17 млн гъурщил гранталъе мустахIикълъана

 
МухIамад Сулейманов гьавуна МахIачхъалаялда. ЦIалана Каспийскиялъул школа-интернаталда, лъугIизабуна кIигониги университет: ДГУялъул экономикияб факультетги Москваялъул пачалихъияб рагьараб университетги. ГьабсагIаталда гьев ккола ДГУялъул рехсараб факультеталъул финансазулгун кредиталъул кафедраялъул доцент, экономикиял гIелмабазул кандидат ва РФялъул хIукуматалда цебе бугеб Финансазул университеталъул докторант. МухIамад ккола МахIачхъала шагьаралъул ЖамгIияб палатаялъул членги «Россиялъул лидерал» абураб кадрабазул къецалъул бащдаб финалалъул гIахьалчиги.
 
— МухIамад, дур гIелмиял цIех-рехазул аслияб тема щиб бугеб?
— Дир гIелмиял цIех-рехазул аслияб масъала буго налогазул рахъалъ улкаялъ тIобитIулеб политикая­лъулъ федерализм цIуни. Кин хьезарулел ругел муниципалитетазул, регионазул ва гIаммаб къагIидаялда федералияб бюджетал? Гьеб рахъалъ ритIухълъи цIунулеб бугищ? Федералияб политикаялъул хIасилалда регионазул цебетIеялъе ресалго хутIулищ? Гьел суалазе жавабал рати букIана гIелмияб цIех-рехалъул аслияб масъала. 
Пачалихъалъул бюджеталда кIу­дияб бакI ккола халкъазу­хъа ба­кIарулеб налогалъги. Нилъе­р улкаялъул буго 85 субъект. Гьелда гьоркьоса 13-ялъухъа гурони бажаруларо жибго жинцаго хьезабун. ХутIарал хьихьун руго федералияб бюджеталъ. Гьединаб хIалалда гIарац букIуна добе-гьанибе «хьвадулеб». Муниципалитеталъ налогал ритIула республикаялде, республикаялъ – федералияб идараялде ва гьенисанги тIад руссинарула регионазухъе, регионаз – муниципалитетазухъе. Гьел гьоркьорлъабазул руго гIемерал масъалабиги.
— Гьел масъалаби тIуразариялъе кинал пикраби загьир гьарун ругел дур диссертациялда?
— Гьелъие буго цо чанго батIияб нух. ТIоцебесеб иргаялда, мухIканго лъазе ккола кинаб даражаялда налогалъул кинаб тайпа бищунго лъикI хIалтIулебали. КIиабизе бугони, цIикIкIинаризе ккола налогазе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ ругел регионалъул ихтиярал. Гьеб мехалда регионалъул гъира базе буго рукIине кколел киналго налогал заманалда ракIаризе. Масала, 2004 соналдаса нахъе НДС уна федералияб бюджеталде, ай регионалъе гьелъул щибго хутIуларо. Гьеб рикIкIуна хадуб халкквеялъулги бакIариялъулги ра­хъалъ бищунго бигьаяб налоглъун, амма регионазул гъира букIунаро гьеб бакIаризе: жидер бюджеталъе капекцин хутIуларелъул. Мисалалъе, Дагъистаналъе гьабулеб финансазул кумек бахуна 75 проценталде. Гьелде тIадеги, республикаялъул бюджеталъул хайиралъулаб бутIа, аслияб къагIидаялда, гIуцIула федералияб бюджеталъул кьолеб гIарцухъ – гьеб ккола щивав чияс жиндие щолеб хайиралдаса кьолеб налогалъул яги бачIиналъухъ кьолеб налогалъул бутIа. Гьеле гьебги тIаде жубани, республикаялъул бюджет 90 проценталъ гIуцIула федералияб гIарцухъ. Муниципалитеталъул бюджетин абуни – дагьалъ цебе дица гьабуна гьединаб цIех-рех – гьеб 95 проценталъ бараб буго къватIиса щолеб гIарцул къадаралда, ай жидерго хайиралъул бутIаялъ ккола гIицIго ункъо процент. Гьеле гьелъулъ буго нилъер налогазул къагIидаялъул пайда гьечIолъиялъе кьучI. 
— Улкаялдаго кIвар бугеблъун рикIкIуна налогал ракIариялъул масъала. Гьеб бараб бугищ гIа­рац кьезе халкъалъул рес гьечIо­лъиялда? 
