«Дунги инчIони, цоги щив инев?»

 

«ХIакъикъат» газеталъ байбихьулеб буго, коронавирусалде данде къеркьолаго гIумруялдаса ратIалъарал, медицинаялъул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ хъвазе.

ГIаммаб куцалда Россиялда гье­зул 190 чи хванин хъвалеб буго ин­тернеталда. МухIканлъи жеги лъа­ларо. Гьединго чIванкъотIи гьечIо Дагъистаналда хваразул рахъалъанги. Цояз 40-йин, цогидаз 50-йин рехсолел руго тарихал.

 

 

Кин батаниги, гьезул цояй ккола 28 апрелалда Аллагьасул къадарал­де щварай Гъуниб районалъул Шан­гъода росулъа ПатIимат АсхIабова.

 

 

Жийго хIалтIулей йикIараб боль­ницаялда хвасар гьайизе бажаричIо гьей. МахIачхъала шагьаралъул кIиабилеб больницаялъул медсе­стра кколаан ПатIимат.

 

Нижеца гара-чIвари гьабуна гьелъул яц ГIайшатилгун.

 

-Дир яц ПатIимат медучилище­ялдаса хадуй цин ХIебда больни­цаялда хIалтIана кIиго соналъ. Гьелъул рос  вуго  Шамил районалъул  Гьолокь росулъа.

 

 

1995 соналда, МахIачхъалаялдеги гочун, шагьаралъул кIиабилеб боль­ницаялда реанимациялъул отделе­ниялда медсестралъун хIалтIизе байбихьана гьелъ.

 

Ахираб чанго сон букIана ПатIиматил диагностикаялъул от­делениялде ячIун. Пневмониялъги унтун, реанимациялда хIалтIизе захIмалъана гьелъие. Хадуй Мо­скваялдеги ун, сахги гьаюна. Амма диабет букIана гьелъул.

 

 

Гьединлъидал нижеца гьелда кутакалда гьарана, гьаб корона­вирус тIибитIизе байбихьидал, хIалтIудаса гIодой чIаян. Росасги гьарулеб букIана гьединго.

 

ПатIиматица цо къоялъ жиндир­го сурат битIун бачIана дихъе. Гьеб мехалда дица гьелда абуна: «Я, дир яц, гьеле гьеб респираторги бан, цоцIул гурони лъезе бегьулареб чеп­чикги, гьединабго халгIатги ретIун мун щиб гьабулей гьений? Дур бе­разухъ балагьун, мун гьанжеялдего унтун йикIин йихьулей йиго дида», -ян. Мун гIадинал хIалбихьи бу­гел хIалтIухъабиги ритIичIони, жи­деца щалинха унтаразда аскIоре ритIилелин абун буго гьелда.

 

 

Лъалароха, Аллагьасул къадарги букIун бихьуларищха гьединаб…

 

«БагIараб зонаялда» тIатIалаго микьго дежурствоги гьабун, рокъое ячIана ПатIимат. Дагьаб хIал хиси­зе байбихьун бугоан гьелъул. Амма букIаниги, росулъе зигараялъ инеги хIадурулей йикIана гьей. Гьеб мехал­да нижер росулъ гIолохъанав вас хун вукIана. БитIун къватIие лъугьине хIадурулаго, гьелъ ясалда абун буго жиндир цIа-кан бахунеб бугилан. Гье­дин ункъо къоялъги егун, щуабилеб къоялъул къасиялдехун ПатIимат ку­такалда унтана. Гьеб мехалда хъамуна жийго хIалтIулеб больницаялде.

 

Сатурация 76 процент абун би­хьизабун бугоан (бидулъ кислоро­далъул букIунеб къадар. Сахав чи­ясулъ гьеб 94 проценталдаса дагь букIине бегьуларо – ред.).

 

 

Нахъисеб къоялъул радал, сатура­ция 43-ялде ккедал, ячун йиго ИВ­Лалъул аппаратги бан реанимациял­де. Амма гьеб мехалде гьелъул хIал дагьлъунго букIараб къагIидаха. ГIадалнахул гипоксия (кислород дагьлъи) лъугьун батана гьелъул.

 

Гьедин 28 апрелалъул маркIачIуда къадаралде щвана гьей…

 

 

 

— Чорхол хIал хисизе байбихьа­рабго щайдай гьей больницаялде инчIей?

