Бичулелъе босулев камуларо

МахIачхъалаялда бугеб бизнесчагIазул ассоциациялда гьоркьове уна анлънусгоялдасаги цIикIкIун чи. Гьезул цояв ккола Шамил района­лъул Ракьуб росулъа ГIали ХIасановги. Гьес лъугIизабуна ДГУялъул советияб дармилаб факультет, хIалтIана даран-базаралъул бутIаялда. 1994 соналдаго рагьана магIишатияб къайи-цIа бичулеб тукен ва гьабсагIаталдаги вуго гьеб хIалтIуда.

— ГIали, щиб гIиллаялдалъун дуца тIаса бищараб дармилаб факультет?
— Дун гIуна Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. РакIалда букIана политехникияб институталде лъугьине, амма гьенивеги ворчIичIого ана армиялде. Гьениса вуссиндал, лъугьана доб заманалда ДГУялда букIараб гьеб факультеталдеги.
Цебе къайи-цIаялъул ва нигI­ма­тазул рахъалъан букIана къана­гIалъи, пачалихъалда кIолеб бу­кIинчIо гIадамал хIажаталдалъун хье­зарун. Гьединлъидал завмаггун завскладасул гуребги, гIадатияв вичарухъанасулги букIана къадру, гьел рукIана киназего хIажатал гIадамал. Гьединаб хIужаги кьочIое босун батиларищха гьениве лъугьунелъул.
— Гьеб хIалтIуда вукIаго кIва­нищха бечелъи данде гьабизе?
— Бечелъизеги бечелъичIо, гъурщида хадувги киданиги лъугьинчIо. Дица хIаракат бахъана законалда рекъонги, гIаданлъиялъул гIурхъи цIунунги хIалтIи гьабизе.
— Жакъа мун вуго бизнесчагIа­зул ассоциациялъул кьеразулъ. Гьенив вукIиналъ щиб дуе кьолеб?
— Ниж, гьоркьохъеб бизнесалда ругел гIадамал, руго пачалихъалъ рехун тарал, налогал ракIарулелъул гурони лъидаго ракIалде щоларел чагIи. Гьединлъидал гьечIого гIоларо нижеца мугъчIвай гьабизе бегьулеб идара. Ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдулахIаким Пахрудинов вуго бокьараб бакIалда кьучIаб рагIи абун бажарулев, нижер тIалабал цIунизе кIолев чи. Гьениб нижее щола хIажатаб кумек. Гьелъ квербакъула цоцазда лъаялъе, гьоркьорлъаби щула гьариялъе, цадахъ рекъон иш гIуцIиялъе.
Нилъер гьаниб квеш ккараб жо буго налогал кьеялъул бичIчIулеб цо къагIида гьечIеблъи. ХIалтIуде регIизего толаро гIемерал документал рекъезаризе кколел рукIиналъ.
— ХIукуматалъул идарабаздасан щолеб кумекго букIунищ?
— Жеги цониги чи вачIинчIо аскIове дуе хIажатаб щиб бугебилан цIехон. РачIуна документал ругищин, налогал кьунищин абун цIехезе. Амма, талихIалъ, ахирал соназда дагьлъана халгьабулезул къадар.
— Ахираб заманалда гIемер рехсолел санкциял нужер дараналда хъинтIанищ?
— Дармил иш мукъсанлъана. Амма гьелъие гIилла буго, хIалтIи гьечIого рукIиналъ, гIемерал гIа­да­мал даран-базар гьабизе лъугьин, тукабигун базарал гIемерлъи. Цо рахъалъ конкуренция букIин лъикI­ги буго.