Басриял масъалабиги цIиял къагIидаби

 

ГIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъул ва басрияб минаялъуб гIумру гьабун ругезе заманалда рекъарал шартIал чIезариялъул мурадалда гIуцIараб «Ветхое жилье» абураб программма Россиялъул регионазда хIалтIизе байбихьана 2002 соналда (Дагъистаналда гьеб хIалтIулеб буго 2013 соналдаса нахъе).

 

Гьеб программаялда рекъон, тIолабго Россиялда эркен гьабураб басрияб мина-карталъул (гIадамал жанире рахъараб цIиялъулги) гIатIилъи бахана 15 млн кв метралде, жеги гьабизе хIажатаблъун буго 112 млн кв метр. Басрияб мина-карталъул багьа гьабулаго хIисабалде босула гьелъул кIиго тайпа: «Ветхое жилье» ва «Аварийное жилье» абураб.

 

 

«Ветхое жилье». Минаялъул гьединаб хIал бугин рикIкIуна, гьелъул каркасалъул ялъуни тIолабго минаялъул 70 процент (ганчIил ялъуни бетоналъул бугони), 65 процент (цIулал бугони), чIезарун ругел нормативаздасаги жагъаллъараб батани. «Аварийное жилье». Мина гьединаблъун рикIкIуна гьелъул кьучIалъул, къадазул, каркасалъул 50 процент ва цIикIкIун жаниб гIумру гьабизе хIинкъи бугеб хIалалда бугони. ГIемертIалаяб мина гьединаб букIин чIезабуралдаса нахъе (гьеб гьабула госжилинспекциялъул хIалтIухъабаз халгьабидал, экспертазгун специалистаз кьураб къиматалдаса хадуб районалъулгун шагьаралъул администрациялъул хIукмуялдалъун) гьениб гIумру гьабулел гIадамал кIванагIан хехго нахъе гочинарула администрациялъ бихьизабураб минаялъуре. Гьеб заманалда бан бахъараб мина гьечIони, администрациялъ гIуцIараб комиссиялъул къотIиялдалъун, гьезие кьола жиде-жидер рукъалда рекъараб гIатIилъи бугеб цоги рукъ босизе гIарац.

 

 

«Ветхое жилье» программаялъул буго дагьаб батIияб низам. Гьеб программаялъул реестралде мина босидал, гьениб гIумру гьабулел гIадамал хъвала цIияб минаялде рахъине ругезул иргаялда. БатIи-батIиял гIиллабаздалъун гьеб заман халатбахъиналъул хIужаби гIезегIан кколел ругониги, къабул гьарун ругел нормативазда рекъон, цIияб минаялде рахъиналъул суал тIубазе ккола лъагIалида жаниб. ЦIияб рукъ балагьидал, гьелъул бетIергьанас шагьаралъул яги районалъул бетIерасулгун хъвала къотIи-къай ва цо моцIида жаниб гьев вахъине ккола гьениве. Гьебго заманалда жаниб, гочунаго къайи-цIа баччизе муниципалитеталъ гьесие чIобого чIезабизе ккола транспортги (гьеб низам хIалтIула цо нухалда).

 

 

Гьеб программаялда бихьизабун буго цIунизе тIадаб чанго хIужаги.

  1. ЦIияб рукъ кьола басриялда хъвай-хъвагIай (прописка) гьабун букIарав чиясе.
  2. Басрияб мина жагъалаблъун лъазабуралдаса хадуб хважаинасул ихтияр гьечIо гьениб бугеб рукъ бичизе, нагагьлъун бичани, судалъ гьеб даран рикIкIуна законалда данде кколареблъун.
  3. Коммуналияб рокъоб гIумру гьабулев вукIарав чиясе (гьениб гьесул хъвай-хъвагIай букIун батани) цIияб минаялда кьезе ккола живго бетIергьанаб рукъ.
  4. ЦIияб минаялда чIезарун рукIине ккола киналго коммуналиял шартIал (ток, лъим, газ ва цогидабги).
  5. ЦIидасан кьолеб рукъ букIине ккола басриялдаса къечIеб, гьелъул гIатIилъи букIине бегьуларо цо чи рикIкIун I8 кв метралдаса дагьаб.
  6. Лъугьараб ахIвал-хIалалда рекъон, жагъалаблъун бихьизабураб мина, тезе бегьула капиталияб ремонт гьабунги, жанир ругел гIадамалги кирениги гочинаричIого.