 

-Нижеца киназго гьебго жо абулеб букIана гьелда. Нижер кIудияв вац­ги тохтур вуго. Гьарана… Амма гьей чIана жиндир ясги тохтурлъиялъе цIалулей йигелъул, гьелъ гьарилари­щин жиндие уколал. Гьединго жий гьедигIан кутакалда унтун гьечIин, жиндасаги захIматал чагIазул цIун ругин гъора палатаби, гьездаса унти жиндеги бахине бегьулила.

 

ТIадежоялъе гьуърузул КТ-сурат бахъун хадуб цо тохтуралъ гьелда малъун буго реамбериналъул капель­ницаби гьарейилан. Амма гьелъие гьеб гьабизе бегьулеб букIун гьечIо (пневмония бугел чагIазул гьуърулъе дагьабги лъим бакIарулеб рагIула ре­амбериналъ).

 

 

Валлагь, ясалъги гьабунаха гьел­да хадуб кутакалда хъулухъ. Амма, гъоб диабет букIиналъ, йорчIизе кIвечIо гьелда.

 

ЦIияб вирус букIиналъ, щиб дару гьелда данде гьабилебали лъала­рогоги хутIун ратила байбихьуда тохтурзаби. Гьединго, жалго цIуна-къаялъе ретIунеб ретIелги бихьу­леб букIинчIо гьезда тIад. Нижеца больницаялъул азбаралъурги чIун ахIулаан яцалда хадур хъулухъ гьабулел медиказде щиб-кин бу­гебан. Гордуги рагьун, гIадатиял халгIатазда гъорлъ раккулаан гьел къватIире. Вай, нужер форма киб бу­гебан ахIулаан дица…

 

Гьанжени киназего щвечIищха гьел комбинезоналги очкабиги. Доб мехалда рукIинчIо гьел.

 

 

… Гъоркьгоги загIипай мун гьан­же гьаб хIинкъи цIикIкIараб мехалда хIалтIуде яхъинчIониги бегьулари­щин чIолаан дун гьелда. Дунги дир росги хIалтIулел гьечIин, ниж ракъ­ун хутIун гьечIо гурищилан. Гьеб мехалда лъугьунаан гьей мун медик гурелъул, дуда бичIчIуларин гъоба (больницаялда) бугеб хIал. Жийги инчIони, цогидалги рокъор чIани, унтараз щибила гьабизе бугеб.

 

Амма жийго гьедин хIалтIизе аниги, ниж цIунизеги хIаракат бахъ­улаан. Дун росулъ йиго унтарав ва­цасе хъулухъги гьабун. Гьединлъи­дал жиндихъе ячIине ккеларила, мун вацасда аскIой къваригIунила, эбелалъухъеги тIаде-гъоркье щвезе кколила. КъваригIани, телефоналъ ахIаниги гIелила.

 

Унти тIибитIизе байбихьараб за­маналда гьелъ гIагарлъиялъухъе битIараб аудиоги буго вацапалда цIунун. Гьениб гьелъ ракIунтун би­цунеб буго больницабазда бугеб хIалалъул, гьарулеб буго къватIире рахъинчIого чIайин.

 

 

Нижер нусги йиго гьебго больни­цаялда хIалтIулей. Гьелъ бицунаан, реанимациялда хIалтIулеб мехал­да, гьенив щив хваниги, гIодойги йикIун, гьезул гIагарлъиялда цадахъ гIодулаанила гьей. Жал ругьунлъун рукIанила гьелде.

 

Кутакалда ракI лъикIай, кьибил-тухумалда, хъизаналда хадуй холей гIадан йикIана мунагьал чурад.

 

КватIичIого кIиго лъагIел бала нижер эмен хваралдаса. Гьеб­ги захIмалъун букIана гьелъие. Лъабавго вацасул цояв – бищун гьитIинав -вуго гьабсагIаталда горбол гьодги бекун. Гьесда хадуб­ги ракI унтун йикIана гьей. Вацасе щвечIого, жинцаго кванан жо эхебе унарилан абулаан гьелъ. Рес ккан­щинахъе росулъе гьесде яккизеги ячIунаан.

 

 

Унго-унголъунги гьеб хIалтIуе йижарай гIадан йикIана гьей, больницаялда хIалтIизе гьитIинаб къоялдасаго анищги бугей. Гьан­же гьеб анищ гьелъул ясалъ тIубалеб батила -медакадемиял­да ункъабилеб курсалда цIалулей йиго гьей.