«ЧанцIулдай гIажал аскIосан ана»

 

Гьаб анкьил байбихьуда редакциялда гьоболлъухъ вукIана Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъарав Хунзахъ районалъул ТIадколоса Руслан Мансуров. ВатIаналда цебе тIадаб борч тIубаралъухъ «Бихьинчилъиялъул Орден» кьуна гьесие улкаялъул нухмалъиялъ гьанжегIагар. Жиндирго гIагарал чагIи Набигулла Жаватхановгун ва Шарапудин СултIановгун вачIун вукIана Руслан редакциялде.

Украинаялде щвезегIан, Руслан гIахьаллъун вуго Сириялдагун Гъарабагъалда ккарал рагъулал тунка-гIусиязулъги.

Нижергун гара-чIвариялда гьес бицана жиндирго рагъулаб нухалъул, Украинаялда ругел нилъер гIолохъабазда бихьулеб къоялъул ва гьеб гуреб цогидалъулги. Редакциялъул хIалтIухъабазул цо-цо суалазе жавабалги кьуна гьес.

 

 

Анкьица кьижизе щвечIо

 

Рагъулаб училище лъугIун хадув офицерасул чиналда улкаялъул батIи-батIиял бакIазда хъулухъ гьабун буго гьес. Гьединго Руслан гьабсагIат цIалулев вуго М. В. Фрунзел цIар лъураб рагъулаб академиялдаги. Исана февралалда Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьидал, гьенивеги ана. Щуго моцIги гьениб бан, дагьав цевегIан нахъвуссана Руслан ватIаналде. Щибго лъукъел, сакъат ккечIого гьениса нахъвуссаниги, дора тарал рагъулал гьалмагъзабазул ургъалида вугеблъи бихьулеб букIана, гьесухъ балагьидал.

 

 

— Руслан, кин байбихьараб дур гIумрудул нух, рагъулаб хъулухъ тIаса бищизе сунца тIоцеве гьесизавурав?

— КIудияв вацги дир гьабго хъулухъалда вуго. Лъаларо, гьесул мисалищ дие рекIее гIураб, гьесулго нухдасан инеяли, школа лъугIун хадуб дицаги рагъулаб хъулухъ тIаса бищана. Гьелда тIадеги, нижеда аскIоб (Хунзахъ) кидаго гIорхъаби цIунулезул частьги букIаралъулха. Гьелъги гьесизавунин ккола дун. Гьединго гьитIинго дун вукIана спорт хирияв чиги. Армиялдаги, спорталде ругьунав чи вугони, гьесие сабаб камуларо, гьеб кIиябго — цояб цоялъе гьечIого гIолареб пиша бугин абила дица. Гьединаб мисалгун вачIана дун рагъулаб гIумруялде ва гьелдаса рекIекълъичIо.

 

 

— Украинаялдеги дуего бокьун ун ватилаха мун, инкар гьабизе рес букIанищ?

— Узухъда, диего бокьун ана дун гьениве. Дида лъалаан дун берталъе, ялъуни рекIелгъеялъе тира-сверизе унев гьечIевлъи. Амма дица гIумрудул нухлъун тIаса бищана ватIаналъе хъулухъ гьабизе, гьеб борч дица ракIбацIцIадго тIубазабизе ккола кигIан захIматал шартIазде ва ахIвал-хIалалде кканиги. Бахчиларо, тIоцересел къояз доба бигьаго букIинчIо диеги цогидазеги. БукIана заман анкьица сах-саламатго кьижизе щвечIебги. Кьижиги кинабха, гьункIусидаги вукIун, цо къого минуталъ гъапуллъизе щолаан. Гьединаб анкь букIана дир. Абула чияс, бокьараб ахIвал-хIалалде кканиги, бокьараб къо хIехьолилан, гьедин ккана дирги. Халатккун заманалъ кьижичIого чIеялъул рахъалъ чIел босарав чи тарихалда вукIана Г. К. Жуков. Абула гьев 68 сордо-къоялъ кьижун гьечIилан. Дун анкьица кьижичIо. Кинха гьенив кьижилев, дуда божун анцIгоги-къогоги бадире балагьизе нечарал гIолохъаби ругеб мехалъ. ХIалкIун гьезул гIумру цIунизе ресал ралагьизе ккола рагъулав командирас. Рагъулаб операциялда щивав чиясда жинда тIадал ишал рукIуна. Гьединго дидаго тIадаб жо тIубазабизе хIаракат бахъана дица гьеб щуябго моцIалъ. Амма гьаниб цо жо абила, кодоб ярагъгун бищун цеве кIанцIизе кколев чи вукIунаро рагъулав командир, гьес нухмалъи гьабизе ккола взводалъе, полкалъе. Ярагъ кодобе гьес босизе ккола бищун чара къосараб гIуж щварабго, рагъул майданалда мунго, ялъуни цIакъго дагьал чагIи гурони дуда аскIор хутIичIеб мехалъ.

 

 

Бащдаб лъагIалиде гIагарунниги заман бан бугелъул дуца гьениб, телевизоралдасан нижее бицунелдаги, дудаго бералда бихьаралдаги гьоркьоб батIалъи бугищ?

— Гьаниб-доба рагIанщинаб хабаралда мугъчIвайги гьабун нилъ рукIине бегьуларо. Буго нилъер къуватги, ярагъги буго, цогидаб сурсатги буго. ГьанжелъагIан Россиялъул армиялъ жиндаго цебе лъураб масъала ракIбацIцIадго тIубазабуна, гьалдаса хадубги гьабила, ИншаАллагь.

