Нусго сон бараб гIолилазул газета

 

  Исана 100 сон тIубана «Молодёжь Дагестана» газета къватIибе биччазе байбихьаралдаса. Гьал къоязда гьеб кIодо гьабизе данделъун рукIана батIи-батIиял соназда гьенир хIалтIарал журналисталги гьезул гьудулгьалмагъзабиги.

  Байбихьуда «Молодой дагестанец» абураб цIаралда гъоркь Буйнакскиялда къватIибе биччалеб гьелъул бетIерав редакторлъун вукIун вуго Самуил Эпштейн. Хадуб, «Дагестанский комсомолец» абун цIарги хисун, 1932 соналда МахIачхъалаялда биччазе лъугьана. Цо-цо гьурмал магIарул ва лъарагI мацIаздаги риччалаан.

   ЛъагIалидасан цIидасан хисана «Комсомолец Дагестана» абун цIар. 1990 соналда цIар лъуна «Молодёжь Дагестана» абунги.  

   Самуил Эпштейнидаса хадуб газеталъе нухмалъи гьабуна Александр Грачица, Феликс Астратьянцица, ХIажи ГIариповас, Иззат ГIалиевас, Татьяна Ворониналъ, ХIажи ГIабашиловас, Шамил ГIабашиловас ва ГIабаш ГIабашиловас.

  ГьабсагIаталда гьелъул бетIерав редактор ккола Рамазан Ражабов. Юбилейги хIисабалде босун, газеталда тIасан гьадинаб гара-чIвари ккана гьесулгун нижер.

 

«Тусовка» хисун -соцсетал

 

 

— Рамазан, гIолилазул абун цIар бугониги, газеталда политика цIикIкIун букIуна…

 

­ ЖамгIиябгун политикияб ва пачалихъияб басма хIисабалда нижеца хъвазе ккола политикаялъулги, экономикаялъулги, гIолилазулги хIакъалъулъ. Газеталда гIицIго гIолилазул хIакъалъулъ макъалаби рахъизе кколин абураб пикру мекъаб буго. Гьеб ккола гIолилазе гьабулеб газета, ай нижеца хъванщинаб жо гIолилазе пайдаялъе хъвала. Политикаялъулги, экономикаялъулги, ЖКХя лъулги, ричIчIизе захIматал цогидал темабазулги хIакъалъулъ хъвала гIолилазда бичIчIулеб куцалда. Масала, хIукуматалъ гьабулеб хIалтIи кинаб бугеб, сундуе гIарац харж гьабулеб, МахIачхъала шагьар лъедалъун лъица ва кин хьезабизе кколеб, рищни­къул кин бакIарилеб абурал суалазе жавал кьезе ккола гIолилазул мацIалда, канцеляриялда хIалтIизарулел рагIабаздаса инкарги гьабун. Гьел материалалги нижеца лъола гIолилазда гьоркьор машгьурал Инстаграмалда, Телеграмалда, сайталда. Кагътида бахъараб газеталъул макъалаби моцIида жаниб микьазарго чияс цIалула (2000 экземпляргун щибаб анкьие биччалеб ункъабго номер). Телеграмалда абуни, моцIида жаниб нижер каналалде ваккула 650 азарго чи. Инстаграмалъул, Телеграм­каналалъул, сайталъул, жибго газеталъул цIалдолезул 58 процент буго 35 сон бачIел гIолилазул. Хадусеб аудитория ккола 35­45 сонал рарал гIадамал.

Нижеда ракIалда буго хадубккунги гIолилазде кIвар кьезе. Бокьун буго автомобилазда, технологиязда хурхарал рубрикаби рагьизеги. 

 

— 1990-абилел соназда гIолилазда гьоркьоб машгьураб рубрика букIана «Тусовка».

 

­ Доб мехалда соцсеталги телефоналги рукIинчIого, гьенире руссун рукIунаан щиб букIаниги бицине, къватIибе гьурщизе бокьарал гIолилал. Гьединлъидал гьанже газеталда гьеб гьумер цIигьабиялъул магIна гьечIо.

 

 

Футболги Супер-Магаги

 

— ГьабсагIаталда кинал темабазда хъварал макъалаби гIолилаз цIикIкIун цIалулел?

 

­ Дида халлъана футболалъул хIакъалъулъ нилъер газетаз дагь хъвалеб букIин. Амма нижер редакциялда руго гьелъул магIна бичIчIулел журналистал – дир заместитель Альберт Мехтиханов ва Ислам Абакаров.

Дирго рахъалъ абуни, Европаялъул футбол цIикIкIун бокьула. Гьединлъидал дида ккана цогидазеги кIвар бугодайин гьеб нилъер футболалъул. Бугин бичIчIизабуна дида нижер журналистаз. Футболалъул хIакъалъулъ хъварал макъалаби гIемерав чияс цIалула (хасго Россиялъул премьер­лигаялда бищун лъикIав бомбардирлъун «Анжиялда» вукIарав футболистги вугеб, «Анжиялъул» капитан машгьураб цогидаб клубалдеги ахIулеб мехалда).

