Азербайжаналдаса гьалбал

Мадугьаллъи

 

28 июналда Азербайжаналдаса Дагъистаналде бачIана, Кавказалъул бусурбабазул управлениялъул председатель Шейхул-Ислам ХIажи Аллагьшукюр Гуммет огъли Паша-задел нухмалъиялда гъоркь кIудияб делегация. Гьелдаго гьоркьов вуго Азербайжан республикаялъул парламенталъул нухмалъулев Октай Сабирогъли Асадовги.
МахIачхъалаялъул «Уйташ» аэропорталда хIурматиял гьалбадерида дандчIвай гьабуна республикаялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас, РФялъул Федерациялъул Советалъул председателалъул заместитель Иляс ГIумахановас, хIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас, диниял гIуцIабазул ишазул рахъалъ комитеталъул председатель МухIамад ГIабдурахIмановас ва ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад Кахаевас.
Аэропорталдасаго гьел киналго цадахъ ана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, машгьурав политикияв хIаракатчи ГIазиз ГIалиевасе бараб памятникалъухъе ва гьениб тIобитIана гьев ракIалдещвезавиялъул хIурматалда гьитIинабго дандеруссин.
Гьелдаса хадуб гьалбал щвана ДРялъул муфтияталде, ва республикаялъул муфтиясул кумекчи МухIамад МухIамадовас гьезие къокъго бицана гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъги, бихьизабуна муфтият жаниб хIебтIун бугеб минаги.
Азербайжаналдаса хIурматиял гьалбал нилъехъе рачIиналъе аслияб гIилла буго пачалихъиявгун жамгIияв хIаракатчи МухIамад-Салам ГIумаханов гьавуралдаса 100 сон тIубаялъул исана тIобитIулеб бугеб тадбиралда гIахьаллъи.