 

 

— Гьединго харбал рукIана доба нилъер солдатазе квен-тIех, гьекъолеб лъим гьечIиланги.

— Лъида гьеб бихьараб, гьедин абизе ккани? Квинеги буго, ретIинеги, гьекъезе лъимги нилъер гIолохъабазе доба буго. Узухъда, щибаб къоялъ гьарзаго, дуе бокьадухъе гьеб букIинищха, ракъиги къечги цогидабги захIмалъи хьехьезе ккола солдатас. КIудияб ВатIанияб рагъда нилъер умумузе щвараб къеч буссинегIан гьекъезе лъимги, гIорцIизегIан квенги? Гьез доб мехалъ хIехьараб жужахIалъул гIакъубаялъул бащадабги бихьичIо жакъа дидаги цогидаздаги.

 

 

Дида аскIоса щивниги лъутичIо, бахIарчияб ракIалъул гIолохъаби рукIана кидаго аскIор

 

 

Цоги руго харбал дора цо-цо офицерзаби, ругелъур солдаталги тун, рагъул майданалдаса нахъе лъутулел ругин абун. Гьеб битIараб бугищ?

— Украинаялда бугеб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел киналго рагъулал командирзабазул жаваб кьезе дида кIоларо. Амма ракIчIун абизе кIола, дица хъулухъ гьабулеб мотострелковияб батальоналдаса цониги офицер хиянатаб куцалъ нахъе лъутичIилан. Дида аскIор рукIарал гIолохъаз ракIбацIцIадго тIубазабуна хъулухъ.

Гьаниб дие батIаго бицине бокьилаан бахIарчиясул цIарги босун хварав нилъер ракьцояв Избербашалдаса рагъулав тохтур Пайзулагьил. Гьев дида цадахъ вукIана Украинаялда. Жив гIадав хIинкъи-къай гьечIев, къвакIараб ракIалъул гIолохъанчи гIемер дандчIвачIо дида. ЦIакъ сахав вас вукIана. КигIан хIинкъи бугеб бакIалдаги сундухъниги балагьичIого унаан гьев. ГIемерав гIолохъанчиясул гIумру хвасар гьабуна гьес доба. Амма живго хвасарлъизе хъван букIун гьечIо. Дида ракIалда буго гьев чIвараб къо. Гьеб къоялъ радал дида аскIове вачIана гьев, щуго жаназа нуха регIизе ине бокьун бугин виччаларищилан. Дица гьесда абуна, Пайзула, мун рагъулав солдат гурелъул, мун вугин тохтур, чIварал гьезиеяздаса гьанир рагъулел ругел гIолохъабазе цIикIкIун пайда букIине бугин дур, унгеян. Гурин, жив инчIого бегьуларин, нагагь инчIони, хIинкъунилан ккезе бугин цогидаздаян, тIирун чIана. Гьев тIаса вичIичIелъул, унеб колоннаялда гьоркьоса нахъги буссинабун цо машина кьуна дица гьесухъе, цадахъ дирго взводалдаса солдатги витIана. ГIемер заман балелдего ахIун бачIана гьев солдатас, жал унеб рукIараб колонна гъоркьчIалиде кканин, Пайзулаги захIматго лъукъанин абун. Жиндие хIухьел цIазе захIмалъулеб бугин абулеб букIун буго гьес. Чанго минуталдаса лъугIун вуго гьев. Пайзула чIванин хабар бачIараб минуталъ дие бокьун букIана гьесул инсул телефонги балагьун, бугеб хIакъикъат бицун, гьесухъе ахIизе. Амма Пайзулал телефон дихъе щвечIо гьеб къоялъ.

Дие шапакъат кьолеб бакIалда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасдаги абуна дица Пайзула хIакъалъулъ рагIи, хадуб гьесул гIагарлъиялдаги абуна. Дие гIагарав, я гIунтIарав кколароан гьев. Пайзула вукIана дир рагъулав гьалмагъ, дир божарав къайицадахъ. Гьев вукIана унго-унгояв бахIарчи.

Узухъда, гьединал бокьарал бакIаздаго гIадин, Украинаялда унеб хасаб операциялдаги загьирлъана цо-цо дизертирал. ЦIакъго гьениб бугеб ахIвал-хIалги бакIлъун, гIумруялдаги барахщун анин гьелин абула. Амма гьале дица ракI-ракIалъ абулеб, дирги кIиго вас вуго гIолев, амма гьезул цонигияв нахъа, кIудияв гIедал, ватIаналъе хилиплъизе ватани, гьев чIванилан чIегIербараб кагътго бачIине бокьила дие.

 

***

Гьедин абулеб буго рагъул кьогIлъиги бихьарав, чанги гIолохъанчиясул камиги бихьарав Хунзахъ районалъул ТIадколоса лейтенант Руслан Мансуровас. Нахъвуссун кIиабизеги Украинаялде инищин гьикъидал гьес жаваб кьуна рагъухъабазул кьерулъ гьадинаб аби бугилан — рагъулъе инеги хIалакунгейин, амма рагъдаса инкарги гьабугейин.

Элъухъего, тIад ругез щибниги абизегIан, паракъат рагъулаб академиялде экзаменазде хIадурлъизе ракIалда бугин бицана Русланица. Амма метериса къватIиве вахъине хIадурлъеян буюрухъ бачIани, сундухъниги валагьичIого унин жив Украинаялде.

Ашахан Юсупов