Гьединго нижер программистас дида бихьизабуна газеталъул сайталда бищун цIалараб щуго макъала. Гьезул лъабгояб буго футболалъул хIакъалъулъ.

Нилъер гIолилазе бокьулеб буго жидерго кьерилазул хIакъалъулъ цIализеги. Нижеца тIоцебесеб гьумералда лъун букIана «Dota 2» абураб компьютеразул хIаязул халкъазда гьоркьосеб турниралда бергьарав Дагъистаналдаса МухIамад (СуперМага) Халиловасул хIакъалъулъ макъала. Гьединлъидал дица цо журналистасда тIадкъан буго хас гьабун лъай кьеялъул (ясли­ахазул, школазул, вузазул) хъвазе.

 

 

Пропусказухъ бакIарулеб гIарац

 

ГьабсагIаталда нижеца балагьулеб буго республикаялъул вузазда дарсал гьоркьор риччарал студентазухъа гIарац бакIариялда сверухъ информация. Гьоркьор риччарал

дарсазухъ терминалалдасан гIарацги рехун, чек бихьизабурал студентал лъала нижеда. Гьел хIужаби руго нижехъ. Амма гьеб хабар битIараб бугищилан вузазде кIалъайдал, гьечIинги абун, цIакъ рахIатхун лъугьана гьезул вакилзаби.

ОГЭ­ЕГЭялъул хIакъалъулъ макъа лаби рокьулел руго гIадамазе. Гьелда бан исана нижеца риччана «Поступай правильно» абурал тIеренал тIахьал. ЦIализе лъугьунел гIолилазда гьоркьор гьел чIорого рикьулелги рукIана. Нижер журналистаз гIадатияб мацIалдалъун хъван буго гьениб гьанже модаялда кинал махщелал ругелали, щиб вузалда кинал бигьалъаби, бонусал ругелали, экзаменалда цере ургъалилъе ккунгутIиялъе щиб гьабун лъикIали. Гьединго цIалудехун ХIабиб НурмухIамадовасул бербалагьиги рехсон буго. Гьелдаго цадахъ вузазе реклама гIадаб жоги гьабун, нижеегогицин дагьа­макъаб гIарацги щвана, гIолилазе пайдаги ккана гьелъул. Автомобилазда хурхарабщинабги гъираялда къабул гьабизе буго гIолилаз. Амма рагIа­ракьанде щун гьелъул хIакъалъулъ хъвалев чи щолев гьечIо нижехъе. ГIицIго машинабазул бицун тIураларо гьенир.

Машинаби кир ва кин рича­хисилел, къачIалел, автокредитал кин тIалаб гьарилел, страховка кин гьабилеб, закона лъулъ хиса­басиял кинал ругел, шофер ГИБДДялъул хIалтIухъанасда кин кIалъазе кколеб абурал суалазе жавабал ралагьулев журналист къваригIун вуго.

 

Жидецаго ургъарал гьукъа-къаял

 

— Пачалихъияб СМИ хIисабалда, тIасахун гьабулеб цензура халлъанищ дуда? Яги тIоцебесеб гьумералда чара гьечIого республикаялъул нухмалъулел рукIине кколин абураб тIадкъай букIунищ?

­ БукIунаро, киданиги букIинчIо гьединаб жо. Цо­цо мехалда рес буго вакцинация гьаби гIадал хIажатал масъалабазде кIвар кьун гьечIин абизе.

Бокьараб СМИялда букIуна цензура. Пачалихъияб гуреб, хасаб бетIергьанлъиялда бугеб СМИяздаги букIуна гьеб – гьелъие гIарац биччалев чияс бихьизабула щиб хъвалебали. Амма хас гьабун нужеца гьалъул хъваге, долъул хъвайин нижеда абулев чиги вукIунаро. Щайин абуни газеталъ кьолболъе раккун политикаялъул хIакъалъулъ хъваларо. Нижер цIал долезул тема гуро гьеб. Аслияб куцалда хъвала социалиял масъалабазул хIакъалъулъ. Гьединлъидал батила цензураги халлъичIеб.

Дун «Новое делоялдаса» вачIиндалха гьаниве, гьединлъидал дораго гIадал суалал рорхизе лъугьиндал, нилъеца бегьиладай гьелъул хIакъалъулъ хъвазеян, дун «цIодор гьавизе» байбихьулаан гьаб газеталъул цо­цо хIалтIухъабаз. Щай гьеб бегьуларебан дицаги гьикъулаан. Пуланаб масъалаялъ гIадамазе рахIат толеб батичIони, гьаб жо гьадин бугилан бицине бегьунгутIиялъул магIна щиб? Гьединлъидал дида ккола цензураги гьукъа­къаялги цо­цо чагIаз жидецаго жидеего ургъулел жал ругилан.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.