Гъарачай-Черкесиялдаги кIодо гьаюна Фазу ГIалиева

 

 

Гъарачай-Черкесиялъул культураялъулгун искусствабазул колледжалъгун Байрамуковалъул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялъ

кIодо гьабуна 100 соналъ цебе гьеб республика гIуцIиги ДРялъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубайги.

Библиотекаялъул залалда лъун рукIана шагIиралъул сураталги тIахьалги.

Студентазгун преподавательзабаз рикIкIана гьелъул кучIдул. Цинги Абазиназул театралъул артистка Людмила Хужевалъ магIарул мацIалда ахIана Фазуца хъвараб кечI.

Дагъистаналъул хIакъалъулъ цогидаз хъварал кучIдул ахIана колледжалъул студентазгун гьезул преподаватель Дина Дауровалъ. Гьединго нугъаязул кочIохъан Майя Рамазановалъ ахIана Расул ХIамзатовасул «Къункъраби».

КIиябго республикаялда гьоркьор культуриялги, диниялги, миллиялги бухьенал щулалъиялъе лъураб бутIаялъухъ шапакъатал кьуна КЧРалда вугев ДРялъул хIукуматалъул официалияв вакил МухIамад МухIамадовас.

Масала, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ

министерствоялъул ХIурматияб гIаламат кьуна КЧРалъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, рехсараб колледжалъул отделениязул заведующая Зарема (Таисия) Кардановалъе, Карачаевскиялъул «Водоканалалъул» генералияв директор, меценат Жашарбек Кочкаровасе.

КЧРалда бугеб ДРялъул официалияб вакиллъигун цадахъ рекъон хIалтIаралъухъ нилъер республикаялъул министерствоялъ Баркалаялъул кагъат кьуна «Карачаево-Черкесия» ГТРКялъул корреспондент Зарема Кардановалъеги.

«Дица абула Дагъистанги дир кIиабилеб ватIан кколин, дунги дагъистанияй кколилан. АнцI-анцI сон аниги, тIезе течIо дица курсцоязулгун бухьен. Лъала гьезул щивасул рокъоб бугеб ахIвал-хIалги. Маргьабалъ гIадаб, гIажаибго берцинаб тIабигIаталъ гуребги, дие кутакалда асар гьабла жалго дагъистаниязги. Гьанжеги Дагъистаналъул официалияб вакиллъи сабаблъун дир гIагараб ватIаналъулгун бухьен къотIулеб гьечIолъиялдаса кутакалда йохарайги чIухIарайги йиго дун. Нижер гьанив вугев вакил МухIамадги вуго цIакъ жиндирго миллатги гьелда хурханщинабги бокьулев чи. Гьелъие гIоло гьес гьарулелщинал тадбиразул бицун хIалкIоларо.

Ахиралдаги дие бокьун буго Расул ХIамзатовасул рагIаби ракIалде щвезаризе:

«Гьал дир орденалги дир медалалги

Дица дир мугIрузул каранда рала,

Дий щибго кIваричIо, гIагараб тIалъи,

Дуца лъураб тIагъур гIун буго дие», — ян бицана З. Кардановалъ

«ХIакъикъат» газеталъе.

Гьелъул рагIабазда рекъон, Фазу ГIалиевалда хурхун колледжалда гьабураб тадбир ккола лъагIел байбихьаралдаса нахъего гьез тIоритIарал батIи-батIиял тадбиразул цо гIаммаб хIасиллъун – студентал гIахьаллъун руго Фазул кучIдул рикIкIиналъул, ахIиялъул, творческиял макъалабазул конкурсазда.

З. ХIажиева