— Дир цIех-рехазул аслияб мурад буго налогал ракIаризе регионалъул гъирабазабулел нухал рати. Налогазул хIакъалъулъ законал тIуразарунгутIи буго гьел ракIаризе бажарунгутIиялъе аслияб гIиллалъун. Налогал кьечIого хутIиялъул мурадалда жидее щолеб хIакъикъияб хайир балъго теялъул рахъалъ церехъабазул кьерда руго Северияб Кавказалъул регионал. Гьелъие тIоцебесеб гIилла буго нилъер улкаялда налогазул хIакъ цIакъго гIемер букIин. Статистикиял баянал кьолеб мехалда абула, нилъер улкаялда налогал рекъон­ккезарун ругин дунялалъул улкабазда ругел налогаздеян абун. Амма ни­лъер улкаялда руго, жал налогаллъун кколарел, амма щибаб моцIалъ налог гIадин, гIадамазухъа гIарац бакIариялъул къагIидабиги. Масала, страховияб мухь бакIари – гьеб бакIарула хIалтIул идарабазухъаги, хIалтIухъабазухъаги, пенсионеразухъаги ва гь.ц. Гьединлъидал налогазул бутIа 35 проценталда чIоларо – гьеб бахуна 65 проценталде. Гьеб буго, налог тIад лъунгутIиялъул мурадалда, нилъер гIадамаз жидерго мулк балъго гьабиялъе аслияб гIиллаги. 
КIиабилеб гIилла – хIакимзабаз халкъалдаса балъго яги халкъалъул ихтияр цIехечIого гIарац хIалтIизаби. Масала, Россиялъ Сириялъе, нагагьаб балагь рещтIараб цогидаб пачалихъалъе яги Кры­малъе кумек гьабизе пуланаб гIа­рац хIалтIизабилищан лъиданиги гьи­къу­ларо.
Лъабабилеб гIилла – рищватчилъи. ГIарцул мигьиралде тIаде ккарав чияс жиндиего бокьухъе хIалтIизабула гьеб. 
Цо-цо предпринимателазе, хасго Дагъистаналъул ишалъул гIадамазе, бизнес цIунун хутIиялъул аслияб шартIлъун лъугьуна налогал кьунгутIи. Бизнесменасухъа гIарац тIалаб гьабула гьал-дол идарабазулги гIуцIабазулги вакилзабаз, кьезе ккола налогал, пуланал чагIазе щвезабизе ккола «бутIа», ай Дагъистаналъул экономикаялъул буго гьединаб хаслъи ва иш цебетIезабиялъе ресалго хутIуларо. Ахираб заманалда гьеб рахъалъ лъикIал хIасилал руго республикаялдаги. Рамазан ГIабдулатIиповас байбихьана «Экономика хъахIлъизабиялъул» проект, гьеб хIалтIулеб буго жакъаги. Налогал кьезе байбихьана АЗСазул, рестораналгун кафеязул ва банкетазул залазул бетIергьабаз. ЧIахIияб бизнес нилъер гьаниб гьечIо. Советияб заманалда рукIарал заводалги хутIун гьечIо – гьезул ракьалда ран руго гIемертIалаял минаби. Пачалихъияб заказ гьечIони, заводал пайдаяллъун лъугьунаро. Цо нухалда гьабураб гIарцул кумекалъулги пайда букIунаро. Масала, Дагъдизелалъе цо нухалда кьун букIана лъабго миллиард гъурущ. 
— 10 соналъ вуго мун преподавательлъун хIалтIулев. Преподавателасул хIалтIуде гъирабазулеб къагIидаго бугищ гьанже?
— Аслияблъун ккола грантазул къагIида. ХIалтIулебгIан заманалъ дун, масала, гIахьаллъана батIи-батIиял грантазул къецазулъ. 2000-2016 соназда РФялъул хIукуматалъухъа грант хIисабалда дие щвана гIаммаб къадаралда 17 млн гъурущ. Цо-цо хIалтIаби дицаго гьаруна, кIиабилезе нухмалъи гьабуна ва лъабабилел тIуразаруна къокъаялда гъорлъ. Ахирал соназда грантал кьеялъул иш кьун буго Россиялъул гIелмуялъул фондалъухъе. ЦIикIкIинабуна гранталъе кьолеб гIарцул роценги. Гьеб фондалъ чIезабула грантазе мустахIикъаллъун рикIкIунел цIех-рехазул сияхI. Гьеб сияхIалда рехсонго гьечIо экономика, финансал, налогал ва цогидалги гIелмиял рахъал. Гьез кIвар бугеллъун рикIкIунел руго физикаялъул, нанотехнологиязул, химиялъул, биотехнологиялъул цIех-рехал. Гьединлъидал 11 нухалъ гранталъе кьурал дир проектал нахъчIвана, батIи-батIиял комиссияз пайдаяблъун ва хIажатаблъун гьеб рикIкIаниги. Республикаялъул бетIерасул гранталъе кьурал документазухъаги бажарулеб гьечIо бергьенлъиялде «нух бахъун» — гьаниб хIалтIула батIияб къагIида (гьудуллъи, гIагарлъи ва гь.ц.).