев гьезул эбел-инсул бадиве?! Пикрабаз кваналеб букIана керен. БитIараб бицани, гьедин ана кIигониги къо. Цоцада хадур гьарулел гьужумалги, хIухьбахъизецин гьечIеб ресги, рекIелъ рухъардулел цого пикрабиги. Кинниги, кIалъазе ккана росулъе. Бицана нижераздаго АлукIаев МухIамадил эбел-инсуде пашманаб ругьел 
бугилан. Берда цебе кьвагьун араб БМПялдаса чIаго чиго хутIичIин абун», — ан бицана ШайхмухIамадица.
 WhatsApp Image 2022 11 09 at 18.30.12
 
Гьесулги цогидал гIолохъабазулги улбул бакъанида ун руго АлукIаевазухъе. Рагьдухъе щвараб мехалда таваккал гIун гьечIо азбаралде лъугьине. Цо заманалдасан бокьосан бахъун буго чIичIиди, ахIи-хIур. Гьениса къватIиеги ячIун, кьурдулаго, жеги чIичIидун йиго МухIамадил эбел Мадинат. Росуцоязда ракIалде ккун буго, вас чIванилан бициндал, гIадаллъун йигин гьейилан. КIваркьун гIенеккидал, гьелъ ахIулеб букIун буго: «Дир вас чIаго вуго! Дир вас кIалъана дихъе!» — ян.
 
 
Чамалиго моцIалъ кIалъачIев вас гьеб къоялъ кIалъан вуго эбелалъухъе. КIалъан вуго, жинда цадахъ ругезда бицеян жив чIаго вугеблъи. Бицун буго вугеб бакIги.
 
 
«Гьаб бакIалдаса нилъ хехго нахъе рилълъине кколин абулеб букIана нижер командирас. Амма ниж – бежтIасел – тIирун чIана, МухIамадил жаназаги тун, кирениги унарин абун. Ккана дагIбаги, бахчун щай. Эбел-инсухъе жаназаниги битIизе ккеларищ нижеца. Цо заманалдасан нижер цоясул телефоналде кIалъан рачIана росулъа. АлукIаев чIаго вугила, пуланаб росулъ цо чагIазухъ рокъов вахчун вугила, живги тун, унгеян гьарулеб бугила. Бицана гьеб рохел командирасда. Воре, бегьуларо: дора «укропазул» щулалъаби руго, цо чиясе гIоло нуж киналго хвалил квачIикье рехуларин жинцаян кьварун кIалъана гьев. Амма нижеда щибго рагIулеб букIинчIо. Нижго инин абун, цояв БМПялъул рулалда нахъа 
чIана. Рес къотIарав командирги вилълъана нижеда цадахъ; кумекалъе вахъана цо казахавги. Гьедин щуго чи вилълъана МухIамад хвасар гьавизе», — ян бицана ШайхмухIамад Гъапуровас.
 
 
Кьвагьдолаго, ун руго гIолохъаби Павловка росдаде тIаде. Тушманасда ракIалде ккун буго кутакаб къуват бачIунеб бугин жидеде тIадеян ва рахчун чIун руго. РосурагIалде щвараб мехалда, командирас лъазабун буго гьанже лъелго ине кколин, техникаялда ани, тушманасе цIикIкIараб рес щолин нилъеде кьвагьдезе. Цевеккун разведчиклъун вукIарав командирас малъухъе гьабун буго гIолохъабаз. Бищун цебе батараб минаялъуве ун вуго ШайхмухIамад.
 
 
«Гьений ятана цо кIодо. Махсараби гьарулаго, дун кIалъараб мехалда, рокьукъго балагьана гьей дихъ. ГIурус солдатго вихьичIищан цIехана дица. Гьей берцинго кIалъачIо. Дунго лъугьана погребалде. Гьениб бугоан гIеч. Валлагь, цIезаруна кисаби. Щивниги ватичIо гьенив. Вахъана къватIиве. Гьелда бихьизабуна: гьалеха, кIодо, дагьа-макъаб дур гIеч босана дица, хIалал гьабеян абуна. Гьей къулкъудулей йикIана. Гьеб мехалда жаниве вачIана дир гьалмагъ ва абуна, МухIамад вугеб бакI лъалин абун», — ан бицана гьес.
 
 
 
«Дун лъавуде вачIараб мехалда ватана цо чагIазул рокъов. Кин гьез дун гьениве щвезавурав – дида лъаларо. Амма чIаго хутIиялъе сабаблъун батана гьезул гIаданлъи, нилъер улкаялде гьезул бугеб лъикIаб бербалагьи. КIиго-лъабго къоялдаса цо кьвагьа-гIанхъи бахъана. Дица цо кагътил кесекалда хъвана кагъат ва дун цIунарал чагIазул вас витIана, гIурус солдатал рихьани, гьезухъе кьеянги абун. Дир ракIчIун букIана гьалмагъзабаз дун рехун тунгутIиялде», — ян бицана М. АлукIаевас.
 
 
 
Ш. Гъапуровасул къокъа, М. АлукIаевас витIарав васасда цадахъ, хур-ахал къотIун, рилълъана росдал цогидаб рагIалде щвезегIан. ТалихIалъ, нухда квекIен ккечIого, щвана гьел 
МухIамадихъе. Мугъзада гьевги ваччун, гIедегIана БМП тараб бакIалде. Хехго жаниреги рахун, бухъизабуна нилъерал ругеб рахъалде. Гьедин, рагъулаб вацлъиялъ хвасарлъун, чIаго хутIана МухIамад АлукIаев. Гьев щвезавуна рагъулаб госпиталалде. Мугъзал гьодалъе зарал ккун бугоан гьесул. ГьабсагIаталда гьев вуго Владикавказалъул госпиталалда сахлъи камил гьабулев.