Эбел,дун вуссина, лъади ячина…

 

 

 

     Чанго моцI ана дир ватIаналда тIад Украинаялъул рахIат хвараб зобалъул дандерижи гъугъадичIогоРугьунлъунккеялъ лъаларо, рагIаракьанде щун хабар лъангутIиялъ лъалароцо гIажаибаб парахалъи рещтIун чIун букIана рекIелъ… 20 августалъ гIагараб районалъул ХъахIикIкIалахъе чIегIераб хабар рещтIинегIан. Гьаб нухалда ГIалибеговал ГIумарил ва Мадинатил рокъобе. Эбелинсул маулхIаят, кIиго яцалда гьоркьов цого цо вукIарав гьезул вас Шамиль къурбанлъана августалъул 16-абилеб къоялъ  Харьков областалъул машгьураб Изюм мухъалда.

  Кинав инсанлъун вукIарав гIолохъанчияли, кигIан жиндие захIмат букIаниги, дие бицана гьесул яцгIал Асиятица.

 

-Шамилги дунги цадахъ гIурал рукIиналъ, кутакалда захIмат буго гьесул хIакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма дида гIумруялда жеги дандчIвачIо гьевгIан яхIги чилъиги бергьарав инсан. Гьавуралдаса нахъе унтабаз кIвекIарав жо вукIун, Дагъистан сверун сабаб балагьун, хIатIазде вахъинавуна умумуз гьев. Шамилил эмен махщел камилав сварщик ГIумар лъаларев чи нагагьги ватиларо Дагъистаналда. РакIал рацIцIадаб, гIадамал хирияб хъизан буго гьезул. Инсанасул адаб гьабиялъул рухIалда куцана гьез васги. Жеги рагIичIо Шамилица ишалдалъунали киб гурин, рагIудалъунцин къварид гьавурав чи.

 

Кив ва кин цIаларав мунагьал чурад? Кин спецоперациялде ккарав?

 

      9-леб классалде щвезегIан гьев цIалана МахIачхъалаялъул 33 аб. гимназиялда, гьоркьохъеб школа лъугIизабуна ТIагьада. Цинги лъугьана политехникияб колледжалъул юридикияб факультеталде, гьелдаса хадуб лъугIана политехникияб университетги. Киса-кивго вацгIал вукIана цIалул отличник. Калиниградалда ватIаналда цебе ВМФалда борч тIубан хадуб, доваго хIалтIулевги чIана гьев хъван рагъулаб контрактгун.

    Украинаялда машгьурал лъугьа-бахъинал рагъарун хадуб, гьес кIицIул хъван буго рапорт жив дове витIеян. КIиябго нухалъ гьеб нахъги чIван буго. Шамилил хIалхьи гьечIеб ракIалъе къабуллъулеб букIинчIо цIа гIадал васалги кьалул коронир рукIун, хIалхьиялда Калининградалда вукIине.

 МагIарул чиясе хасиятаб, къвакIараб гIамал-хасияталъул бихьинчи вукIана гьев, хIинкъи-къай гьечIев, лебалав.

Цо нухалъ кверги бекун  вукIарав гьев рокъов ватичIелъул, эмен ГIумар уна гьев валагьизе. Кинаб гIажаиблъиха гьесул букIараб, гипсалъулъ лъураб квергун, футбол хIалел гIелбащадазда гьоркьов,футболалъул майданалъул кавабахъ вахъун чIун гьев ватидал?!

     Украинаялде витIеян гьарараб лъабабилеб, балагьаб рапорт къабул гьабуна командованиялъ (гIодилагоавт.). Байбихьуда балъго гьабун букIана гьес живго вугеб бакI, эбелалъул ургъалица. Бицунаан Астраханалда рагъулал цIалиязда вугилан. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесул анищ букIана спецназалда хъулухъ гьабизе. ТIубан букIун бугоха гьебги хвалда цебе.

   ГIицIго кIиго моцI бана мунагьал чурадица Украинаялда. I6 августалъул рогьалил гIужалъ Шамилица бачунеб «Урал» гIужие босана нацистазул снайпераз.

    Шамилил гIумрудул букIана гIицIго 25 сон…

КIалъалаанищ Шамил рокъове, щиб бицунаан, сундул анищал рукIарал?

     ГьитIинаб мехалъ живго унтиялъ хвезабураб рахIаталдаса тIасалъугьин гьарулаан гьес эбелалда щибаб нух, кверазда убачалги гьарун. Гьедин батила, Шамилица цо лахIзаталъцин лъазе биччачIо доба жиндаго бихьулеб бугеб гIакъуба-гIазабалъул. Щибаб къойилал телефоналъул кIалъаязда гьес гIодоре риччазарулаан рокъосел, абулаан отпускалъ вачIиндал иман-бахьи бугей бахIарай гьаризе нужги ритIилин, нилъер киназулго адаб ккурай, лъикIай лъадигун талихIги букIинилан…

   Гьев вукIинчIо гIелбащадал гIадин, берцинлъиялъухъ балагьулев чи. Сундасаго цебе гьес кколаан рухIияб рахъ.

ЦIакъ рокьулаан рухIчIаголъаби, рукъалъул хIайванал. Живго бетIергьанаб фермаялда хIалалаб магIишат гьабилин бицунаан гIемер…

 

Цониги мисал бачинарищ мунагьал чурадил ракIлъикIлъиялъул?

 

     Шамилил эбел Мадинатица бицунаан, цо къоялъ гьев рокъове вачIанин жакъа-метер тIанчIи гьаризе хIадураб кетуги бачун. «Эбел, жидеего бетIербахъи гьабизе кIолел жал тIанчIи лъугьинегIан дуца гьал рокъор хьихье, цинги гьел цо лъикIал гIадамазухъеги кье».

Щибаб къойил кIалъалевги вукIун вуго мунагьал чурад кутузул хъизамалъул къисмат цIехон…

    Гьал къоязда эбел-инсуе Баркалаялъул кагъатгун вачIарав матрос ГIалибеговасул часталъул командирас бицунеб букIана чиналъги соназги кIудияв вукIаниги, жинца чанги суал дандбалаанин Шамилилгун, гьев гIакълуги бугев, ишги бажарарав вукIиналъилан.

РагIи кьуна Дагъистаналда школалъе яги къватIалъе гьесул цIар кьезеги, Калининградалда гьес хъулухъ гьабураб рагъулаб часталда мемориалияб хъарщи чIвазеги.

Аллагьас дуниял кIочараб ахират кьеги мугIрузул улкаялъул мустахIикъав васасе, сабру кьеги эбелинсуе ва тIолабго гIагарлъиялъе бихьараб хIехьезе. Баркала, Асият, газета цIалулезе вацгIаласул къисмат рагьаралъухъ.

   -Дуеги баркала нижер вас макъалаялъе мустахIикъавлъун вихьаралъухъ. Аллагьас рукъалде лъикI рачаги нилъер гIолохъаби, чохьол рухIел бихьугеги цониги эбелалда.

Амин.

ГарачIвари гьабуна Ф. МухIамадовалъ, Хунзахъ район, ХъахIикIкIалахъ росу.

 

Суратазда:

Дир ахир бихьараб рагъулаб «Урал»

 ТIаса лъугьа дун сабаблъун хвараб рахIаталдаса…

 «Нужер вас, рагъулаб борч тIубалаго…»