 

 

Цоги кIвар бугеб суал. Мисалалъе, цо пуланаб гIемертIалаяб мина пачалихъалъул идарабаз программаялъул сияхIалда гьоркьобе, жеги босун батичIони, гьеб «гъалатI» битIизабизе бегьула минаялъуб гIумру гьабулел гIадамазги. Гьелъул буго гьадинаб низам. ТIоцебе, шагьаралъул администрациялде гьабизе ккола хитIаб (гьелда рехсон рукIине ккола мина-рукъ нужер букIин чIезабулел документал, кадастровияб паспорт, щибаб тIалаялъул план, мина ялъуни гьелъул бутIа басралъун бугин абураб экспертаз кьураб къимат, минаялда ругел шартIал гIумру гьабиялъе захIматаллъун лъугьун ругин абураб гIарза).

 

 

КIиабизе, администрациялъ гIуцIараб комиссиялъ, 30 къоялда жаниб дандбала гьеб хитIаб, мухIкан гьарула суалал, хъвала акт ва битIула администрациялде.

Лъабабизе, администрациялъ гьабураб хIукмуялда рекъон мина босула программаялде гьоркьобе, чIезабула гьениса гIадамал ине ругеб мина-карт ва гьелъие бихьизабураб заман.

 

 

Цо-цо хIужаби дагьал мухIкан гьариялъе ниж дандчIана ДРялъул Госжилинспекциялъул хIалтIухъабигун ва кьуна гьезие чанго суалги.

 

 

— Гьеб программа кин гIумруялде бахъинабулеб бугеб нилъер республикаялда?

— Республикаялда билълъанхъизабулеб гьеб программаялъул заказчик ккола ДРялъул хIукумат. Гьеб хIадур гьабула ва гIумруялде бахъинабула ралел бакIазул министерствоялъ, хадуб халкквей чIезабула хIукуматалъ, капиталияб бакIал раялъул фондалъ, госжилинспекциялъ ва ХIисабалъул палатаялъ. РФялъул хIукуматалъул № 47 хIукмуялда рекъон, пуланаб гIемертIалаяб мина жагъалаблъун чIезабизе ккани гIуцIула администрациялъул, госжилинспекциялъул, цIа свинабулезул, санитарияб хъулухъалъул ва цогидал идарабазул вакилзабиги гьоркьоре унеб хасаб комиссия. Гьелъул хIалтIуе байбихьи лъола техникияб рахъалъ минаялъул ва гьелда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул госжилинспекциялъул специалистас кьураб баяналъ. Гьеб комиссиялъул хъвай-хъвагIаязда, хIисаб-суалазда мугъчIвайги гьабун районалъул яги шагьаралъул администрациялъ къотIула хIукму. Гьеб киналъулъго гIахьаллъи гьабизе бегьула минаялъуб гIумру гьабулел гIадамазги, амма гьеб тIадаблъун гьабун гьечIо.

 

 

— Жагъалаблъун чIезабураб минаялъуб гIумру гьабулел гIадамал гьеб хIукмуялда рази ратичIони, щиб гьабизе кколеб?

— Мина жагъалаб бугин абиялда рази гьечIез, лъиданиги бачIеб комиссияги данде гьабун, нахъеги гьабизе ккола цIияб экспертиза. Гьелъул хIукму официалияб комиссиялдаса батIияб батани, хъвазе ккола судалде гIарза. Судалъ къотIула хIукму.

 

 

КIиабизе, законалда рекъон тIадаб буго администрациялъ чIезабураб заманалда жаниб бихьизабураб минаялда рахъине, шагьаралъул щиб авалалда гьеб батаниги. — Гьеб программаялде гьоркьове ккарав чиясул, мисалалъе, буго цо рукъалъул квартира ва гьесие бокьун буго цIияб минаялъуб кIиго рукъалъулаб щвезе. Бугищ гьесул гьединаб рес?

— ЧIезабураб нормативалда рекъон, цо чиясул букIине ккола 18 кв. метралдаса дагь гьечIеб гIатIилъиялъул рукъ. Жиндирго бугелдаса цIикIкIараб гIатIилъи бокьарав чиясул ихтияр буго администрациялъулгун къотIи-къайги гьабун, кколеб гIарацги тIаде кьун, гьединаб квартира тIалаб гьабизе.

 

 

— МахIачхъалаялда бугеб жагъалаб рокъоса гочинавулесул ихтияр бугищ цоги шагьаралда гьединабго рукъ тIалаб гьабизе?

— БакIалъулаб администрациялде хъвазе ккола гьединаб мурад загьир гьабураб кагъат. Рукъалъул базаралъулаб багьа, хIакъаб жо, лъицаниги кьоларо, амма гьесул квартираялъул бугеб ахIвал- хIалалда рекъараб багьаги, цIиялде вахъунаго унел харжалги хIисабалде росун, гьесие кьола гIарац (гьелъул къадар мухIканго чIезабула администрациялъ гIуцIараб хасаб комиссиялъ). Гьесул ихтияр буго гьеб гIарцухъ Россиялъул бокьараб шагьаралда, жиндиего бокьараб ва гIарцул къадаралда рекъараб рукъ босизе.