«Ккараб къо борхизе рахъана къватIир»

 

Мобилизациялъул цо бутIа байбихьаралдаса гIемерал ракьцоял ана Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъизе. Гьединазул цояв ккола Гъуниб районалъул Къорода-КьотIа росдал школалъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав Мурад Багиловги. Гьев жиндиего бокьун вачIана Гъуниб райвоенкоматалде ва гьениса рагъулал хIадурлъаби тIоритIулеб централде, чачаназул Ханкалаялда бугеб рагъулал полигоналде ана.

 

Мурадида цадахъ гьенир руго районцоялги ракьцоялги. Гьал къоязда редакциялде кIалъан вачIарав Мурадица гьадин бицана бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ:

 

— Ниж лъикI руго, АлхIамдулиллагь. ГьечIо щибго къварилъи. РетIинеги кваназеги буго. Кинабго хIажатабщиналдалъун хьезарун руго. АхIараб бакIалде инчIони, хIинкъунилан ккезе гурин, къватIире рахъана ниж, ай «херал бацIал». Цевеги ОМОНалда хIалтIулев вукIарав чи вукIиндал дун, рагъулаб хIалбихьиги буго. Повестка бачIиндал, хIукму гьабуна, рагъулаб хIалбихьиги бугев дунги инчIони, щибго гьелъул бичIчIиго гьечIел гIолохъаби гьенире риччай мекъи букIинин абун.

 

Гьединго, дагьав цевегIан нижехъе щвезе вачIун вукIана магIарулазул кочIохъан, дир лъикIав гьудул, БацIадаса АхIмад Закариевги. ГIолохъабазе къваригIараб-тарабги босун, сайгъат-саламгун гьев вачIиналдаса ниж кутакалда разилъана. Гьес гьабураб гIаданлъиялдаса рохун ругел нижее бокьун буго «ХIакъикъат» газета гьоркьобккун АхIмадие кIудияб баркала загьир гьабизе. Аллагьас сахлъи кьеги, АхIмад, дуе. НижгIанги Аллагьги разилъаги. Мун гIадал сахал васал нилъер тIалъиялдаса тIагIунгеги.

 

Улкаялда мобилизация лъазабуралдаса жидеего бокьун военкоматазде рачIунел гIолохъаби дагьал гьечIин абурал баянал щолел руго нижехъе. 5 октябралда республикаялъул рагъулав комиссар Даитбег МустIафаевас лъазабуна цо-цо муниципалитетазда мобилизациялъулаб тадбир рагIалде бахъанилан.