МутагIиласул жаваб

Кинха рукIинел, Сарат,

Расги лъикIаб хIал гьечIо —
Лъади къураб къайи-керт
КъанагIат батуларо
Бер къинкIани къватIибхун,
Къоца магIирукъ лъола,
Къоролалда квер хъвани.
ХъахIилаб цIа бакула
Ислам-диналъ беццараб
Магьар лъелин кIалъани,
КIудияв суфийилан,
МоцIаз, саназ ссур пула
СанагIат « рекъечIого»,
Рокъове кватIанани,
КIутIбиги хъахIил гьарун,
Хъумурин рогьо бала
Рагьунги хIалбихьана —
ХIалхьи кьечIо кьвагьадаз,
Бахчунги цIакъ къеркьана —
КъуркьичIо къо бухIадал
Кинха ниж ругел, Сарат?-
Сородилел, гьардолел
Руччабазул судалда
Санал дагьал кьегиян
Маданият кIочана
Нужер кIарчанлъи бихьун,
Адабият рихана,
Бахул мухбир яхъиндал.
Кинха ниж ругел, Сарат
Расги лъикI гьечIо, гьудул
Авар мацI кин цIунилеб,
Нижго цIунани гIела