БахIарзазул цIарал цIунила рекIелъ

Сергей Меликовас шапакъатал кьуна

 

2017 соналъул 17 июналда Табасаран районалъул Ерси росдада гIагарлъухъ хасаб операция тIобитIулаго, къадаралде щвана Росгвардиялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул ОМОНалъул хIалтIухъаби. Гьезул гIагарал чагIазухъе шапакъатал кьуна РФялъул Миллияб гвардиялъул федералияб хъулухъалъул директор – РФялъул Миллияб гвардиялъул бетIерав командующий, генерал-полковник Сергей Меликовас.
Гьеб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.
«Нилъедаса ратIалъулел руго лъикIаздаса лъикIал. Гьезул мисалалда куцалеб буго гIолеб гIел. Дагъистаниязе, россиялъулазего гIадин, хасиятаб буго гIаданлъи, кумекалъе рахъине хIадурал рукIин, ватIан бокьи. Нилъер бахIарзазул бихьинчилъиялъ рес кьуна республикаялъул гIумру лъикIаб рахъалде хисизабизе, хасго хIинкъи гьечIолъи чIезабизе. Нилъеда тIадаб буго бахIарзазул адаб гьабизеги гьел кидаго рекIелъ цIунизеги», — ян бицана Владимир Васильевас.
Генерал-полковник Сергей Меликовас абуна нилъ налъулал ругин ватIаналъе гIоло гIумру кьурал гIолохъабазда цере. «Баркала буго жакъаги низам цIунизе къеркьолел хIалтIухъабазе. Нужер хIаракаталъул хIасил бихьулеб буго киназдаго: цогидал регионаздаго гIадин, парахатаб гIумру буго гьаниб. Жакъа хасго бицине бокьун буго парахалъи цIунулаго гIумру кьурал бахIарчиял дагъистаниязул хIакъалъулъ», — ан бицана Меликовас.
Гьес Бихьинчилъиялъул орденал кьуна полициялъул кIудияв прапорщик Султан Абакаровасул лъади Лейла Абакаровалъухъеги, полициялъул кIудияв сержант ХIалалмухIамад Къурбановасул эбел Зайнаб ТIагьировалъухъеги, полициялъул кIудияв сержант ТIагьир ХIасбулатовасул лъади Зулпият ХIасбулатовалъухъеги, полициялъул прапорщик Бийсолтан ХIайбулаевасул вац Темирсултан ХIайбулаевасухъеги.
Шапакъатал кьуна Дагъистаналъул Рос­гвар­диялъул управлениялъул хIал­тIухъабазеги. ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIама­довасеги кьуна «Рагъулаб цолъиялъухъ» абураб медаль.

ДРялъул бетIерасулги
ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ

Дагъистаниязул
хIакъалъулъ фильм
Владимир Васильев дандчIвана Волгоград областалъул
губернатор Андрей Бочаровгун

Андрей Бочаровасда цадахъ Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул МВДялъул Волгоград областалда бугеб БетIераб управлениялъул начальник, полициялъул генерал-лейтенант Александр Кравченкоги. Гьелгун дандчIвана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовги.
Владимир Васильевас бицана гIадамазул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул мурадалда республикаялда гьарулел ругел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьес ракIалдещвезабуна Волгоградалда бахъулеб бугеб Сталинград цIунарал дагъистаниязул хIакъалъулъ фильмги. Гьеб къватIибе бачIине буго ичIабилеб маялде. «Нижее кIудияб кIвар буго гьелъул. Хьулги буго гьелъухъ цадахъ балагьизе рес щвелин абураб. Республикаялъул халкъалдаги бихьизе буго нужеца хIакъикъаталдаги къимат гьабулеблъи нижер бахIарчиял ракьцоязул», — ан бицана гьес.
ЛъикIаб хIужалъун Васильевас рехсана промышленность цебетIезабиялъул рахъалъ Волгоград областалъул губернаторасул заместительлъун дагъистанияв вукIинги. Андрей Бочаровас Васильевасе баркала кьуна, Дагъистаналда хъулухъ гьабулел низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе лъикIал шартIал чIезариялъухъ.

РекIелгъеялъул центразде сапар
ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас халгьабуна цIа ккеялдаса цIуниялъул мурадалда гьабураб хIадурлъиялъул

Республикаялъул нухмалъулесда цадахъ рукIана РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб БетIераб управлениялъулги дармил центразулги нухмалъулел. Гьел щвана «Этажи» ва «Сити» абурал центразде.
Владимир Васильевас ракIалдещвезабуна Кемерово шагьаралда ккараб балагь ва абуна гьединаб пашманаб къо нилъедеги щунгутIиялъул мурадалда хIажатал тадбирал цере­ккунго гьаризе кколин. «Цо-цоязда бичIчIулеб гьечIо жидедаго тIадаб жавабчилъи. Дармилгун рекIелгъеялъул центразул бетIергьабаз абулеб буго, жидеца гуреб, жидехъа ижараялъе тукаби росарал гIадамаз хвезабулеб бугин гIадлуян. Киназдаго бихьана Кемеровоялда ккараб жо. ХIасил – дармил централъул хважаин жанив тIамуна. Гьединлъидал щибаб централъул бетIергьанасда лъазе ккола жавабчилъи жиндаго тIадаб букIин», — ан бицана гьес.
Республикаялъул нухмалъулес абу­на кватIичIого халгьабиял рукIине ругин киналго дармил центразда. «ЦIа ккеялдаса цIуниялъул низамалъул халгьабулеб мехалда, бизнесчагIазухъа хIажат гьечIониги гIакIа бахъунгутIиялъул мурадалда, нужеца тIасарище пуланал гIадамал. Гьел хьва­дизе руго халгьабиялъул комиссиялда цадахъ щибаб дармил централде. ГIунгутIаби гIемер руго. ГIадамазда лъалеб гьечIо огнетушитель хIалтIизабизе, нагагь балагь ккани, гьелдаса жалго цIунизелъун кирехун ва кисан ине кколебали. Цо-цо бакIаз­да къан руго запасалъе тарал нухал – дармие зарал гьабулинги абун», — ан бицана гьес.
Сапаралъул хIасилал гьес гьаруна, журналистазул суалазе жавабал кьолаго. «Ниж щварал центразул хIалтIухъабазда лъалеб батана огнетушитель бугеб бакIги гьеб хIалтIизабизеги. ЦIа свинабулел алаталги руго, гьел жагъаллъунги гьечIо. Запасалъе тарал нухалги хIалтIулел руго», — ян абуна Васильевас. Гьес лъазабуна Европаялъул Чемпионаталде дармилгун рекIелгъеялъул центразда сверухъ бакIазда рацIцIалъи букIине кколинги.