Дагъистаналъул байрам

МахIачхъалаялъул №11 гимназиялдаги онлайн-къагIидаялда кIодо гьабуна Дагъистаналъул байрам. Гьенир гIахьаллъана рахьдал мацIазул учительзабиги цIалдохъабиги.

 

«Дир маргьабазул Дагъистан» абураб литературиябгун музыкалияб композициягун цере рахъана Дагъистаналъул миллиял мацIазул учительзаби. Гьез рикIкIана, ахIана миллиял мацIазда кучIдул.

Хадуб тIобитIараб конкурсалда цIалдохъабаз жидерго миллиял мацIазда хIадур гьаризе кколаан республика цебетIезабиялъулъ батIи-батIиял соназда кIудияб бутIа лъурал гIадамазул хIакъалъулъ материалал. Масала, ГIабдурахIман Данияловасул, МухIу ГIалиевасул, Шагьрудин Шамхаловасул ва цогидазулги хIакъалъулъ.

Лъабабилеб къецалда цIалдохъабаз рахъизе кколаан Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ бицунел суратал.

Ункъабилеб конкурсалда цIалдохъабаз цIализе, рикIкIине, ахIизе кколаан Дагъистаналъул хIакъалъулъ кучIдул. Гьенибги букIана кIиго номинация: Дагъистаналъул шагIирзабазул кучIдул ва жидецаго хъварал кучIдул.

Щуабилеб — миллияб ретIел ретIарал цIалдохъабазул конкурс.

Анлъабилеб конкурс сайгъат гьабун букIана къадал газетазе.

Ва ахиралдаги, «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав цIалдохъан» конкурс. ЦIалдохъабаз бихьизабизе кколаан рахьдал мацIалда кIалъазе жидерго бугеб махщел.

Гьаруна конкурсалъул хIасилалги. Бергьаразегун призеразе кьуна сайгъатал ва дипломал.

Бищунго цIикIкIун баллал щвана анлъабилеб классалъул цIалдохъан ТIагьир Лабазановасе.