Гъизилюрталдаги ракIалде щвезаруна бахIарзал

Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тIубаялъул хIурматалда тадбир тIобитIана Гъизилюрт шагьаралъул администрациялдаги.
 

Гъизилюрталъул Херазул советалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаевас ракIалде щвезаруна шагьаралъул №7 школалда жиндаго цере цIалулел рукIарал ва хадур Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго чIварал ХIасрат ХIасратовги Александр Шапошниковги.
Гъизилюрталдаса кинавниги 11 гIолохъанчи чIван вуго Афгъанистаналда. Гьезул цIарал хъван руго Гъизилюрталъул «Афгъаналъулазул ахикь» бугеб мармаралъул хъорщода. Жакъа шагьаралда чIаго вуго Афгъанистаналъул рагъул 77 ветеран.
Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул цIалдохъабаз бицана 1983 соналъул 16 маялда Афгъанистаналда чIварав НухIудин ХIажиевасул хIакъалъулъ.
Жиндирго рагъулав гьалмагъ-ги хвасар гьавун, минаялда тIа-деги ккун, хун вуго гьев. Жакъа НухIудинил цIар кьун буго гьев цIа-лараб росдал школалъе, гьенибго рагьун буго гьесул цIаралда музейги.
Абадиялъго жидерго цIарал мармар гьецIоялда хъварал Гъизилюрталдаса гIолохъаби ккола МухIамадхIабиб Темиев, ГIабдулвагьаб Юсупов, ГIибайдула Гьиматов, ГIумар ХIасанов, Назирдин Салимханов, Россиялъул БахIарчи НухIудин ХIажиев, Алхан Капаров, ХIасрат ХIасратов, Александр Шапошников, АхIмадула Гунашев ва ГIусман МухIамадов.
Гьединал данделъабазда кидаго гIахьаллъи гьабула ХIасратов ХIасратил эбел-инсуцаги. ХIасрат гьавуна 1965 соналда МахIачхъалаялда. Афгъанистаналде гьев ккана Саратовалъул юридикияб институталда цIалулев вукIаго армиялде ахIун хадув, 1984 соналда. ЧIвана 1986 соналъул январалда.
Гьенибго Гъизилюрт шагьара-лъул мэр Малик ПатахIовас «Болъихъ районалда рагъ ккаралдаса 20 сон тIубаялъул» медаль кьуна шагьаралъул собраниялъул депутат ХIажи Биярслановасе. Гьеб щвана 1999 соналъ хъачагъал нахъчIвазелъун гIуцIараб милициялъул къокъаялда гъорлъ вукIарав полициялъул полковник Абакар ГIабдулкъадировасеги.
Баркалаялъул кагъат кьуна гьеб тадбир бачарай №2 школалъул директор, шагьаралъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил Азипат Шагьрудиновалъеги.
Шагьаралъул Маданияталъул рукъалъул церехъабаз ва школлъималаз концерталъулаб программаги хIадурун батана ветераназе.