Хъабчилъ гурел, кIазилъги ратула бахIарзал

 

Дагъистаналъул бихьиназул бахIарчилъиги, сундасаго нахъеккей гьечIого, жидеде ккараб къо борхиги киназдаго лъала. Гьезул бергьараб чилъиялъулги чорхол яхIалъулги меседил хIарпаз хъван буго Кавказалъул, КIудияб ВатIанияб, Афгъаналъул ва цогидалги рагъулал тунка-гIусиязул тарихалда. ГIажаиблъизе ячIинчIо, жидерго росу-ракь цIунизе рахъарал гIешдерил лебалал ясалги, 16 сон гурого гIумрудул букIинчIониги бихьинчилъиялъ цIар арай ЧIиркъатIаса Гьумайги, ГIорутIаса СагIадулал машгьурай лъади Хъутайги гIезарураб Дагъистаналъул ракьалда, жакъа къоялъги кIазал чIварал бахIарзал загьирлъиялдаса…

 

Хунзахъ районалъул ЦIалкIитIа росулъа рагъулаб хъулухъалъул сержант ГIабдуразакъова Асият, 2022 соналъул 27 февралалдаса нахъе, гIахьаллъулей йиго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. ЧIухIиялъулги, гьелдаго цадахъ хIинкъиялъулги асар гьабулеб буго медицинаялъулаб № 205 отрядалъул командирас Асиятие кьураб характеристика цIалулаго:

 

«Операциялъулай сестра А. А. ГIабдуразакъовалъ яргъилал къуватазул Югалъулаб къокъаялда хъулухъ гьабулаго, жийго йихьизаюна лъикI хIадурарай ва махщел камилай рагъулай хъулухъчIужулъун.

Цебесеб кьерда, авлахъалъулал шартIазда, гьелъ гьоркьоса къотIичIеб медицинаялъулаб хъулухъ гьабуна Пески, Кашперо-Николаевка, Костычи, Виноградовка мухъазда лъукъарал рагъухъабазе. Гьебгиха, тIаде балеб гIарадабазул гумпарабазул гьужумазда гъоркь.

ГIумруялъе хIинкъигун, гьелъ жийго лъугьун къотIизабуна захIматго лъукъаразул ругъназдаса чваххулеб би, ОМЕДОялда (хасаб кумекалъул отряд) цадахъ гIахьаллъана кьалул майданаздаса 25 лъукъарав нахъе вачиналда, тохтурзабазул бригадагун 97 операция тIобитIиялда…»

Черхалда сири базабуна «халатал гъалалги тIаргъинир гурун» хIеренай, берцинай магIарул ясалъул къохIехьейги багьадурлъиги цебечIезабидал.

Гьаб характеристика июнь моцI щвелалдего хъвараб букIана. Жеги чан гIумрудай хвасар гьабураб лебалай дагъистаниялъ долдаса нахъе, чан солдатдай вехъерхъана жиндирго загIипаб мугъзадаги чIван, гIумруялъе хIинкъи гьечIеб бакIалде?!

ГIагарлъи гьоркьоб ккун гьабураб Асиятилгун накъиталдасан лъана гьабсагIат гьей госпиталалде ячун «дагьаб бигьалъиялда йикIиналъул» (кинаб бигьалъиялъул бицине бегьилеб, рукъ тун, херай эбел тун, квачан-унтун цIар щибилан таниги, рагъулал шартIазда йигей чIужугIаданалъул «парахаталъе» къимат кьолаго). Щибго ракIбухIи гьечIищ рагъулаб хъулухъалъул медсестраялъул хIалтIи тIаса бищиялдасаян абураб суалалъе жаваб кьолагоги, Асиятица абуна: «ГIадамазе кумек гьабизе рес щвеялдаса щиб ракIбухIи букIинеб? Дун гьаний цIикIкIун хIажат йиго, ракълилаб Дагъистаналдасаги», — ян.

Гьалдолеб буго ракI чIужугIаданалъулъ недегьлъи чIвалеб вахIшияб заманалда, «рагъуй къали бухулезда» ццим бахъун, тIуртIудулел руго, херай эбелелъухъегун цо вугев васасухъе – Асиятги, гьейго гIадал анцI-анцI ясалги, аза-азар васалги сах-саламат рокъоре нахъруссагиян дугIагун Аллагьасда цере ккурал кверал…

 

P. S. СВО байбихьаралдаса нахъе цересел кьеразулъ рагъухъабазе медицинаялъулаб хъулухъ гьабулей йигей лебалай магIарулай, сержант ГIабдуразакъова Асият АхIмадовна ракIбацIцIадаб хъулухъалъухъ ва бахIарчилъиялъухъ йихьизаюн йиго Жуковасул медалалъе.