Россиялъул солдат

 

 

— Россиялъул солдат, щваравищ рокъой,

ГIагарал мугIрузе орденги босун,

ТIанусдерил зодихъ кунчIараб цIвалъун

Дур бахIарчияб цIар хутIила даим.

 

 

Нижер парахалъи цIунун вагъарав

ХIажимурад, жакъа рохун руго ниж.

КIудияб Россиялъ хIурмат гьабураб

Дур гьунар хутIила нижей мисаллъун.

 

 

Гьадин рикIкIана дол къояз тIанусдерил лъималаз школалде дандчIваялде ахIарав ХIажимурадиде.

ХIажимурад Маккашарипов ккола Бихьинчилъиялъул орденалъе мустахIикълъарав Россиялъул солдат.

Дагьал церегIан къояз росулъе вачIарав ХIажимурадихъе гьоболлъухъ щведал, рокъой ятана гьесул эбел ПатIимат. Гара-чIварун рукIарал нижеде тIаде ячIана ПатIиматил яц Пайнусатги. Пайнусатил лъабго вас вуго жакъа Украинаялда, ПатIиматил — кIигояв.

Бахиллъана гьел улбузул къва­кIиялда. Кинай эбелалъеха рагъул кьвагьиялда гьоркьор васал рукIине бокьулеб? Цониги эбелалъе бокьиларо. Амма гьез къабул гьабуна жидерго васаз тIаса бищараб нух.

— РекIелъ бугеб захIмалъиги цоцазе бикьула нижеца. ГIадамазда гьоркьоб хIал лъазеги толаро. Макьил рахIатги тIагIана. Бугониги, васаз тIаса бищаралда тIад кIалъай гьабизе изнуги гьечIо нижер. Аллагьасухъе кьун ругинги абун, нижеего цо-цо къварилъахъдулаха, — ян бицана гьез.

МагIилъанги гьимулаго, ПатIиматица цебе босун бачIана ХIажимурадил лъимерлъиялъул, школалъулаб гIумруялъул цо-цо жал жаниб цIунараб гьитIинабго гъутухъ.

 

— Гьалеха дир ХIажимурадие тIоцебе щун букIараб орденги, — ян абун, бахъун бачIана гьелъ ХIажимурадил тIоцеесей учитель Пайнусат Сапигулаевналъ гьесие кьун букIараб кагътил «орден». Гьелда тIадги хъван бугоан «Бищун лъикIав цIалдохъанасе» абун. Школалде цо тадбиралде ахIун рукIана гьелъ ниж. Класс цIурал гIадамазда цебе «орден» щведал, ХIажимурадги цIакъ вохун вукIана.

— Гьалеха дир ХIажимурадил кIиабилеб орденги, — ян, каранде къан БахIарчиясул шапакъатгун, ячIана ПатIимат.

ХIажимурадил кIиго орден. ТIоцебесеб — лъимерлъиялъул талихIаб орден. КIиабилеб – Россиялъул солдатасул бахIарчиялъиялъул орден. ТIоцебесеб – эбе­лалъул рохелалъ бакI гьабураб. КIиабилеб – эбелалъул бухIиялъги чIухIиялъги бакI­лъа­раб.

Гьале жаниве лъугьун вачIана ХIажимурад. Дун дагьай йихха-хочана. Абизе букIанщинабги кIочана. Цо лахIзаталъулаб сихIкъотIи. ХIажимурад живго аскIове вачIана.

— Гьалеха учительзабаз малъараб гьабулев вуго. Нужеца гурищ щибаб дарсида такрар гьабулеб букIараб «Есть такая профессия – Родину защищать», — илан абуна гьес, гьимулаго.

БицинчIо гьес жиндирго рагъулаб гIум­руя­лъулги, доба кинабго лъикI бугилан абун гурони.

 

— Рагъулаб форма ретIунелъулго бичIчIана дида цебе гIумруялъ лъураб тIадкъай. Дица гьеб тIубазабулеб буго. Гьедин гьабулеб буго дида цадахъ ругезги. Ниж — мацIал батIиял, гIадатал батIиял, амма мурад цо буго – ватIаналъул парахалъиги улбузул рохелги тIадбуссинаби, — янги абун, ХIажимурадица нижергун къо-лъикI гьабуна.

 

Россиялъул солдат. Гьав цIидасанги гьужумалде ине ккола. ВатIаналъе гIоло.